МацӀазул генетикияб классификация

МацІазул генетикияб классификация» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

МацІазул генетикияб классификация ккола дунялалда ругел мацІазул, жидер лъугьиналдаги, жидеда гаргадулел халкъазул лъугьиналдаги, цогидал мацІазулгун бугеб бухьеналдаги рекъон гьабураб хасаб классификация.

Ракьалда ругел мацІазул хъизаназул рикьи

Дунялалда буго чанго азарго мацІ. Машгьурал ва тІиритІарал справочниказде росула гІицІго гьанже ругел мацІал (ай чІагоял ва дагьалъ церегІан хварал мацІал). Ethnologue-ялъул баяназда рекъон, 2018 соналда бугеб хІалалда, гьанжесел мацІазул къадар буго 7 азарго,[1] Лингвосфераялъул реестралда (инг.) рекъон — 4994[2]. Гьел мацІазул гІемерисел цолъизарула хъизаназде, цо-цо мацІал рикІкІуна ратІа тІураллъун (ай цохІо гурони мацІ гьечІел хъизаналда) ялъуни классификация гьаричІел.

МацІазул хъизанлъун рикІкІуна мацІазул генетиякияб цолъи, жиндир, масала, индоевропаялъул мацІазул гІадаб даражаги гъварилъиги, ай гІага-шагарго 6–7 аз. соналъ цебе батІи-батІиял мацІазде биххараб. Цо-цо мацІазул хъизаналин абулел ратула дагьаги гъваридал цолъияллъун, масала кушит мацІал, австронезиялъул мацІал. Гьезде абула тІадхъизанилан.

Кинабниги буго гІага-шагарго 420 мацІазул хъизан[3], 100-ялдаса цІикІкІун изолят ва 100-ялдаса цІикІкІун классификация гьечІелмацІал. Хъизанал цо-цо цолъизарула дагьабги кІудияб даражаялъул цолъалабазде — макрохъизаназде (филал, инг. phylum), амма жакъа къоялъ гьезул гІемерисл рукІин ккола гІицІго гІелмияб гипотезалъун, жал рукІин тасдикъ гьабзе кколел. КьучІаб далил буго цохІо ностратикиял ва афразиялъул макрохъизанал рукІиналъул теориялъул.

Географиялъулаб классификация хисизабизе

МацІазул хъизаналъул къадаралъе классификация гьабизе бищщун санагІатаб буго генетикияб гуреб, географиялъулаб — материказда ва континентазада рекъон, мацІазул хъизаназул гІурхъаби физикиял гІурхъабазде данде ккечІониги.

Генетикияб батІалъи цо ккураб гьечІо батІи-батІиял регионазул.

  1. Евразия: кинабниги 21 хъизан, 4 изолят ва 12 классификация гьечІеб мацІ.
  2. Африка ва Жанубияб-бакътІерхьул Азия: кинабниги 28 хъизан, 10 изолят ва 10 классификация гьечІеб мацІ.
  3. Океания: «папуассазул» ва австралиялъулал мацІал: кинабниги 100 хъизан ва 32 изолят.
  4. Шималияб Америка (гьелдаго цадахъ Мезоамерика): кинабниги 42 хъизан, 28 изолят ва 6 классификация гьечІеб мацІ.
  5. Жанубияб Америка: ахирисел баяназда рекъон буго кинабниги 55 хъизан, 43 изолят ва 77 классификация гьечІеб мацІ.

† знакалдалъун рихьзарун руго хварал мацІал, хъизанал, мацІазул тІелал. {Фигуриял} скобкабазда жаниб бихьизабун буго мацІазул къадар.

Евразия хисизабизе

Хадусеб 2 хъизаналде Кавказалъул мацІалин абула (генетикияб гуреб цолъи)

НекІсиял мацІал:

Африка ва Жанубияб-бакътІерхьул Азия хисизабизе

Океания хисизабизе

Шималияб Америка хисизабизе

Жанубияб Америка хисизабизе

Журарал ва хурхарал мацІал хисизабизе

Цо-цо макрохъизанал хисизабизе

Гьел мкрохъизанал рукІин тІубан чІезабун гьечІо гІалимзабаз.

Балагье гьединго хисизабизе


  Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.

Баянал хисизабизе

Адабият хисизабизе

МугъчІваял хисизабизе

  1. Халип:Cite web 2
  2. Сравнение генетического разнообразия мацІов мира
  3. Lyle Campbell. Historical Linguistics. An Introduction. — Edinburgh: University Press, 2013. — P. 139.