Ругъжаса Элдарилав, гьавидал МухӀамад (1847–1884, Ругъжа) — авар поэт, жинца авар националаб литературалъе кьучӀ лъуразул цояв.

Ругъжаса Элдарилав

Биография хисизабизе

Поэт гьавуна Ругъжаб росулъ гIадатав векьарухъан Элдарил хъизаналда, цIарги лъуна МухIамадилан. Гьесул лъимерлъиялъул гIумру rIapaб цIалуда ана. Амма балугълъараб мехалъ гьес дибирлъи къабул гьабичIо. КечI гьабизе ва гьеб ахIизе МухIамадил букIана кIудияб гьунар. МутагIиллъун ЧIохъ вугеб мехалъ, рокьи ккарай гьайбатай ясалде ахIарал кучIдуз гьесул цӀар ана магIарул росабалъ Ругъжаса Элдарилав хIисабалда. Жиндирго ясалъ тIасавищаравлъи лъарав наибас, гьоболлъухъги ахIун, Элдариласда загьру гьекъезабула. [1]

МугъчӀваял хисизабизе

  1. "Archive copy". Архивация оригинал (2011-03-14). Халагьи 2010-12-14. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)CS1 maint: archived copy as title (link)