МухӀамад АхӀмадов

МухӀамад АхIмадов» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

МухӀамад АхӀмадович АхӀмадов гьавуна Гъуниб районалъул Гьонода росулъ 1955 соналъ 13 ноябралда. Дагъистаналъул халкъияв поэт.

МухӀамад АхӀмадов
Адабияб гьунар


1979 соналъ тӀокӀлъиялда лъугӀизабуна Москваялъул М.Горькил цӀаралда бугеб Литературияб институт. Институт лъугӀун хадув хӀалтӀана Хъвадарухъабазул Союзалъул правлениялъул секретарьлъун, литературиял журналазул жавабияв секретарьлъун, аваразул хъвадарухъабазул секциялъул нухмалъулевлъун.

ГьабсагӀат хӀалтӀулев вуго Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул председательлъун.

МухӀамад АхӀмадов ккола Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул сопредседатель, Халкъалда гьоркьосеб Хъвадарухъабазул союзалъул исполкомалъул член.

ШагӀирас хъвана «Хасалихълъидул сагӀат», «Заманаялъул балладаби», «КучӀдул», «Шагьаралъул кучӀдул», «Сонал», «Жугьа», «Поэт», «ШагӀирги ватӀанги», «Балъголъидул сагӀат», «ХъахӀаб рас», «Какги кечӀги», «Рокьул апараг», «Классиказул цӀваби», «ГӀазу балеб буго» абурал тӀахьал. Гьел тӀахьал рахъана Москваялдаги, МахӀачхъалаялдаги, Волгоградалдаги.

МухӀамад АхӀмадов ккола Россиялъул КӀудияб Литературияб премиялъул, Дагъистаналъул Пачалихъияб премиялъул, Халкъалда гьоркьосеб Расул ХӀамзатовасул цӀаралда бугеб премиялъул лауреат. Адабият ва маданият цебетӀезабиялъулъ лъураб кӀудияб бутӀаялъулъ гьесие кьун руго М.Ю.Лермонтовасул, С.А.Пушкинил, М.А.Шолоховасул медалал.

МухӀамад АхӀмадовас авар мацӀалде руссинаруна А.С.Пушкинил, М.Ю. Лермонтовасул, С.Есенинил, А.Блокил, Н.Рубцовасул, Ю.Кузнецовасул, О.Чухонцевасул ва цогидалги гӀурусазул поэтазул асарал, шигӀрабазулги шагӀирзабазулги хӀакъалъулъ хъвараб буго шагӀирасул гьаб цӀияб тӀехьги.