Ункъракьалда 1871 соналъул восстание

Ункъракьалда 1871 соналъул восстание (гІур. Восстание 1861 года в Ункратле) — 1871 соналъ Россиялъул пачаясул хIукуматалда данде Ункъракьалда ина букӀараб рагъулаб багъа-бачари.

Пачаясул хIукуматалъ къойидаса-къойиде къварид гьариялъ халкъалъул ццин бахъи цIикIкIуна пачаясул наибзабазда чиновниказда цойгидалги пачаясе хъулухъ гьабулелщиназда.

Ункъракьалъул язихъаб халкъалъул хIал гIоларого лъугьуна пачаясул администрациялъ тIад лъураб налог бецIизе, налог кьечIони рачIун наибасул нукарзабаз рокъоса чара гьечIеб партал-цIарагIги яги бокьоса боцIи бахъулаан.

Ункъракьалде 1860 абилеб соналъ наиблъун витIарав кIаратIисев наиб Гъазиясул ХIажияс областалъул губернаторасул амру тIубалаго Ункъракьалъул халкъалда лъазабула щибаб цIаракиялъ цо-цо гьурущ пачалихъалье налог кьезе кколилан, халкъалъ инкар гьабула наибасуя амру тIубазе ва гьенир Ункъракьалъул росабалъа рачIарал жамагIаталъул вакилзабазулги ХIажиясулги дагIба ккола ва гьев чIвала 1870 абилеб соналъ ТIаса Хъварши росулъ, гьев рештIараб минаялда цIаги лъун.

Гьеб лъугьа-бахъин хехго рагIула Дагъистаналъул рагъулгун гражданлъиялъул управлениялъул начальникасда ва ГIанди округалъул начальникасдаги. 1871 абилеб соналъул июлалъул 8 абилеб къоялъ ГIанди округалъул начальникасул жигаралдалъун Дагъистаналдасаго данде бакIарула рагъулаб къуват щибав наибасул бетIерлъиялда гъоркь, гIицIго ГIанди округалъул начальник гурони христиан диналъул чиги вукIунаро нахъиял тIолго Дагъистаналъул бусурбабаздаса данде бакIарараб гьеб къуваталъ Ункъракьалъул росаби 20 сордо-къоялъ жанир сверизарула ва гьезие гьабизе инжитлъи хIакъирлъи толаро, хиянатаб къотIи-къайги гьабун ХIоцоса Доногъолил МухIамица цIунтIал гуккула ва ракълидеги ахIун цIуяб, бихьинаб, лъимер батIа гьабичIого гъурула, гьелда лъугIула I67I аб. соналъул восстания. Гьеб иш гьабурал гIадамал рукIуна киналго Дагьистаналъул бусурбаби абулел пачаясе хъулухъ гьабулел чагIи.

Восстаниялъе бетIерлъи гьабулев вукIарав Курагул-МухIамаги вакьадги ва гьезда цадахъ рукIаралги кверде уна. Гьел кверде унел заман букIуна цIакъго цIорораб. Курагул-МухIамаги гьесул дурцги Сибиралде ритIула нахъиял рокъо-рокъоре риччала. Гьедин лъугIула 1971 аб. соналъул Ункъракьалда багъарараб восстания[1].

1877 абилеб восстание къеялъе гIиллаби

хисизабизе
  1. Аслияб гIиллалъун букIана Чачаналъгун Дагъистаналда 1877 абилеб соналъ восстаниялъе халкъ къватIиб бахъиналъе – турказ Россялъулгун рагъ байбихьи ва Турциялъул магIарулазул аскаралъул командир Шамилил вас Гъази-МухIамад Пашал кагъат – 1877 аб. соналъул 10 аб. сентябралъ гъази-гъумекисезул базаралде бачIараю халкъалъе цIалараб. Гьеб кагъталда букIуна хъван турказуз аскараз гIурусазда тIад босун бугеб бергьенлъиялъул хIакъалъулъ ва дагъистаниязул турказул аскаралъ гьабизесеб кумек-квербакъиги гьединго жив аскаргун къватIив вахъине хIадурлъун вукIинги баян гьабун.
  2. Россиялъул зулму-хIал чIалгIарал дагъистаниял хIадурал рукIана бокьараб къоялъ пачаясул хIукуматалде данде рахъине хIакъикъияб эркенлъиялъе ва шаргIияб гIадлу-низамалъе гIоло жидер бутIрул кьезеги. Ахириял соназ хIежалде арал дагъистанияз къотIи гьабун букIуна турказгун цадахъ рекъон гIурусазде данже восстаниялъе рахъине. Гьеб лъарав пачаясул Дагъистаналда вугев губернатор ЧIавчIвадзеца хIукму гьабула хадурккун Дагъистаналдаса 50 соналдаса тIадехун ригь арал бусурбабаи хIежалде риччачIого тезе.
  3. Халкъ къватIибе бахъине хIадурлъулеб букIин лъарав Гъази-Гъумек округалъул начальник Чемберица балъгого амру гьабуна восстаниялъе рахъунезул сияхIал гьаризе ва пачалихъалъе заралалъе къеркьезе щаклъи бугелщиназулги ва халкъалда гьоркьоб жидер къадру-къимат билълъанхъаралщиналги хIисабалде росизе. Халкъ восстаниялде ахIизе щаклъи бугезул ва къватIире рахъиналъе данделъаби гьарурал гIалимзабазул, церехъабазул цо бутIа Сибиралде – Архангельскиялде ритIунги рукIуна чачаназулги Дагъистаналъулги халкъазда гьоркьоса.
  4. Цо бутIа ханзабазул хъизамаздаса гIурус пачаясе хъулухъ гьабулел рукIараздасан наибзаби, офицерал восстания гьабулезул рахъалде рачIуна жидеца хадубккун жидерго вилаятазда ханлъи боси мурадалда наиблъи-чиналги рехун тун.
  5. Гьединан Чачаналъулги Дагъистаналъулги халкъ цолъула «ХIурияталъе» гIоло.
  6. ГIурусазул хIукуматалъ бусурбабазе гьукъула шаригIаталъул кьучIалда жидер къисмат тIубазе, магIарулазул сабру лъугIизабун букIуна намусалъулъги гIумру гьабиялъулъги.
  7. Дагъистаниязул язихъаб бетIербахъиялъги, гIурусазул щибаб къойидаса-къойиде къвакIизабулеб бугеб законалъги ва пачаясул хIукуматалъ халкъалдаса рахъулел налогазги мухь кьечIого гьабизе тIамулеб бугеб захIматаб хIалтIиялъги, исламалдехун гьезул бугеб квешаб балагьиялъги чара гьечIолъун ккола магIарулал пачаясул хIукуматалде данде яргъидалъун гIуцIараб къватIир рахъин гьабизе.

Халкъ къватIибе бахъуна: «Заман щвана нилъее рорчIизе: бергьенлъи яги хвел». Чемберица цебеккунго балъго хIадур гьарун рукIуна 600 рекIарав восстаниялде рахъунелгун рагъизе жиндирго помощник Муса Къадиевасул ва ГIабдулмажид Сурхай Хановасулги кумекалдалъун. Ахирги Гъази-Гъумекиб округалъул начальник Чембер чIвала ва дагъистаниял гъазваталде рахъуна[2].

  1. ^ МухIканлъиялъе Урмаса ИсхIакъил тIехьалдаса цо бутIа
  2. ^ Ц.Г.А., РД. Ф.2, оп. 1, А127.