МухӀамад Рамазанов

Рамазанов МухIамад» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Рамазанов МухIамад (гьавуна 27 март 1936 соналъ - хвана 7 май 2008 соналъ) — дагъистаналъул хъвадарухъан, прозачи, журналист ва байбихьул классазул мугIалим.

МухIамад Рамазанов
Гьави 27 март 1936
Гъоркьияб Инхело, Болъихъ мухъ, ДАССР, РСФСР, СССР
Хвей 7 май 2008 (72 сон)
ВатӀанчилъи  СССР
 Россия
Миллат аварав
Адабияб гьунар
Лъайщвей Имам Шамилил цIаралда бугеб Кавказалъул халкъазул университет
Пишаялъул тайпа
  • прозачи
Дебют «Халатаб къо», 1980

Биография хисизабизе

МухIамад Рамазанов гьавуна 27 марталъ 1936 соналъ Дагъистаналъул Автономияб Советияб Социализмаялъул Республикаялда Болъихъ районалда Гъоркьияб Инхело росулъ мискинаб векьарухъанасулаб хъизаналда. Гьасул эбел Гъоркьияб Инхело росулъа кIкIаралайлъун йикIана, ва гьасул эмен гъодоберисевлъун вукIана.

Гъоркьияб Инхело росулъ анкьго соналъул школалъул лъугIизабиялдаса хадув, гьав Болъихъ росулъ гьоркьохъеб школалде лъугьана ва 1953 соналъ гьас лъугIизабуна гьаб.

1954 соналдаса 1959 соналде щвезегIан Максим Горькиясул цIаралда бугеб колхозалда звеньевойлъун Донбассалъул шахтазда ва Гуржистаналда стройказда хIалтIулаан. ГIуру къарал ва рехун тарал ракьазул хIалтIизариялъе гIоло гьав Узбекистаналде рекIун ана.

Ташкент областалда Гулистан шагьаралда байбихьул классазул учителазул хIадурлъи гьабиялъул педкласс лъугIизабуна, Ленинасул цIаралда бугеб Ташкент шагьаралъул пачалихъияб университеталъул филологиялъулаб факультеталде лъугьана, амма гьас тIолго ункъго курсал лъугIизабичIо хъизаналъул шартIал сабаблъун. Хасавюрт шагьаралда гьас цIали халат гьабуна, ва Имам Шамилил цIаралда бугеб Кавказалъул халкъазул университеталде лъугьана ва лъугIизабуна гьаб, филологасулги журналистасулги квалификациялъул кьейгун.

2008 соналъ хвана, гIемераб мехалъ бугеб унти сабаблъун.

Гьунар хисизабизе

1980 соналъ хъвазе байбихьана, гIурус мацIалда ункъго тIехь бахъана: «Длинный день (Халатаб къо)», «Сказка постучались в дверь (Маргьа нуцIида кIутIана)», «Богач, бедняк и серые разбойники» (Бечедав, мискинав ва цIахIилал хъачагъал)», «Звери и птицы хотели учиться (Жанаваразе ва хIанчIазе цIализе бокьана)».

Гьас хъвана хабарал, маргьаби, къисаби, легендал, биценал. Жиндирго асаразда гьас захIмат, гIагараб ракьалъул берцинлъи, тIолабго инсул ВатIан ва халкъазул гIадатал кочIолъ беццулаан.

РухIияб, эстетикаялъулаб ва ватIан хIиралъиялъул тарбиялъул хIакъалъулъ хъвалаан.

ТIахьал хисизабизе

«Длинный день» — 1980

«Сказка постучалась в дверь» — 1986

«Богач, бедняк и серые разбойники» — 1999

«Звери и птицы хотели учиться» — 2008.