Хунзахъ хъала

XIX гӀасруялда бараб рагъулаб щула

Хунзахъ хъала, гьединго ГӀарани хъала (гІур. Хунзахская крепость) — фортификационияб гӀимарат, XIX гIасруялда Кавказалъул рагъул заманалда Аваралдаги Дагъистаналдаги гӀурус кверщел щула гьабиялъе гӀоло жибги бараб. Хъала ккола Дагъистаналда бугеб Россиялъул маданияб ирсалъул объектазул бищун кӀудиязул ва лъикӀ цӀунун хутӀаразул цояблъун.[1].

Хъалаялъул аслияб каву. Сурат: МухӀаммад Хучбариласул

Сипат-сурат хисизабизе

 
Жанисеб рахъ, цебе букӀараб азарханаялъул мина

Хъала буго Хунзахъ тӀалъиялда (1800 метралъ ралъдал гьумералдаса тӀадегӀан) Хунзахъ мухъалъул ГӀарани росулӀ, Тобтил чвахероялдаса ва Цолокь каньоналдаса 50–60 метралъул манзилалда. Хъалаялъул гӀатӀилъи буго 3 га (цогидал баяназда рекъон 3,5 га).[2]

ГӀимараталда жанир руго солдатазе казармаби, аскаралъул азархана, цейхгауз, магӀишат цӀунулеб бакӀ ва цогидалъеги рукъзал. Киналго къадал ран руго 95-ялдаса дагь гьечӀеб сантиметралъул бицалъиялда гъурунгьецӀо гӀадал къвакӀарал материалазул гӀарадабазул гуллаялде данде. Сверунги рукъзабазул къадаздаги буго 600 тӀуманкӀ кьвагьизе гьабураб къотӀел, хъалаялъул щибаб бокӀнида буго си, гъоркьияб тӀалаялда — гӀарадабазе лъабго амбразура, тӀасиялда — щуго гуллареххалъулаб бакӀ.[3]

Мокърукь лъурал чӀалаби руго ункъбокӀонал, 24–26 см къотӀелалда бугел. Казармабазул рукъзабахзъ, аскаразул азарханаялда, цейхгаузабазда чӀабаралда лъун буго 65–77 мм бицалъи бугеб хъарщи. Цогидал рукъзабахъ чӀабар буго ганчӀил къаназул яги цементалъул.[3][2].

Хъалаялъул бакътӀерхьул рахъалда рукӀана маххулкуналъул сверункъай. Шималиябгин бакътӀерхьул рахъалда букӀана килиса, 1935 соналх биххизабураб. Гьелъул цӀурмил сиялда букӀана халгьабул пункт, кинабо сверухълъи бихьулеб. Хъалаялъул жанубияб рахъалда буго гьужум гьабун бажарулареб ЦӀолокь рагӀал, жиндир борхалъи 90 метралде бахунеб. Бакъбаккул рахъалда, 150 гӀанасеб метралъул манзилалда буго 7,5–8 метралъул гургинаб си, 28 тункӀилабги гӀарадулабги горду бугеб. Гьеб сиялъул букӀун буго цо рагьу, жибго 2,5 метралъул борхалъуда. Жаниреги къватӀиреги лӀугьунел рукӀун руго кварил молодасан. ТарихчагӀазул пикруялда рекъон, сиялда жанир кидаго вукӀунев вукӀун вуго 15 ярагъ борчарав ва цо гӀарадачи продуктазул анкьил нахърателгун. Гьеб сиялъ цӀунулеб букӀун буго хъалаялъул жанубиябгин бакъбаккудехун бугеб беццаб сверухълъи.[4]

ГӀарани хъалаялде жанибе букӀана чанго кӀамуридул каву, жаниса щулаго рахалел. Гьезул нахъе хутӀун буго шималияб рахъалда бугеб цояб. Щулалъиялъул жанубияб рахъалда жакъа къоялъги буго къараб лъел ицц, жанире лӀугьине кӀамуридул ракьулӀан нухги бугеб.[3]

Тарих хисизабизе

1859 соналъ Бакъбаккул Кавказалъул театралда рагъ лӀугӀидал, гӀурус пачалъиялъ аваралги Дагъистаналъул цогидал халкъалги кверщаликь кквезе байбихьана щулалъаби разе. Гьезул цояблъун лӀугьана жиндир заманалъул киналниги тӀалабазеги рекъараб щулияб ГӀарани хъала. Хъала базесеб бакӀ тӀаса бищун букӀана гьеб бакӀ тӀабигӀаталъулго щулалъиги, Авар территориялда бакьулӀги, мугӀруздаги гӀодоблъиялдаги гьоркьоб транзиталда тӀад контрол гьабизе рекъарабги букӀиналъ.[5][6]

