МочӀохъ хӀор

Хунзахъ мухъалда бугеб мугӀрул хӀор

МочӀохъ-хӀор[2][3] ккола МочӀохъ-лъаралда[2] ччукӀелалъ сангар гьабун лӀугьараб, ралъдал гьумералдаса 1632 метралъул борхалъуда бугеб мугӀрузулаб хӀор. Буго Дагъистаналъул Хунзахъ мухъалъул хьундасеб-бакътӀерхьул рахъалда, МочӀохъ росдада аскӀоб.

ЧчукӀелалдалъун лӀугьараб
МочӀохъ хӀор
Морфометрия
Абосютияб борхалъи1632 м
ГӀатӀилъи0,32 км²
Куб-роцен0,008 км³
Максималияб гъварилъи60 м
Гьоркьохъеб гъварилъи20–30 м
Гидрология
Минерализациялъул тайпаБацӀцӀадаб 
ЦӀамгӀаллъи0,01 ‰
ТӀокӀкӀен3 м
ХӀавуз
ХӀавузалъул гӀатӀилъи320 км²
Лъел системаСулахъалъул система
Локация
42°37′41″ ш. гӀ. 46°37′31″ бб. х.HGЯO
Пачалихъ
РФялъул субъектДагъистан
РайонХунзахъ мухъ
Россия
ТӀанкӀ
МочӀохъ хӀор
Дагъистан
ТӀанкӀ
МочӀохъ хӀор
Идентификаторал
ПЛъР: 07030000111199000000010[1]
 Медиафайлал Викигъамасалда

ХӀор лӀугьана 1963 соналъ. Гьеб ккола регионалияб кӀвар бугеб рижалилаб гӀараслъун.[4]

География

хисизабизе

Бугеб бакӀ ва координатал

хисизабизе

МочӀохъ хӀор буго Жанисел мугӀрузул Дагъистаналъул Хунзахъ мухъалда, ТӀанусдерил (бакъдасеб рахъ) ва ХачтӀа балазда гьоркьоб, ралъдал гьумералдаса 1632,6 м борхалъуда.[5][2] ХӀоралда аскӀоб бакътӀерхьул рахъалда буго МочӀохъ росу.

МочӀохъ хӀоралъул гӀорхъабазул руго хадусел кординатал:

  • хьундасеб-бакътӀерхьул рахъ — 42°37'55" хь.гӀ. 46°37'17" бб.х.
  • бакъдасеб-бакъбаккул рахъ 42°37'25" хь.гӀ. 46°37'57" бб.х.
  • хӀоралъул бакьулӀ бакӀалъул координатал — 42°37'41" хь.гӀ., 46°37'31" бб.х.

Морфометрияб куц-мухъ

хисизабизе

МочӀохъ хӀор ккола ччукӀелалдалъун лӀугьараб лъим чӀараб бакӀлъун. Гьелъул халалъи буго 1250 м, гӀеблъи бахуна 500 метралде,[5] акваториялъул гӀатӀилъиялъ ккола гӀ.-ш. 32 га.[5] ХӀорил гьоркьохъеб гъварилъи буго 20–30 м, бищун цӀикӀкӀараб гъварилъи — 60 м, эбги ккола хӀорил хьундасеб рахъалде. ХӀорил лълъел роккел бахуна 8 млн. м³.[5] Лъим чӀараб бакӀалъул буго лъикӀаб лъел-хьвади, ай жанибеги жанисаги лъим чвахула. Лъим буго бацӀадаб, гьекъезе бегьулеб, гьелъул тӀокӀкӀен бахуна 3 метралдеги.

ХӀорил рагӀаллъаби гӀемерисел руго цӀикӀкӀараб гьетӀи гьечӀел ва рагьарал, хьундасеб рахъалда бугеб балада цун букӀиналъ, гьениб бугеб рагӀаллъул цо бутӀа буго цӀикӀкӀараб гьетӀи бугеб.

