Мусаясул Халилбег (1897, ЧӀохъ, Гъуниб сверухълъи, Дагъистаналъул вилаят, Россиялъул империя — 1949, Нью-Йорк, АЦШ) — тӀоцевесев авар суратчи, гӀеме-гӀемерал шаклабазул, суратазул ва "Ахирисел ритарзабазул улка" абураб автобиографияб къисаялъул автор.[1]

Мусаясулас лӀугӀизабуна Бавариялъул гьунарлъиялъулаб академия. МустахӀикълъана БакътӀерхьул улкабазул гӀемерал пачалихъиял шапакъатазе; вукӀана шаклубахъиялъул академикчилъун, гӀеме-гӀемерал гьунарлъиялъулал академиязул хӀурматияв гъорлӀчи.[2]

Биография хисизабизе

Мусаясул Халилбег гьавуна 1897 соналъ Дагъистаналъул вилаяталъул Гъуниб сверухълъиялъул ЧӀохъ росулӀ, пачаясул армиялъул полковник ва сверухълъиялъул наиб Манижал Мусаясул Исрапилил хъизаналда. АнцӀго сон барав Халилбег, Эменги, гьелде щвелалде эбелги хун хадув, хутӀана кӀудиял вацазул — МухӀаммадбегил ва ГӀабдулкъагьирил — тӀалаб-агъазалда.

Гьесул сурат бахъиялде бугеб рокьиги гьунарги бичӀчана вацазда ва 1912 соналъ гьев витӀана Туплисалде; гьенив гьев лӀугьана Туплисалъул берцинал гьунарлъабазулаб школалде (Петербургалъул гьунарлъабазулаб академиялъул филиал).[3]

Туплисалда цо соналъги цӀалун, гьунаралъул мухӀканлъиги загьирлъидал, 1913 соналъ Халилбег витӀана Германиялде, гьев цӀализе лӀугьана Мюнхеналъул Къиралияб шаклубахъиялъулаб академиялде, гьенив гьев цӀалула Габриэл фон Хаклил шаклубахъиялъул классалда. Гьесул мугӀалимлъун лӀугьана жиндир цӀар арав Франц Рубо, хадуб жиндирго устрахана Халилбегие ирсалъе тарав. Мюнхеналда Халилбегил лъай-хъвай ккана гьенивго цӀалулев вукӀарав Гьитлергун; гьеб лъай-хъваялъ цӀакъ бигьа гьабуна эмиграциялъ арва Халилбегие Германиялда гӀуӀмру, жинца 1921 соналдаса 1948 соналде щвезегӀан тӀамураб.

ТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъул заманалда гьев ватӀаналде нахъвуссинавула, нухда унаго 1914 соналъул декембералда, гьев чӀана Саратовалда ва цӀалана Боголюбовасулаб суратбахъул школалда (барон Штиглицил техникияб суратбахъиялъул централияб школалъул филиал, Санкт-Петербургалда букӀараб). БагӀараб Хъанчалде хӀалтӀизе лӀугьун, 1915–1916 соназдехун гьев Саратовалдаса ккола рагъулал акциязул Кавказалъул театралде, ва щола Эриенжаналде (Турция), «санитарияб баталйоналъул кмандерасул кумекчилъун» (живго суратчиясул рагӀабазда рекъон).[4]

1916 соналдаса гӀумру гьабун вукӀана ЧӀохъ ва 1920 соналде щун Дагъистаналда суратбахъиялъул ва канлъизабул хӀалтӀи гьабулев вукӀана. 1917 соналъ гьев ана Шураялде ва Мавралазуласул басмаханаялде суратчилъун ва гӀуцӀа-кӀутӀунчилъун хӀалтӀизе лӀугьана, реалияб школаялда гьес кьолеб букӀана суратбахъул гьунарлъиялъул дарсал. 1917 соналдаса «Танг-Чолпан» журналалъе иллюстрациял гьарулаан.

1917 соналъ Халилбег гӀахьаллъана ГӀандихӀорихъ букӀараб данделъиялда, ва гьениб букӀаралъул суратги бахъана.

1919 соналъ, Владикавказалда вугеб заманалда, лъай-хъвай гьабуна хъвадарухъан Ю. Слёзкинилгун (гьелдаса хадув суратчи лӀугьана "Столовая гора" абураб романалъул бетӀерав гьероясул прототиплъун) ва М. Булгаковасулгун.

