Наполеон

Паранс рагъулав цевехъан, парансазул император 1804–1814 ва цӀидасан 1815 соназда

Наполео́н I Бонапа́рт (корс. Napulione Buonaparte, итал. Napoleone Buonaparte, пар. Napoléon Bonaparte [napoleˈɔ̃ bɔnɑˈpaʁt]; 15 август 1769, Аяччо, Корсика — 5 май 1821, Лонгвуд, Мукъадасай Гьеленал чӀинкӀиллъи) — паранс рагъулав ва политикияв санатчи, Паранс революциялъул заманалда цӀар жиндир арав ва революциониял рагъазда чанго битӀ ккараб кампаниялъе нухмалъи гьабурав. Гьев хӀакъикъаталда вукӀана Паранс республикаялъул лидерлъун тӀоцевесев консул хӀисабалда 1799-даса 1804-де щвезегӀан. Наполеон I гӀадин гьев вукӀана парансазул императорлъун (пар. Empereur des Français) 1804-даса 1814-де щвезегӀан ва хадув 1815 соналъги. .[2] Наполеон тӀад вукӀана европаялъулал ва дунялалъулал ишазда анцӀабгониги соналъ, наполеониял рагъазулӀ Франсияги чанго коалициязде данде бачун. Гьев бергьана гьел рагъазул гӀемерисезда, гьес гьабуна империя, жиндир кверщаликь континенталияб Европа букӀараб 1815 соналъ-лъагӀан. Гьев вукӀана тарихалда жанир бищун кутакал бодул церехъабазул цоявлъун, гьесул рагъулал кампаниял лъазарула рагъулал школабазда тӀолго дунялалдаго. Наполеонил сиясияб ва маданияб ирс нахъе хӀутӀана, ва гьев ккола дунялалъул тарихалда бищун машгьурал церехъабазул цоявлъун.[3][4]

Наполеон I Бонапарт
пар. Napoléon Bonaparte
итал. Napoleone Buonaparte
корс. Napulione Buonaparte
Император Наполеон Тюилриялда жиндирго кабинеталъув, Жак-Луи Давидица бахъараб шаклу, 1812
Император Наполеон Тюилриялда жиндирго кабинеталъув, Жак-Луи Давидица бахъараб шаклу, 1812
18 май, 1804 — 6 април, 1814
20 март
 — 22 июн, 1815
Наполеон I / пар. Napoléon Ier
Коронация 2 декембер, 1804, Нотр-Дам
Цевесев титул гӀуцӀана;
гьев живго Франциялъул республикаялъул тӀоцевесев консул хӀисабалда
Хадусев Наполеон II
Варис 1) Жозеф (1811 соналде щвезегӀан)
2) Наполеон Франсуа[1]
12 июл, 1806 — 4 новембер, 1813
Цевесев хъулухъ гӀуцӀана;
Франц II Мукъадасаб Румаб империялъул ахирисев император гӀадин
Хадусев хъулухъ хвезабуна;
Франц I Герман цолъиялъул президент гӀадин
17 март, 1805 — 6 април, 1814
Коронация 26 май, 1805, Миланалъул катедрал
Цевесев хъулухъ гӀуцӀана;
гьев живго Итал республикаялъул Президент хӀисабалда;
Карл V Италиялъул ахирисев титулярияв къирал гӀадин
Хадусев хъулухъ хвезабуна; Виктор Эммануил II
19 фебруар, 1803 — 29 декембер, 1813
Цевесев хъулухъ гӀуцӀана
Хадусев хъулухъ хвезабуна
26 январ, 1802 — 17 март, 1805
Вице-президент Франческо Мелци д'Эрил
Цевесев хъулухъ гӀуцӀана
Хадусев хъулухъ хвезабуна;
гьев живго Италиялъул къирал хӀисабалда
21 юл, 1807 — 2 январ,1814
Цевесев хъулухъ гӀуцӀана
Хадусев хъулухъ хвезабуна
12 декембер, 1799 — 18 май, 1804
Цевесев хъулухъ гӀуцӀана
Хадусев хъулухъ хвезабуна;
гьев живго парансазул император хӀисабалда
Гьави 15 август 1769
Аяччо, Корсика
Хвей 15 мая 1821 (51 сон)
Лонгвуд
Вукъараб бакӀ Инвалидазул рукъ, Париж, Франсия
Тухум Бонапартал
Эмен Карло Буонапарте
Эбел Летиция Ромалино
Лъади Жозефина Богарне ва Мария-Луиза Австрияй
Лъимал 2-б ригьиналда
вас: Наполеон II
ригьиналда гурел
вас: Шарль Леон Денюэль, Александр Валевский
Лъайщвей Рагъулаб школа
Дин Католицизм ва деизм
Автограф
Монограмма Монограмма
Шапакъатал
ХӀурматияб легионалъул орденалъул КӀудияб Хъанчалъул кавалер ЦӀидасан цолъиялъул орденалъул кавалер Академикиял палмабазул орденалъул командор
Маххул тажалъул орден (Итал къиралат) КӀиябго Сицилиялъул Къиралияб орденалъул КӀудияб хъанчалъул кавалер ХъахӀаб цӀумалъул орден
Мукъадасав Стефанил Къиралияб гьунгар орденалъул КӀудияб хъанчалъул кавалер Леополдил Австер орденалъул КӀудияб хъанчалъул кавалер Мукъадасав Йозефил орденалъул КӀудияб хъанчалъул кавалер
Рутаялъул тажалъул орден (Саксония)
Вюртембергалъул коронаялъул орденалъул КӀудияб хъанчалъул кавалер РитӀухълъиялъул орденалъул КӀудияб хъанчалъул кавалер (Баден) Пилалъул орденалъул кавалер
Серафимазул орденалъул кавалер III Карлосил орденалъул КӀудияб хъанч
Сантьягол орденалъул риттар КӀристил, Сантягол ва хвалчадул, Бенедикт Ависсиясул португал орденазул цолъизабураб гӀаламаталъул кавалер ГъалбацӀалъул ва Бакъалъул орден 1 даражаялъул
Мукъадасав Александр Невскиясул орденалъул кавалер
Рагъулаб хъулухъ
Рагъулаб цӀар Бригадияв генерал
Рагъал Наполеониял рагъал

