Малаик (гIараб мацIалда ملاك)

Hugo Simberg, 1903.

ЦIарцIар ккун малаикзабазда ракI кин чIезабилеб. Дуца ракI чIезабизе ккола Аллагьасул гьал хадур рехсарал малаикзаби рукIиналда. Жабраил – вахIюгун вачIунев; Микаил – ризкъаби рикьулев; Исрапил – Суралъе пулев; ГIизраил – рухIал росулев. Гьал руго чIахIиял малаикзаби. Гьединго ракI чIезабизе ккола, инсанасул гIамал хъвалел Ракъиб-ГIатид, хабалъ хIисабсуал гьабулел Мункар-Накир, алжанжужахI хьихьизе тарал, ГIаршалда сверун тIаваф гьабулел, ГIарш баччулел ва гьел гурелги цогидал малаикзаби рукIиналдаги.

Дуда малаикзаби рукIин сундалъун лъалеб? Гьел рукIин лъала КъуръанхIадисалъ бицун, Къуръан-хIадисалда хIакъаб гурого жо букIунарелъул. [1]

Бадруялъул гъазаваталда загьирлъана чIахIиял мугIжизатал. Хирияв аварагас (жинда ссалат-салам лъеяв) цебесеб къоялъго рихьизаруна мушрикунал чIвазе ругел бакIал, бусурбабазе бергьенлъи щвезе бугиланги бицана; БетIергьанас азарго малаикги витIун бусурбабазе квербакъана; асхIабзабазда жидеца кьабилалде чанги капурчиясул бетIер тIаса къотIулеб бихьана, ай малаикзабаз кьабун ва гь.ц. Бусурбабазул дугIаялъе жавабги гьабун, тIоцебесеб хIалбихьиялда аскIоб, лъабго нухалъ капурзабаздаса дагьал ругел бусурбабазе, гIицIго гьезул ракI парахалъизе рещтIинарурал малаикзаби. Щайгурелъул бергьенлъи Аллагьас кьола, малаикзаби – сабабал ккола, бергьенлъи букIинабизе гьезда жидедаго кIоларо. [2]

Примечания

хисизабизе
  1. ^ КъурамухIаммад-хIажи Рамазанов, ФАРЗ / ХIакъаб диналъул лъазе кколеб чара гьечIеб къадар, МахIачхъала 2006 (хвараб регӀел)
  2. ^ Бадруялъул дарсал