1920 соналъ гьев тӀамуна Дагъистаналъул канлъизабул халкъияб комиссариаталъул къватӀисеб лъайкьеялъулаб ва гьунарлъиялъулаб секциялъул нухмалъулевлъун (С. Габиевасул рекомендациялда рекъон). Гьебго соналъ Халилбегил лъай-хъвай ккола Нажмудин имамасулгун, гьесулгун цо идея букӀана Халилбегил.

1921 соналъ Мусаясулав ана лъайщвей давам гьабизе Совет Гуржистаналде, Туплисалде; гьеб соналъ Владикавказалда букӀана гӀуцӀун Халилбегил суратазул тӀоцебесеб гьунарлъиялъулаб цебебахъи.

1921 соналъ Халилбег цӀидасанги ана Мюнхеналде добго цӀалул бакӀалда лъайщвей давам гьабиялъе, гьенив, иццаз нугӀлъи гьабухъе, гьев цӀалана тӀадегӀанаб даражаялда.

  "Дун рикӀкӀуна мисалияв студентлъун, ва Академиялъул профессорзабаз чӀухӀун бицуна дир хӀакъалъулӀ" — илан хъвалеб буго гьес кӀудияв вацасухъе.  

1926 соналъ Халилбегица бергьенлъиялда лӀугӀана академия тӀоцебессеб макъамалда. Гьес изну гьарула совет хӀукуматалда гьесул Германиялда вукӀин жеги кӀиго соналъги халат гьабеян, амма гьесие инкар гьабула. Цинги Мусаясулас тӀаса бищула Германиялда цӀали рагӀалде бахъинабизе, гьесие Мюнхеналъул академиялъул профессорзабаз рес кьола Европаялъул гьунарлъиял центразда стажиналъе. Гьедин Мусаясулав чӀана Германиялда ва жиндие чияраб коммунист идеологиялъги совет пачалихъалъги оккупатинабураб ватӀаналде нахъвуссинчӀо. Гьебго заманалда Дагъистаналда коммунистлъиялъ байбихьана гьесде данде кампания. 1937 соналъ репрессинавуна ва чӀвазе къотӀана гьесул вац — Мусаясул ГӀабдулкъагьир. Репрессионаруна гьесул цогидал гӀагарчагӀиги.[5]

1930 соналъ Ираналъул вукӀинессев шагь МухӀаммад Реза Пегьлевигун жиндирго хурхеналги лъай-хъвайги сабаблъун, Халилбегие щвана Персиялъул ватӀанчилъи .[6]. Гьединлъина, 1930 соналъ Мюнхеналъул академиялъ кьураб хӀакъикъаталда "ватӀанчилъи" графаялда бихьизабун букӀана Персия.[7]

1939 соналъ гьес ячана поэтесса ва журналист баронессе Оливия Мелани Юлия фон Нагел.

1941 соналдаса эмигрантазул "Шималияб Кавказалъулаб миллияб комиисиялда" гъорлӀ (1944 соналдаса "Шималияб Кавказалъул миллияб комитет" абун цӀар хисараб) кумек гьабулев вукӀана концентрациониял лагеразде ккарал рагъда асирлъаразе.

1944 соналъ суратчиясул квартира бухӀана Мюнхен бомбинабиялъ. Хъизан бахъине ккана Мюнхеналдаса жанубалдехун Химзей хӀорихъ бугеб Амбах гьеналъубе (1945 соналдаса гьеб территория ккана оккупациялъул американ зонаялде).[4]

1945–1947 соналъ хъизан гӀумру гьабиялъе ана Цолъарал Штатазде. Халилбег гьелдаса хадувги вуссана шаклубахъиялде, гьабулеб букӀана лъикӀаб гьариялъулаб хӀалтӀи: гьебги букӀана Германиялда интернация гьабурал кавказиязул (30–90 чи) сияхӀал Цолъарал Штатазда ругел рес бугел гӀадамазухъе (гӀемерисел ракьцоял) кьей, гьенире рахъиналъе къваригӀарал хассал хӀалтӀулал контрактал чӀезариялъул мурадалда.

