СултӀанахӀмет
(«СултІанахІмет» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
СултІанахІме́т (тур. Sultanahmet) — Истамбулалъул европаялъул рахъалда бугеб тарихияб бутІаялда кколеб мухъ, Меседил лълъар ралъдал моцІоялда, Босфорил ралъдал къварилъиялда ва Мармар ралъадалда гьоркьоб кколеб. Мухъалъул цІар бачІана гьебго цІаралъул СултІанахІмет мадгиталдасан, туристазда гьоркьоб ХъахІилаб мажгит абун жиндир цІар араб ва гьеб мухъалъул централда жиб кколеб.
Мухъ ккола шагьаралъул тарихияб центрлъун, некІсияб акрополлъун ва КІиабилеб Рималъул тІоцебесеб гохІлъун. 1985 соналда мухъалъул тарихияб рахъ босана ЮНЕСКОялъул тІолгодунялалъул ирсалъул сияхІалде.
Мухъалда руго цІакъ машгьурал, дуниялалъулго архитектураялъул памятникал, гьездаса ккола: Айя София мажгит, ХъахІилаб мажгит, Топкапи кІалгІа, Сагьриж Базилик ва ц.
Ссылкаби
хисизабизеЮНЕСКОялъул ТІолго дунялалъул ирсалъул , бакІ № 356 гІур. • ингл. • фр. |