Халип:ТӀасарищарал

Халип:ТІасарищарал» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Авар мацӀ
Авар мацӀ

Авар мацӀ ккола Кавказияб хъизамул авар гIаркьалил авар-гIандисезул къокъадул мацIлъун. ТӀибитӀун буго аслияб куцалъ Дагъистаналда ва ЦӀоралда. Ккола Дагъистаналъул официалал мацӀазул цояб. Авар мацӀалъул буго чанго сверел, литературияб мацӀалъул кьучӀда буго хьондасеб тӀадгаруде кколеб болмацӀ. Фонетикияб гӀуцӀиялда буго гӀатӀидаб рагьукъал гьаркьазул (консонантазул) система, рагьараб гьаракь буго щуго. Морфологияб рахъалъ авар ккола аглутинативияб мацӀ, жиндилӀ гьединго фузиялъулги аналитизмалъулги элементалги ругеб. Авар уна эргатив–абсолутив рекъонккеялъул мацӀазулӀе. Буго цӀакъ гӀатӀидаб вербазулаб система.

↪ жаниса цӀализе ›››