ЛъагӀалил гӀазу-цӀадал гьоркьохъеб къадар буго 550–600 мм, гӀемерисеб цӀад бала лъагӀалил хинаб мехалда. Гьавадул лъагӀалил гьоркьохъеб температура букӀуна гӀ-ш. +6°С, хинаб мехалъул гьоркьохъеб температура — 11,5°С, квачараб мехалъул — -1,3°С. Бищун квачараб моцӀлъун ккола январ, жиндир моцӀил гьоркьохъеб температура — -4,4°С. Бищун хинаблъун ккола юл моцӀ, жиндир гьоркьохъеб температура +16,1°С бугеб. Хинлъи-квачал абсолютияб максимум ккола +36°С, минимум — -27°С. ХӀортӀа сверун ругел бакӀазтӀа гӀазу чӀола 80 яги гьелдаса цӀикӀкӀун къоца.[6] Жибго хӀортӀа хасало чӀвала биццатаб цӀер.[7]

 
МочӀохъ хӀорил цӀер, 2019 сон

Декабр моцӀалъул байбихьудаса хӀоритӀа цӀер чӀвазе байбихьула, гьелъ бацула тӀубараб хӀор, ва гьеб хутӀула март моцӀ щвезегӀанги. Квачалде балагьун, цӀорол бицалъи бахине бегьула 50 сантиметралдеги, гьоркьохъеб биццалъиӀул цӀороца хӀехьола тӀаде рачарал машинабиги гӀадамалги. ХӀоритӀа цӀер букӀуна бацӀцӀадаб, рагӀаллъудегӀан тӀинда бугеб жоги бижулеб херги бихьула. РукӀуна цо-цо цӀерги чӀвачӀел гургинккарал бакӀал, гьезул диаметр бахуна 100 см-де. БакътӀерхьун хадуб цӀорол бакӀ-бакӀалде рехула гӀурабго халалъи жидер ругел кьватӀелал, кьватӀел рехарал бакӀал цоцада цун чӀола, гьеб бакӀ цӀидасан цӀорола.

ХӀор лӀугьин

хисизабизе

МочӀохъ хӀор лӀугьана ТӀанусдерил балалъул шималияб рахъалдаса бачӀараб ччукӀел сабаблъун. ЧчукӀел лъугьиналъе гӀиллалъун лъугьана 1962-63 саназда Дагъистаналда рарал кӀудиял цӀадал. Ракь ччукӀизе байбихьана 1963 соналъул 28 октобралда, хъахӀлъи балеб гӀужалъ.[5]

ЦӀадас ХӀамзатил цӀаралда бугеб колхозлда хӀалтӀулев вукӀарав МухӀамадилазул МухӀамадица кӀудияб ччукӀел лӀугьиналъул хабар лъазабун, гьеб бакӀалде бачӀана пачалихъияб комиссия. Гьелъул хӀукмуялда рекъон, МочӀохъ росдал гӀадамазул эвакуация гьабуна.

БакӀалъулги лӀугьун бахъунеб сангаралъулги хал-шал гьабурал гӀалимзабаз чӀезабуна ччукӀел лӀугьиналъе гӀиллалъун гӀемер рарал цӀадал рукӀин. Хадусеб микьго къоялъ ракьул гӀурагӀан къадар ччукӀун унеб букӀана аскӀоб бугеб лъарал расалъуде; гьелъул хехлъи букӀана 250 м сордо-къоялда жаниб (2–3 м минуталда жаниб), къобахъанагӀан хехлъи цӀикӀкӀунеб букӀана.[8]. ЧчукӀелалъул лагадул халалъи букӀана 1,5 км, гӀеблъи — 1 километралде гӀунтӀун.[6]

ЧчукӀел гӀодобе щун чӀедал гьелъ нахъсверизабизе букӀана МочӀохъ лъар, лълъел къадар эхебе бахине букӀана, гьединлъидал тӀокӀлъараб лълъел къадар къватӀибе биччазе тадбир гьабизе кколаан. Гьединго хӀинкъи букӀана рукъзал риххизариялъеги.[8]

