Сугъралъ (гІур. Согратль) ккола Гъуниб мухъалъул газета. СугъралӀ росдал жамгӏияб казият, биччала сугъулдерил хӏаракатчагӏазул хӏаракаталдалъун, моцӏалда жаниб цо нухалъ. Газета бахъулеб буго авар ва гӏурус мацӏазда. Газеталъ аслияб къагӏиядалъ бахъулеб материал буго, жакъасеб Сугъаралъ, росдал гӏумруялъул хӏакъалъулъ, росдал тарихалъул, ва гьединго машгьурал росуцоязул хӏакъалъулги. Гьединго гьениб кьола росулъ ва шагьараздагун гӏатӏиракьазда гӏумру гьабулел сугъулдерил чан чи хварав,ва гьавурав, мухӏкан гьабураб демографиялъул статистикаги, ва газеталъул ахиралда кьола росуцоязул рукӏинисел, ва рукӏарал бертабазул хӏакъалъулъ баянал, ай бертин киб , кида байбихьулеб ва лъица щал рачулел къокъаб информацияги. Газеталъул тарих кӏудияб гьечӏониги, амма бечедаб буго, газета бахъулеб букӏана кӏиго нухалъ. Тӏоцебе 90 соназул заманалда,хадуб дагьаб заман ун, цӏидасан биччана 2003 соналъ.Гьелдаса нахъе чӏечӏого, хӏалтӏулеб буго. «Сугъралъ» газеталъе подписка гьабизе. ЛъагIелалъ газеталъул багьа буго 300 гъурущ, дагьаб гъурщил къуват бугезе 500 гъурущ.


тIинчI Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.