Транзитивияб гьабел — жинца цо яги цІикІкІун объект босулеб гьабел. Гьеб данде лъола жиндир объект букІунареб интранзитивияб гьабел. Транзитивлъи, гІадалда биллъараб къагІидаялъ, рикІкІуна клаузаялъул глобалияб хасиятлълъун, жиндалъун иш агенсалдаса пациенсалде кьолеб.[1]

Транзитивиял гьабелазе классификация гьабизе бегьула гьез тІалаб гьабулеб объекталъул къадаралде балагьун. Жидеца кІиго аргумент, субъект ва битІараб тІадежубай (объект), тІаде босулел гьабелал ккола монотранзитивияллъун. Жидеца кІиго объект, битІараб ва хъвалсараб тІадежубай, тІаде босулел гьабелал ккола дитранзитивияллъун[2]. Ингилис мацІалда дитранзитивияб гьабелалъул мисаллъун бачине бегьула to give 'кьезе' гьабел, жинда цадахъ субъектги, битІараб ва хъвалсараб объектги букІине бегьулеб: John gave Mary the book 'Джоница кьуна Мэрихъе тІехь'. John — субъект, gave — дитранзитивияб фигІлу, Mary — хъвалсараб объект, the book — битІараб объект.

Транзитивиял фигІлабазде данде ккун, цо-цо гьабелаз тІаде босула "чІобогоял" объектал. Жидее объект къварегІунарел гьабелазде абула транзитивиял-гурел, яглъуни интранзитивиял абун. Авар мацІалда интранзитивиял гьабелал ккола фреквентативал (такрарлъул), мисалалъе, хъвадаризе. Ингилис мацІалъул интранзитивияб фигІлуялъе мисаллъун буго to swim 'лъедезе' гьабел.

Интранзитивиял гурелги транзитивияллъунги рукІине бегьулел гьабелазда абула амбитранзитивиял–илан. Авар мацІалде гІемерисел гьабелал (френквентативалги, каузативалги хутІун) ккола амбитранзитивияллъун, мисалалъе, бачІине: дун вачӀана (интр.), амма дица бачӀана (тр.). Ингилис мацІалда мисаллъун ккола to eat 'квине' гьабел. Киябго жумла: You eat 'мун кванала' (интранзитивияб формагун) ва You eat apples 'дуца гІеч кванала' (транзитивияб формагун, жинда жаниб объектлъун apple рагІи кколеб) ккола грамматикияллъун.

ГӀаммал хасиятал

хисизабизе

МугъчӀваял

хисизабизе
  1. ^ Hopper, Paul J; Thompson, Sandra A (June 1980). "Transitivity in grammar and discourse" (PDF). Language. 56 (2): 251–299. doi:10.1353/lan.1980.0017. Щвей 24 January 2016. {{cite journal}}: Check date values in: |accessdate= ва|date= (help)
  2. ^ Kempen, Gerard; Harbusch, Karin (2004). "A corpus study into word order variation in German subordinate clauses: Animacy affects linearization independently of grammatical function assignment". Гъоркь: Thomas Pechmann; Christopher Habel (редл.). Multidisciplinary Approaches to Language Production. Walter de Gruyter. гьл. 173–181. ISBN 978-3-11-017840-1. We distinguish two types of transitive clauses: those including only [a subject–direct object] pair are monotransitive; clauses containing [subject, direct object, and indirect object] are ditransitive.