Наполеон гьавуна Корсика чӀинкӀиллъиялда Франсиялъул къиралаталъ гьеб аннексинабун хадув.[5] Паранс армиялда хъулухъ гьабулев гьес 1789 соналъ Паранс революциялъул рахъ ккуна ва гьелъул идеалал жиндирго гӀагараб Корсикаялда тӀиритӀизаризе гӀамал гьабуна. Гьев армиялда хекко эххеде вахана бетӀерлъуда букӀараб Паранс директория, данде рахъарал роялисталги къинарун, хвасар гьабун хадув. 1796 соналъ гьес байбихьана рагъулаб кампания австеразде ва гьезул рахъ ккурал италазде данде, ккуна кӀвар бугел бергьенлъаби ва лӀугьана миллияв бахӀарчилъун. КӀиго соналдаса гьес нухмалъи гьабуна Египеталде рагъулаб экспедициялъе, гьеб лӀугьана гьесие сиясияб хӀакимлъи-къуваталде трамплинлъун. 1799 соналъул новембералда гьес гьабуна пачалихъияб хиса-свери, ва гьев лӀугьана Республикаялъул тӀоцевесев консуллъун. Ингилисазулгун дандеккунгутӀабаз 1805 соналъ парансал дандчӀвазаруна Лъабабилеб коалициялъул рагъгун. Наполеоница щущазабуна гьеб коалиция Улмалъул кампаниялда ва Австерлицалъул рагъда росарал бергьенлъабаз, жал сабаблъун Мукъадасаб Румаб империяги биххарал. 1806 соналъ континенталда цӀикӀкӀунеб бугеб паранс асаралъги къуваталъги Пруссиялда ургъел чӀвайдал, Ункъабилеб коалиция цолъана гьесде данде. Наполеоница Пруссия къезабуна Йеналда ва Аверштедталда рагъазулӀ, КӀудияб армия (Grande Armée) тӀаде кӀанцӀана Бакъбаккул Европаялде, гъурана гӀурус армия 1807 соналъул юналъ Фридландалда ва тӀамуна Ункъабилеб коалициялъул къурал пачалихъал Тилзиталъул къотӀи къабул гьабизе. КӀиго соналдаса австерал цӀидасанги рахъана парансазде данде Щуабилеб коалициялъул рагъда, амма Ваграмалда рагъулӀ бергьенлъиги босун, Наполеоница Европаялда тӀад жиндирго кверщел щулалъизабуна.

