Сокра́т (грек: Σωκράτης; гІ.-ш. 470–399 НЩ) — Атеназдаса грек философ, жив рикӀкӀунев БакътӀерхьул философияялъул кьучӀлъунчилъун ва эргъелалъун этикияб традициялъул тӀоӀцевесев моралалъулав философлъун.[1] Сократ вукӀинчӀо цониги тексталъул авторлъун, гьев лъала аслияб къагӀидаялъ гьев хун хадур рукӀарал классикиял хъвадарухъабазул харбаздасан, хасго гьесул цӀалдохъабазул, Платонил ва Ксенофонил. Гьел биценал хъван руго диалогал гӀадин, гьезулӀ Сократица ва гьевгун гаруда ругез цехӀ-рехел гьабулеб буго жо-жоялъул ва гьесул суал–жаваб формаялда; гьез аслу лъуна сократикияб диалог абураб литературияб жанралъе. Сократил хӀакъалъулӀ рекъонккел гьечӀел абелаз гьесул философиялъул реконструкция лӀугьинабула бажарулареб жолъун, ситуация лъалеб буго сократилаб проблема абун. НЩ 399 соналъ, гьесде намусикълъиялъулги гӀолила къосинариялъулги гӀайиб гӀунтӀизабуна. ЦохӀо къоялъ халатбахъараб диваналдаса хадув гьев чӀвазе къотӀана. Ахирисеб къо гьес тӀамун туснахъалъуб, гьениса лӀутиялъе гьабулеб квербакъиялдаса инкраги гьабун.

Баянкьелал хисизабизе

  1. Rattini, Kristin Baird (2019-03-11). "Who was Socrates?". National Geographic (in английский). Халагьи 2022-03-06.

Иццал хисизабизе

Ингилисалда: