Умберто Эко
Умбе́рто Э́ко (Итал: Umberto Eco, абул куц [umˈbɛrto ˈɛːko]; 5 январ 1932, Алессандрия, Пиемонт, Италия — 19 фебруар 2016[1][2], Милан, Ломбардия, Италия) — итал гӀалимчи, философчи, семиотикаялъул ва гьоркьохъел гӀасрабазул эстетикаялъул специалис, маданияталъул теоретик, адабияталъулав критик, хъвадарухъан, публицист.
Машгьур вуго жиндирго1980 соналхъ хъвараб Розаялъул цӀар абураб романалдалъун, жиб кколеб гьунарияб адабияталда гъорлӀ семиотикаги, гьелда цадахъ библияб анализги, гьоркьохъел гӀасрабазул цӀех-рехелги, адабияталъул теорияги бугеб тарихияб мистериялъун, гьединго 1988 соналъул Фукол хьвагӀеро абураб романалдалъунги, жинда гьединалго темаби рагьараб.[3]
Экоца гӀумруялъ гӀеме-гӀемераб жо хъвана, гьенирго гъорлӀ лъималазул тӀахьалги; гьеб гуребги, моцӀида жаниб кӀицӀул гьес макъала хъвалаан "La Bustina di Minerva" казияталъул хӀубиялда.[4][5] Хвелалде гьев вукӀана живго гӀумруялъго хӀалтӀарав Болоньялъул университеталъул хӀурматияв профессорлъун.[6]
РегӀелал
хисизабизе- ^ Troiano, Antonio (2016-02-20). "È morto lo scrittore Umberto Eco Ha modernizzato la cultura italiana" (in итальянский). «Corriere della Sera».
- ^ Gerino, Claudio (2016-02-20). "Morto lo scrittore Umberto Eco. Ci mancherà il suo sguardo sul mondo" (in итальянский). «La Repubblica».
- ^ Thomson, Ian (20 фебруар 2016). "Umberto Eco obituary". the Guardian. Щвей 1 март 2017.
- ^ "La cattiva pittura di Hayez". l'Espresso (in итальянский). 27 январ 2016. Щвей 19 август 2020.
- ^ Parks, Tim (6 април 2016). "Pape Satàn Aleppe by Umberto Eco review – why the modern world is stupid". the Guardian. Щвей 19 август 2020.
- ^ France-Presse, Agence. Umberto Eco, 1932–2016, The Guardian (19 фебруар 2016).