Хунзахъа КӀудияв ХӀажи

Хунзахъа КIудияв ХIажи (1872 - ). Абулмуслимил наслуялъул гIалимчи.

Хунзахъа Ражабил ГIумарил вас Ражаб-хIажи гьавуна гIага-шагарго 1872 соналъ ГIалимчулал абулеб тухумалда. ГIалимчулалин гьесул тухумалда абиялъе гIилла ккола Абумуслим-шайих вачIаравго, гьес бачIараб гIелмуги тIахьалги цIалун, гIелму босарал гIемерал гIалимзаби гьесул тухумалъул рукIин.

Эмен хун хутIарав гьитIинав ХIажи, гIелмуги умумуздасан бачIараб рухIияб бечелъиги щвечIого хIутIилин хIинкъун, эбел ГIумарил ГIаишатица гьитIинго гIелмуялъул нухде вуссинавун вуго. Анлъго сон барав вас эбелалъ витIула умумузул кьолбол гьобол ГIумар абун кIудияв гIалимчиясухъе цIализе БуцIраве.

Абумуслим щайихасдасан бачIараб гIелму инсуца васасухъе кьолаго, ХIажил умумул гьоркьоса кьотIизе течIого гIелму цIаларал гIалимзаби рукIана. ХIажи вукIун вуго инсул рахъалъан 15-абилев гIалимчи. Гьесул эмен хехго хун вуго. Гьесул рукIана кIиго васги кIиго ясги: МухIаммад, Гъайирбег, Хадижат, ПатIимат.

Гьесул умумуздасан рачIарал тIахьазда хъвараб тарихалдасан буго гьадинаб хъвайхъвагIай: «Дагъистаналде ислам бачIинелде цебе, нижер кIудияв эмен, жиндир зара бацIцIадав, кафураб заманалда гьезул гIалим ватана. Абумуслим вачIана, ислам къабул гьабуна. ТIоцебе иманги лъун гьев жаниве вачана жиндиралда цун рукъзал кьуна, масжид бана. Абумуслимида цадахъ йикIарай гьесул яц жиндирго васасе чIужулъун ячана. Биги гьанги жубана Абумуслимил тайпаялъул, гьесул нухда хьвадулел умумул нижер лъугьана. АнцIила щуго гIалим наслуялда вахъана, щунусиялде гIагарун тIахьал гьезул ратана. Гьезул щибав гIелмуялде гурони валагьичIо, гIелму тун хьвадаразул магIишатги билълъинчIо. Мисриялде, Шамалде ун гIелму тIалаб гьабуна, гьениса тIахьал росун тадрис гьабун цIалана. Гьезул цIар Аль-гIуламау ГIалимчулал аль-аварию" аль-хунзахийю аль-тIалтIию абун тIибитIана». [1]


Примечания хисизабизе

  1. http://www.as-salam.ru/avar/arhiv/2010/avar_2010_02.pdf (хвараб регӀел)