ЧчукӀел гӀодобе щвана микьго къоялдасан, гьеб речӀчӀана МочӀохъ росу бугеб балалӀ, кутакаб, ракьбагъараб гӀадаб гьаракьги бахъун, амма росурагӀалда букӀараб лъабго мина гурони биххизабичӀо гьелъ.[8] КӀкӀалахъ лӀугьуна кутакаб тӀабигӀияб сангар, ва гьеб лъугьараб бакӀалда ччукӀелалъул лагадул къуват бахана 100 метралде.[6]

ЧчукӀел бачӀин лъугӀидал, гӀадамал росулӀе руссине риччана. Амма тохлъукьего бачӀуна цоги хабар: хӀорниб лъел къадаралда хадуб хал кввезе тун вукӀарав Къадилазул Гьиматица хабар лъазабула лълъел къадар гӀалимзабазда абуралдаса дагьабги хехго бахунеб бугилан. Гьелъие гӀиллалъунги букӀана хӀорнире МочӀохъ-лъарал лъим гуребги, киналниги ччукӀелалдаса хадур рагьарал гӀемерал иццазул лъиналги чвахизе лӀугьин. Гьениве вачӀарав Хунзахъ мухъалъул лъалъал системаялъул идараялъул нухмалъулев Аталазул ХӀажица идараялъул инженер Шайхасулазул ТӀалхӀатгун цадахъ хал-шал гьабуна сангаралъул ва балагьула лъим къватӀибе биччазе данде кколеб бакӀ. КватӀичӀого квекуе рачӀуна Дагъистаналъул лълъел магӀишаталъул монтажгун жо-жо баялъул идараялъул специалистал. ХӀалтӀи хеко гьабизе гьенибе рехули цӀияб техника, гьелъие гӀоло гӀатӀид гьаризе ккана нухал ва цӀигьабизе ккана ччукӀелалъ хвезабун букӀараб нухлул бутӀа.

ХӀукму гьабуна лъим къватӀибе биччазе 370 метра бугеб гӀаварияб рахъ (лоток) гьабизе. Булдузераз бухъун гьабуна кӀудияб рахъ, гьенибго маххул тӀанчазул цоцаде биун-седон гьабуна лоток.

ХӀорил хал-шал гьабидал, гӀалимзабазда ратула гьениб ччугӀа гӀезабиялъе шартӀал, гьелъ ГӀанди-хӀорихъа бачун биччала масакӀччугӀа (форелд.[8]

Геология

хисизабизе

Территориялда дандчӀвала ракьазул чанго тайпа. Ругел ракьал руго мугӀрулал, гӀадатал чӀегӀеракьал, карбонатиял. Гьел рукӀуна мугӀрул мучӀдузулалгин чӀегӀерхӀалал ракьазулгун ва мугӀру гӀурдалгин карбонатиял деалкалиял ракьалгун комплексазда. Гьединго данчӀвала мугӀрул шагьбулуткьераб ракь. Эрозиялъул рахъалъ ракьал руго гьоркьохъебги къуватабги хӀалалъ гьеб лӀугьарал.[6]

ХӀорил рагӀаллъаби руго аслияб къагӀидаялъ гьетӀи дагьал ва гӀицӀал. Шималияб рахъалда хӀор цураб буго балал парсазда. Сверун бугеб аслияб гӀатӀилъи ккола субалпиял мучӀдуз.[5] ГъветӀхӀалаб гъветӀ-хер буго бакъбаккуда хӀорнибе лъар чвахзулеб бакӀалда, дандчӀвала хъахӀаб рицӀцӀ, бигьародул къанагӀатал гъутӀби ва мирикария хъарахъ.[5] Жанубияб рахъалда ругел мучӀдузда дандчӀвала мокъокъихер, бакъухер, тамало, хъахӀкьибил. ХӀоралда сверун руго лъетӀа гъвет-хер: бутихьин ва муцӀи.[5][6]