1949 соналъ 52 сон барав Халилбег хвана ракӀалъул унти сабаблъун АЦШ-ялъул Коннектикут штаталъул Бетлегьем шагьаралъул гьоспиталалда.[4]

Гьунарлъиялъул къокъаб биография хисизабизе

 
«ЧӀохъа аварай», нахул релъеназ сурат, 1939 сон
  • 1910–1912 — Туплисалъул берцинал гьунарлъабазул школаялда цӀали (Петербургалъул гьунарлъабазулаб академиялъул филиал).
  • 1913–1914 — Мюнхеналъул къиралияб гьунарлъабазулаб академиялда цӀали.
  • 1914 — Мавралазуласул басмаханаялда бетӀерав суратчилъун хӀалтӀизе лӀугьин.
  • 1917 — «Танг-Чолпан» («Рогьалил цӀва») журналалъул иллюстраторлъун хӀалтӀизе лӀугьин.
  • 1918–1921 — Дагъистаналъул канлъизабул комиссариаталъул гьунарлъабазул секциялъул нухмалъулев.
  • 1921 — ЦӀидасанги Мюнхеналде ин ва добго цӀалул бакӀалда лъайщвей давамлъи, халкъаздагьоркьосел церерахъиязда гӀахьаллъи, хӀалтӀабазе киназулабго къимат щвей.
  • 1926 — ЦӀали лӀугӀи ва профессионалияв суратчиясул диплом щвей.
  • 1927 — СССР-алъул идарабаз Германиялда цӀали гьабиялъе изну кьеялъе инкар гьаби ва эмиграция байбихьи.
  • 1930 — ЦӀар араб "Мюнхеналъул суратчагӀазул гьалмагълъиялде" воси.
  • 1945 — Цолъарал Штатазде вахъин (Нью-Йорк) ва гьунарлъиялъулаб хӀалтӀи давам гьаби.[8]

Гьунарлъи хисизабизе

 
КӀудияв ГӀумахан гуржиязул пачаясул вас Александергун, "Танг Чолпан" журналалдаса иллюстрация, №6, 28 новембер, 1917

1916 соналъ берцинал плакатал басма гьариялъе ва тӀахьазулги журналазулги гьунарияб гӀуцӀа-кӀутӀиялъе Мусаясулав хӀалтӀуде восана жиндирго басмаханаялде Мавралазулас. Жакъа къоялдеги цӀунун хутӀун руго гьесул асарал. Гьезда гьоркьор руго Имам Шамилил цӀакъ берцин гьабураб кьер-бугеб шаклу, батӀи-батӀиял цӀалул плакатал. Халилбег хӀалтӀулеб вукӀана Мавралазуласул басмаханаялда кьабулеб букӀараб "Танг Чолпан" журналалъул суратчилъун. Гьелъул гьумеразда гьес басма гьаруна суратазул, сюжетазул, гӀадамазул шаклабазул гӀемераб къадар.[9] Журналалъул тӀоцебесеб анцӀго номер гьес гӀуцӀа-кӀутӀана жинцаго, хутӀарал — Е. Е. Лансерегун цадахъ, гьебго соналъ Дагъистаналде вачӀарав.[10] Гьесдаго цадахъ Масаясулас гӀуцӀана суратчагӀазул курсалги.[5]

1930 соналъ гьесул гьунарлъияб къисматалда лӀугьана цоги кӀвар бугеб вакъигӀат: гьев вачана Мюнхеналъул суратчагӀазул гьалмагълъиялде гъорлӀе. 1933–1945 соназ гьев вукӀана гӀумру гьабун Мюнхеналда; гьеб периодалда тӀоритӀана гьесул хӀалтӀабазул персоналиял церерахъиял "Герман гьунарлъиялъул рукъалда" (Мюнхен). Гьеб заманалда Мусаясулав вукӀана машгьурал суратчагӀазул горсверуда: Пикассол, Моделянил, Матиссил, Реририхил ва ц.

Германиязул машгьурав гьунарлъиялъулав критик доктор Шмелцица гьадинаб къимат кьуна авар суратциясул гьунаралъе:[5]

  "Мусаясулав вукӀана цохӀо вугев, жиндир гвангъарал, мухӀканго рекӀел хӀал кьолел суратаз гӀунгутӀи гьечӀого гьесул ВатӀаналъул атмосфераялдалъун хӀухьел цӀалев. Кьварарал кьурабазда раккана берал чӀегӀерал руччаби, тропикиял тӀугьдул гӀадал: хӀеренал ва чӀурканал, берцинал ва ритӀухъал, къвакӀарал-гурел, жал гьабагӀат кодор рекилин ккарал; къеркьеялде ругьунал, жал бахӀарчилъиялдалъун машгьурал бихьинал, жал ракълил рекьул хӀалтӀи гьабулелъулги ярагъалдаса ратӀалъулел рукӀинчӀел"  

