Киса бачIараб?

Бусурбабазул бищун хирияб ва тӀадегӀанаб, къадру цӀикӀкӀараб байрамлъун ккола Мавлид, жинда Аллагьасул салат салам лъеяв МухӀамад авараг кӀодо гьавулеб къо. ГӀараб мацӀалъул мавлид абураб рагIияльул магӀна буго гьавураб бакӀ, гьавураб сон абураб. Гьединлъидал гьеб байрамги ккола авараг гьавураб къо. Гьев гьавураб къо мухӀканго, баянго чӀчӀезабизе кӀун гьечӀелъул, гьеб къолъун тун буго гьев хвараб къо – 632 соналъул РабигӀул авалалъул анцӀила кӀиабилеб. Ругел баяназда рекъон тӀоцебе Мавлид гьабун буго нилъер тарихалъул 1207 соналъ Музаффар ад-дин Кёкбюри абулев гӀалимас. Месопотамиялда букIараб Ирбил абураб шагьаралда. Амма цинтӀаго гуро Мавлид киназего хирияб байрамлъун лъугьараб. Байбихьуда машгьурал гӀалимзабаз абулеб букӀана гьеб диналде данде кколареб бидгӀа бугилан, бугониги гьелъул къисматги, машгъурлъиги, тӀадегӀанлъиги цӀцӀикӀкӀана ва XVI–XVII гӀасрабазул гӀорхъода ГIусманиязул улкаялда гьеб жамгӀияб байрам хӀисабалда тасдикъ гьабуна, гьединаблъун гьеб лъугьана тӀолго бусурбабазеги. Гъеб хирияб къоялъ байрамалде данделъаразе цӀалула авараг кӀодо гьарурал, гьесие рецц-бакъ гьарурал назмаби-мавлидал. Гьезул кьучӀчӀлъун лъугьун руго аварагасул гӀумру, гьесул гъайбатал ва бахӀарчиял ишал, гӀажаибал лъугьа-бахъинал, гьесул камилаб сипат. Гьел гӀаммал баяназул кьучӀалда жидерго мацӀцӀалда Мавлидал гӀуцӀцӀизе хӀаракат бахъулеб букӀана тӀолалго бусурбан диналъул миллатазул гьунар ва лъай бугел гӀалимзабаз, гьезда гьоркьор рукӀана гьай-гьай магӀарулалги.

МагIарулазда гьоркьоб тIибитIи

Миякьоса ГӀадул вас ГӀумар-ХӀажица хъвана камилаб ва гӀатӀидаб, кӀудияб къасидат – «Аварагзабазул къиса». Адам аварагасдаса байбихьун, цонигияв гьоркьов виччачӀого, гьес хъвана киналго аварагзабазул гӀумруялъул, динияб хIаракатчилъиялъул хӀакъалъулъ. Асаралъул ахиралда жинда Алагьасул салат-салам лъеяв МухӀамад аварагасул бицунаго, гьес хъвалеб буго жинца гьесул гӀумруялъул хӀакъалъулъ нахъеги гӀатӀидго, гъваридго хъвазе бугилан. Гьес жиндирго анищ гӀумруялде бахъинабуна. Хадусел саназ хъвана кӀудияб, камилаб Мавлид, гьеб гьесул цӀаралда гъоркь халкъалда гьоркьоб загьирлъана. Гьелдаса хадубги ГӀумархӀажица хъвана гьайбатаб кӀиго асар «МугӀжизат ан-наби» – аварагасул гӀаламатал ва «МигӀрадж ан-наби» – зобалазде авараг воржин. Гьел асаразул пасихӀлъиялъулги, рагӀул гогьаралъулги магӀнаялъул кIудияб даража буго. Назму чваххун бачӀуна бацӀцӀадаб иццул лълъим гӀадин. Гьесул мисалалда хадур рилълъун, гьесул жигарчилъи гьоркьоса къотӀизе течӀого, хъвана мавлидал машгьурал гӀалимзаби-шагӀирзабаз. Камилаб ва гъваридаб мавлид хъвана Щуланиса Абу-Исхакъил вас ИсмагӀилица, «Мавлид ал-акбар» кӀудияб Мавлидин цӀцӀар лъуна жиндирго гьайбатаб асаралда гьес. Гьигьалъа ГъазимухIаммадил вас МухӀамадица, «Мавлид ал-акбар» – кӀудияб мавлид гӀуцӀцӀана, ЧӀаралдаса Малла-МухӀаммадил вас Малла-ХӀасаница, гьебго цӀцӀаралда гъоркь хъвана цӀияб мавлид. Гьединал асарал хъваразул сияхӀалда гъорлъе рачине мустакӀикъал руго Иихоса ГӀалихӀажиясул, Игьалиса ГъанцӀил, ГӀахӀалчӀиса МуртазагӀалихӀажиясул, ГӀуриса ГъазимухӀамадил цӀцӀарал. Гьел Мавлидазул халкъалъе хиралъиялъе, гьезда гьоркьоб машгьурлъиялъе нугӀлъи гьабула, гьезул щибаб батӀа-батӀагоги, яги данде гьарурал мажмугӀаздаги чанго нухалъ, кӀудияб къадаралда басмаялде рахъун рукӀиналъ. КигӀан гӀемер гьел къватӀире риччаниги, согӀаб заманаялъ гьезул лъалкӀ тӀагӀинабуна, нахъе цӀунизе кӀвана нагагьал тӀахьал [1].


Примечания хисизабизе

  1. ГӀободаса ХӀайбуласул МухӀамадил вас Сиражудин. Мавлидал. МахIачхъала, 1992. Б. I. Гь. 3-4