Мах (ма́хил, ма́хал) — Махилал (Betulaceae) хъизамулIе унел тIабортулел гъутIбузулги хъархъазулги сибтI. ГIатIидго мах тIибитIун буго Шималияб гьемисфералда; Россиялъул ракьазда буго гьеб бищун гIемер. ГIаммго букIине бегьула нусго яги гьелдаса цодагьалъ цIикIкIун регIал. ГIемерисел махил регIал тIиритIун ун руго, гьел ккола рохьлIугьинабулеб жадаб брид (гIур.: порода).

Гендерил Щугъи бакъбаккул рахъалда бугеб гохIида мах


Махил бутIаби хIалтIизарула къайи-цIелI: цIул, макъар, махистIа (махил макърал тIасияб тIала), махил лъинча. ТIаби ги тIанхал медициналда хIалтIизарула: тIанхазулги тIабазулги релъ гьекъола бактериял чIвавуе, кIващтIагIуе, ругънал ракъвавуе, цIа нахъекьабуе, цинги махил тIабазул экстракт хIалтIизабула тIомол лъилъуе. Цо-цо махил регIал хIалтIизарула хурзалцIунуе гIоло, цинги декоративияб ахихъанлъулI.

Цо-цо миллатазул културазда (славазул, скандинавал, финно-угорал) махие кьола аслияб мес.

Этимология хисизабизе

Латинаб сибтIулаб цIар галл мацIалдаса (хвараб келтазул мацI) бачIараб ккола.

Авараб «мах» абураб рагIи лIугьана инскавказияб *mħĕrqwĕ ( ~ -ʕ-, -ɨ̆) кьолболIан (гьенисанго рачIана лак. мархъ «тIохокь лъолел хIубал», дарг. махъ, дарг. чирахъ. махъв «мах, махигъветI», таб. мурхлун гьар, криз., будух. мерх «мах, махигъветI»).