1936 соналъ Мюнхеналда къватӀибе биччана гьесул автобиографияб къиса — бечедаб иллюстрацияги бугеб «Ахирисел риттарзабазул улка», жинца цӀалунчагӀи асир гьарураб Дагъистаналъулги аваразулги халкъиял биценазул адабиял версияздалъун, ва гьединго суратчиясул жиндирго ватӀан Аваристан, Дагъисналъухъ инагьдиялъула ихӀсасаздалъун.[6] Гьелъие щвана гӀатӀидаб машгьурлъи, гьеб тархаминабуна гӀемерал европиял ва бакъбаккул мацӀазде. ТӀахьазулаб графикаялда гьунаралъул тӀогьлъун лӀугьана гьес "Азаралда цо сордо" асаралъе рахъарал иллюстрациял; гьезухъ Халилбегие щвана премияги.

Мусаясулав ккола дагъистаниял халкъазулги, аваразулги жеги революциялдаса цебего жиндие профессионалияб гьунрлъиялъулаб лъай щварав тӀоцевесев чилъун. Гьесул асарал цӀунун руго МахӀачхъалаялда бугеб Дагъистаналъул музеялда, Тахо-Годил цӀаралда бугеб, гьединго гӀадамазул жидерго ракӀариязда, Мусаясулазул хъизаналъул архивалда.[11].

Церерахъиял хисизабизе

Рагъул соназда цебесебги хадусебги периодалда гьесул суратазул церерахъиял бергьенлъиялда тӀоритӀулел рукӀана Цолъараб Къиралаталда, Цолъарал Штатазда, Германиялда, Парансиялда, Испаниялда, Италиялда, Туркиялда, Швейцариялда ва цогидал улкабазда:

Хъизан хисизабизе

Халилбегил эмен Манижал Мусаясул Исрафил вукӀана пачаялъул аскаралъул полковниклъун, Дагъистаналъул вилаяталъул Гъуниб сверухълъиялъул наиблъун. Вац — Мусаясул МухӀаммадбег — вукӀана турк армиялъул генераллъун, турк миллиябги эркенлъизабиялъулаб армиялъул генералияб штабалъул церехъабазул цоявлъун.[12] Гьесул цогидав вац — Мусаясул ГӀабдулкъагьир — репрессинавуна ва чӀвазе къотӀана совет хӀукимлъиялъ.

1939 соналъ Халилбегица ячана Оливия Мелани Юлия фон Нагел.

РакӀалде щвей хисизабизе

МугъчӀваял хисизабизе

  1. Самый именитый художник Дагестана - Халилбек Мусаясул
  2. Халилбег Мусаясул ва гъалмугъал
  3. В Махачкале проходит персональная выставка знаменитого художника
  4. 4,0 4,1 4,2 Джамиля Дагирова (2021-03-10). "Халилбек Мусаясул. 100 лет эмиграции". "Дагестанская правда". Халагьи 2021-07-24.
  5. 5,0 5,1 5,2 Мусаясул Халилбег — Дагъистаналъул тӀоцевесев профессионалияв суратчи
  6. 6,0 6,1 Наследие Халилбека Мусаясула
  7. Зарема Абдурагимова (2014-05-23). "Странствующий рыцарь, несущий красоту". «МК в Дагестане». Халагьи 2021-07-24.
  8. Солтанмурад Акбиев (1970-01-10). "Халил-бек Мусаясул: выдающийся художник современности". "Дагестанская правда". Архивация оригинал (2021-07-24). Халагьи 2021-07-24. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  9. Акбиев С.-М. Братья Мусаясул. — Махачкала, 1995.
  10. "Халил Мусаев: жизнь на третьем берегу". Архивация оригинал (2021-07-24). Халагьи 2022-05-19. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  11. 11,0 11,1 В Махачкале проходит персональная выставка знаменитого художника (хвараб регӀел)
  12. Давыдов Алил Нуратинович (1970-01-10). "Халил-бек Мусаясул: выдающийся художник современности". "Дагестанская правда". Архивация оригинал (2021-07-24). Халагьи 2021-07-24. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  13. Халилбек Мусаясул — «блудный сын Дагестана»?
  14. ГӀумруялъул философия суратазда (хвараб регӀел)

РегӀелал хисизабизе