Сезер, АхӀмет Неждет

Сезер, АхІмет Неждет» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

АхІме́т Нежде́т Сезе́р (тур. Ahmet Necdet Sezer; 13 сентябрь 1941 сон, Апйонкарагьисар) — Турциялъул анцІабилев президент. Турциялъул ТІадегІанаб Миллияб Шураялъ Сезер президентлъун вищана 2000 соналъ, гьесда цеве вукІарав Сюлейман Демирелил анкьго сонил болжал лъугІидал. 2007 соналъул 28 августалъ гьев хисана ГІабдуллагь Гюлица.

АхІмет Сезер
тур. Ahmet Necdet Sezer
АхІмет Сезер
Байрахъ
Байрахъ
10-ев Турциялъул Президент
Байрахъ
Байрахъ
16 май 2000 сон — 28 август 2007 сон
ХІукуматалъул бетІер: ГІабдуллагь Гюл
Ражаб Эрдогъан
Цеве вукІарав: Сюлейман Демирел
Хадув вачІарав: ГІабдуллагь Гюл
 
Дин: Ислам, суннияб мазгьабалъул
Гьави: 13.09.1941
Апйонкарагьисар Турция
Лъади: (1964 с. бахъун) Семра Сезер (1944)
Лъимал: ясал Зейнеб ва Эбру, вас Левент
Миллат: туркав
Лъай: Анкараялъул университет
ГІелмияб даража: къади
Хъулухъ: сиясатчи
 
Шапакъатал:
Марямил ракьалъул рахсида бараб Хъанчил Орден
Марямил ракьалъул рахсида бараб Хъанчил Орден

ГІумрухъвай

хисизабизе

АхІмет Неждет Сезер гьавуна 1941 соналъул 13 сентябралъ Апйонкарагьисар шагьаралда.

Школа лъугІун хадуб 1958 соналъ, гьев цІалана Анкараялъул Университеталъул къанунияб Факультеталда ва жиндирго хІалтІул нух байбихьана Анкараялда къадилъун. Рагъул Академиялда хъулухъ гьабуралдаса хадуб, цин гьев хІалтІана къадилъун, ва хадубккун тІаде валагьулев къадилъун Анкараялъул ТІадегІанаб Апелляциялъул Судалда.

1983 соналъул марталда, гьев вищана ТІадегІанаб Апелляциялъул Судалъул гІахьалчилъун. 1998 соналъул январалда, АхІмет Неждет Сезер вищула Конституциялъулаб Судалъул бетІерав къадилъун.

АхІмет Неждет Сезер вищана президентлъун 2000 соналъ, гьа бай къабул гьабуна 2000 соналъул 16 маялъ.