ХӀор лӀугьун хадуб гьенибе биччана ГӀанди-хӀорниса масакӀччугӀа, бакӀалъул хӀалалде хекко ругьунлъараб. Гьеб гуребги, хӀорниб аклиматизат гьарун руго сазан, укун во цогидаб ччугӀа. Амфибиязул дандчӀвала хӀорилаб, гӀурччинаб ва цӀинкахараб къверкъ. Рептилиял руго лъадал хоноборохь ва ччутазул чанго навгӀ. ХӀор бархалъуда букӀиналъ, гьенир дандчӀваларо лъел хӀанчӀчӀи, амма гӀезегӀан бечедаб бугосубалпиял мучӀдузул орнитофауна — лъелкъадако, мокъокъ, мучӀдузулаб ихдала. Сверухълъуда дандчӀвала чанахӀанчӀазул хъвек, чӀегӀераб чудук, хъахӀаб гюпс, беркъотӀ. БацӀ дандчӀвала къанагӀат. ГӀагарлъухъ ругел рохьбакӀазда ратизе бегьула болъонал. ДандчӀвала гӀондокьал.[6]

ЦӀунун ругел навгӀал

хисизабизе

Россиялъул ва Дагъистаналъул багӀараб тӀехьалде росарал рухӀчӀаголъабазул ва гъветӀ-хералъул хӀоралда ва сверунбакӀалда дандчӀвала:[6]

ХӀор ва сверун рижел цӀуни

хисизабизе

МочӀохъ хӀор гъорлӀе бачун буго Хьундасеб Кавказалъул ва Каспий регионалъул бищун кӀвар бугел лълъелалги хьуцӀазулал бакӀазул каталогалде. Гьеб данде ккола Рамсар конвенциялъул (халкъаздагьоркьосеб кӀвар буел лълъелалги хьуцӀазулал бакӀал) кӀиго критериялъе:[6]

  • I критерий: лълъелабгин хьуцӀазулаб мес, Бакъбаккул Кавказалъе жиб эталонияб ва къанагӀатаб, рижалилаб хӀалалде гӀагараб мугӀрузулаб хӀорлъун кколеб;
  • II критерий: лъелабгин хьуцӀазулаб бакӀ ва сверун бугеб территория, жидеца къанагӀатал хӀанчӀазул ва масакӀ ччугӀил бетӀербахъи кколеб.

МочӀохъ хӀор буго цӀар араб туристикияб бакӀ. Хасало гьелда тӀад чӀвараб цӀер лӀугьуна тӀабигӀияб хъещтӀолбакӀалде, гьенире рачӀуна гӀемерал туристал.[9]

Ралагье гьединго

хисизабизе

МугъчӀваял

хисизабизе
  1. ^ Ресурсы поверхностных вод СССР: Гидрологическая изученность. Т. 99.
  2. ^ a b c Картаялъул тӀамач K-38-58 Хунзахъ. Масштаб: 1 : 100 000. БакӀалъул хӀал 1983 соналде. Басма 1984 с.
  3. ^ МочӀохъ-хӀор (№ 0238779) / Дагъистаналъул Жумгьурияталъул территориялда ругел географиял объектазул цӀаразул реестр ( (16.12.2021) // Государственный каталог географических названий. rosreestr.ru.
  4. ^ "Дагестан: самая южная республика Российской Федерации". РИА Новости (in русский). 20150604T1052. Щвей 2022-01-10. {{cite web}}: Check date values in: |date= (help); Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (help)
  5. ^ a b c d e f g h "Озеро Мочох" (in русский). {{cite web}}: Unknown parameter |description= ignored (help)
  6. ^ a b c d e f g h "В соответствии с приказом Министра природных ресурсов и охраны окружающей среды Республики Дагестан от «24» 09 2007 г. №86". www.izdatgeo.ru (in русский). Архивация оригинал (2019-10-13). Щвей 2019-04-06. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (help)
  7. ^ "Куда поехать зимой в Дагестане? — Межрегиональный Информационный Ресурс Молодежи" (in русский). Щвей 2022-01-10. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (help)
  8. ^ a b c d "Огонёк" журнал, 8 январ 1964
  9. ^ "Природный каток образовался в дагестанском селе Мочох". m24.ru (in русский). Щвей 2022-01-10. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (help)

РегӀелал

хисизабизе