Фюрер
- перенаправление Шаблон:Расмияб хъулухъ/Ингилис
Фю́рер (Герман: Führer, абул куц [fyːʁɐ] — «цевехъан», «бетІер») — Германиялда 1934—1945 саназда пачалихъалъул ва Герман национал-социалистияб хІалтІухъабазулаб партиялъул (1921–1945) бетІерасул букІараб официалаб титул, ва гьединго цІаразулги ССалъул хъулхъазулги (штурмбаннфюрер, группенфюрер ва ц.). Аслияб куцалъ Фюрер абула Адолф Гьитлерида, официалги жиндир гьеб титул букІарав.
История
хисизабизе«Фюрер» титул щвана Гьитлерие 1934 соналъул 9 августалда, Веймар жумгьурияталъул рейхспрезидент Гинденбург хун хадуб. Къануналда рекъон, цІияб «Фюрерасул» ва рейхсканцлерасул хъулухъалъ жинда жаниб цолъизабуна президентасул ва канцлерасул хъулухъал, гьелдалъун Гьитлер лӀугьана Германиялъул кинабниги кверщел жиндихъ бугев бетІерлъун.[1][2] «Фюрерлъиялъул принцип» (Герман: Führerprinzip) кибего тІибитІизабулеб букІана нацистияб партиялъ; гьелъул бищун машгьурал лозунгазул цояблъун букІана «Цо халкъ, цо пачалихъ, цо цевехъан» (Герман: Ein Volk, ein Reich, ein Führer).
Референсал
хисизабизе- ^ Thamer, Hans-Ulrich (2003). "Beginn der nationalsozialistischen Herrschaft (Teil 2)". Nationalsozialismus I (in немецкий). Bonn: Federal Agency for Civic Education. Архивация оригинал (2011-10-26). Щвей 4 октобер 2011.
President von Hindenburg died on August 2nd, 1934. The day before, the cabinet had approved a submission making Hitler his successor. The role of the president was to be dissolved and united with that of the chancellor under the title „Führer und Reichskanzler". However, this was in breach of the Enabling Act. (shortened & paraphrased)
- ^ Winkler, Heinrich August. "The German Catastrophe 1933-1945". Germany: The Long Road West vol. 2: 1933-1990. гьл. 38–39. ISBN 978-0199265985.