Турциялъул байрахъ (тур. Türk bayrağı) - ккола Турциялъул пачалихъияб гІаламатлъун. Гьеб буго багІараб рукъиялда тІад моцІгун-цІва бахъараб. БагІараб кьер бачІана аварагасул кІиабизев халиф ГІумар ибн ХатІабидасан, цинги гьеб лъугьана ГІусманиязул империялъул кьерлъун, гІаламатлъун. Гьелда тІад бугеб моцІгун-цІваялъ тІоритІел гьабула исламалде, ай турказул ракь бусурбабазул ракь букІиналде.

29 май 1936
2:3