Континенталияб система гӀатӀилъизабиялъул хьулазда, гьес эмбарго лъуна Британилде данде, Наполеон тӀаде кӀанцӀана Иберияб бащдабчӀинкӀиллъиялде ва жиндирго вац Джозеф лъазавуна Испаниялъул къираллъун 1808 соналъ. Испанал ва португалал данде рахъана БащдабчӀинкӀиллъиялъул рагъда, Наполеонил маршалзаби къезари жиндир кулминациялъул лӀугьараб. 1812 соналъул риидал Наполеоница байбихьана Россиялде тӀадекӀанцӀи. Гьелда хадуб букӀараб кампания лӀугьана Наполеонил КӀудияб армиялъул катастрофияб нахъе къаялъул нугӀлилъун. 1813 соналъ Пруссия ва Австрия гъорлӀжурана Россиялъул къуваталгун Франсиялде данде АнлӀабилеб коалициялда. Бихха-хочараб рагъулаб кампания сабаблъана кӀудияб коалиционияб армиялъ 1813 соналъул октобералда Лепцигалъул рагъулӀ Наполеон къезавиялъе. Коалиция тӀадекӀанцӀана Франсияле, гьелъ кверде босана Париж, Наполеонида тахидаса инкарги гьабизабуна 1814 соналъул априлалда. Гьев витӀана Корсикаялда ва Италиялда гьоркьоб бугеб Элба чӀинкӀиллъиялде. Франсиялда Бурбонал нахъруссинаруна хӀакимлъуде. Амма 1815 соналъул фебруаралда Наполеоница, Элбаялдасаги лӀутун, Франсия цӀидаса жиндирго кверщаликье босана (нусго къо).[6][7] Данде рукӀараз гӀуцӀана Анкьабилеб коалиция, жинца 1815 соналъул юналда Ватерлооялъул рагъулӀ Наполеон къезавурав. Британаз гьев витӀана рикӀкӀада Атлантикаялда бугеб Мукъадасай Гьеленал чӀинкӀиллъиялде, ва гьенив 1821 соналъ гьев хвана 51 сон барав чи. Наполеоница кӀудияб асар гьабуна гьанжесеб дунялалъе, жинцаго рахъарал гӀемерисел пачалихъазда либералиял реформаби тӀоритӀулаго, хасго Нидерландазда, Швейцариялда, гьанжесеб Италиялъул ва Германиялъул цо-цо бутӀабазда. Гьес тӀобитӀулаан либералияб политика Франциялдаги БакътӀерхьул Европаялдаги..[a]

Баянкьелал

хисизабизе
  1. ^ He established a system of public education,[8] abolished the vestiges of feudalism,[9] emancipated Jews and other religious minorities,[10] abolished the Spanish Inquisition,[11] enacted legal protections for an emerging middle class,[12] and centralized state power at the expense of religious authorities.[13]

Цитатаби

хисизабизе
  1. ^ Макъала 5 Франциялъул империялъул аслияб къануналъул (фр.)
  2. ^ "Napoleon I" (in английский). Britannica. Щвей 2017-05-29.
  3. ^ Roberts 2014, гь. Introduction
  4. ^ Charles Messenger, ред. (2001). Reader's Guide to Military History. Routledge. гьл. 391–427. ISBN 978-1-135-95970-8.
  5. ^ Roberts, A. (2016). Napoleon the Great. United Kingdom: Penguin Books Limited. (p. 1)
  6. ^ Cochran, Peter (16 July 2015). Byron, Napoleon, J.C. Hobhouse, and the Hundred Days. London: Cambridge Scholars Publishing. гь. 60. ISBN 978-1443877428. Щвей 14 June 2021. {{cite book}}: Check date values in: |access-date= ва|date= (help)
  7. ^ Forrest, Alan (26 March 2015). Waterloo: Great Battles. Oxford University Press. гь. 24. ISBN 978-0199663255. Щвей 14 June 2021. {{cite book}}: Check date values in: |access-date= ва|date= (help)
  8. ^ Grab 2003, гь. 56.
  9. ^ Broers, M. and Hicks, P.The Napoleonic Empire and the New European Political Culture. Palgrave Macmillan, 2012, p. 230
  10. ^ Conner, S. P. The Age of Napoleon. Greenwood Publishing Group, 2004, pp. 38–40.
  11. ^ Perez, Joseph. The Spanish Inquisition: A History. Yale University Press, 2005, p. 98
  12. ^ Fremont-Barnes, G. and Fisher, T. The Napoleonic Wars: The Rise and Fall of an Empire. Osprey Publishing, 2004, p. 336
  13. ^ Grab, A. Napoleon and the Transformation of Europe. Palgrave Macmillan, 2003, Conclusion.

МугъчӀваял

хисизабизе

Биографиял цӀех-рехелал

хисизабизе

Тарихиял иццал

хисизабизе
  • Babelon, Jean-Pierre, D'Huart, Suzanne and De Jonge, Alex. Napoleon's Last Will and Testament. Paddington Press Ltd. New York & London. 1977. ISBN 0-448-22190-X.
  • Broadley, A. M., and J. Holland Rose. Napoleon in caricature 1795–1821 (John Lane, 1911) online, illustrated
  • Gourgaud, Gaspard (1903) [1899]. Talks of Napoleon at St. Helena. Translated from the French by Elizabeth Wormeley Latimer. Chicago: A.C. McClurg.

Тариххъвая ва ракӀалде щвей

хисизабизе

Хасал цӀех-рехелал

хисизабизе

КъватӀисел регӀелал

хисизабизе

Халип:Sister project links


Халип:Napoleon Халип:Napoleonic Wars Халип:French Revolution navbox Халип:Imperial House of France (First French Empire) Халип:Bonaparte family Халип:German Confederations 1806–1871 Халип:French Pretenders Халип:Monarchs of France Халип:Monarchs of Germany Халип:French Consulate