МухӀамад Гунашев

МухIамад Гъунашев» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Гунашев МухIамад Гунашил вас (гьавуна 1936 соналъ - хвана 8 март 2013 соналъ) — дагъистаналъул хъвадарухъан ва мугIалим.

МухIамад Гунашев
Гьави 1936
ЦӀатӀанихъ, Унсоколо мухъ, ДАССР, РСФСР, СССР
Хвей 8 март 2013 (76 сон)
ВатӀанчилъи Халип:Флаг / СССР
Россия
Миллат аварав
Адабияб гьунар
Лъайщвей Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул филологияб факультет
Пишаялъул тайпа
  • ШагӀир
Дебют «ГIолохъабазул гьаркьал» (коллективияб тIехь), 1961

Биография

хисизабизе

МухIамад гьавуна 1935 соналда Дагъистаналъул Автономияб Советияб Социализмаялъул Республикаялда Унсоколо районалда ЦIатIанихъ росулъ.

Гьесул тIоцересел асарал бакIалъул газеталда хъван руго. Гьезул цояб «Дагестанская правда»-ялда басмаялда бахъун буго. ДГУялъул филиал дос занятиязде инчIого лъугIизабуна. ХалтIиялъул пиша байбихьизабуна МухIамадица байбихьул классазул учителлъун, цинги хIалтIана Рилъаб районалъул «Заря коммунизма» газетаялъул жавабияв редакторлъун. 1962-ялдаса 1976-ялде Унсоколо районалъул «Садовод» газетаялъул редакциялда хIалтIана, цин литератураялъул хIалтIухъанлъул, цинги редакторлъун. МухIамад Гунашев Хасавюрталда «НасихIат» авар газетаялъул редакторалъул заместителлъун хIалтIана.

2000-ялдаса Россиялъул хъвадарухъаназул союзалъул член вуго дов. СССР-алъул журналистазул союзалъул членлъун вукIана. 1954 соналда МухIамад Гунашевасул асарал «Дружба» альманахалда басмаялда рахъуна. 1961 соналда гIолохъанав шагIирасул асарал «Голоса молодых» сборникаялде лъугьана. 1974 соналда тIоцIебесеб «Мелодия гор» сборник бахъана. 1989 соналда Дагучпедгизалда «Вечный очаг» асаразул тIехь бахъана. 2000 соналда МахIачхъалаялда шагIирасул «Избранное» тIехь бахъана. Гьесул гIемерал асарал кучIдуллъун лъугьана. МухIамадие «В. И. Ленинасул 100 сон гьавураб къоялъул хIурматалда» медаль кьуна. ХъахIабросулъа МахIмудил цIаралда бугеб жамгIияб литератураялъул премиялъул лауреат вуго дов.