Хъала базе байбихьилалде, 1862 соналъ бана стратегияб кӀвар бугеб нух, жинца Шурагьибги тӀолго Авариялъул центр ва тахшагьар Хунзахъги рекӀинабураб. Гьеб нух рикӀкӀунеб букӀана гӀурус пачалихъияб кӀвар бугеблъун ва хӀалтӀизабулаан гӀурус оккупантчагӀаз жидерго яргъидгӀуцӀарал къуватал магӀарулазул къеркьеялде данде рехизе. Кавказалъул рагъ лӀугӀун бахъиндал, сверун ругел регионаздаса къваригӀарабщинабги бачӀун, базе байбихьана жибго хъала.[5][6]

Хъала бан бахъана 1867 соналъ. Гьеб бан букӀана анцӀила ичӀабилеб гӀасруялъул гӀурус фортификационияб архитектураялъул киналнги асасазда рекъон. Хъалаялда аскӀоб букӀана гьабун парк, жиндир кӀалтӀа "Солдатазеги гьабзазеги жанире рачӀине бегьуларо" абун хъвараб, щай абуни гьеб рикӀкӀунаан офицерзабазулаблъун.[7][6]

1871 соналъул септембералда хъалаялде вачӀана гӀурус пача Александр II. Гьесда дандчӀвай гьабуна 15-б Кавказалъул линияб баталйоналъул хӀурматияб хъаравулалъ ва жибго хъалаялъул гарнизоналъ. Александр II сордо бан чӀана хъалаялда пачаясул хъизаналъул чагӀазе букӀараб кӀитӀалаяб минаялъув. Нахъисеб къоялъ гьев ана Болъихъе.[8][1][9]

Хъалаялда батӀи-батӀияб заманалда хъулухъ гьабулел рукӀана Кубан пластун полкалъул хъазахъал, Нор-Баязет полк, хасаб Кром лъелазул полк, ЧӀегӀер-ралъдал эскадралъул матросал, жал гьенире ритӀун рачӀун рукӀарал 1606 соналъ лейтенант Шмидтил командаялда гъоркь дандерахъиналда гӀахьаллъи гьабиялъухъ.

1918–1921 соназ ватӀанчилъиялъул рагъул заманалда хъалаялда рукӀана Дагъистаналъул рекӀаразулаб полк, ИсмагӀил-бейил бетӀерлъуда гъоркь туркал, 284 полкалъул 39 ва 32 дивизия, Атал Муслимил нухмалъиялда гъоркь партизаназул къокъа. Рагъдаса хадуб хъалаялъул рагъулаб кӀвар тӀагӀана.[10]

Совет хӀакимлъиялъул заманалда хъалаялда жанир рукӀана мухъалъулаб азархана, руччабазул школа, лъималазул рукъ, рагъулаб комиссариат ва цогидал гӀуцӀаби.[11]

Хадуб хъала рикӀкӀана Россиялъул маданияб ирсалъул объектлъун.

Жакъа къоялъ хъалаялда жанир руго Хунзахъ школа-интернат, рагъулаб комиссариат, паалихъалъул рукъзал (гӀадамазул хасал), Россиялъул гӀурхъадухъаб рагъулаб бутӀабакӀ. 2019 соналдаса нахъе планалда буго хъалаялъе 1 миллиард сумма кколеб реконструкция гьаби.[12][13][1][5]

Галерея хисизабизе

МугъчӀваял хисизабизе

  1. 1,0 1,1 1,2 "Хунзахская крепость XIX века в Дагестане будет реконструирована в 2018 году" (in русский). ТАСС. Халагьи 2019-01-10.
  2. 2,0 2,1 "В Хунзахском районе реконструируют старинную крепость". minkultrd.ru. Халагьи 2019-01-10.
  3. 3,0 3,1 3,2 "Арани, Хунзахский район - Односельчане.ru - города и села Дагестана". odnoselchane.ru. Архивация оригинал (2019-01-11). Халагьи 2019-01-10. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  4. "Хунзахский район - общая информация". khunzakh.ru. Халагьи 2019-01-10.
  5. 5,0 5,1 5,2 "Хунзахская цитадель обретет вторую жизнь". www.dag.aif.ru. 2017-01-13. Халагьи 2019-01-10.
  6. 6,0 6,1 6,2 А. Г. Передельский. №7. Укрепление Хунзаха и Аварский округ глазами доктора Передельского (ru) // Газета «Кавказ». — Тифлис, 1904.
  7. "Экскурсия по горному Дагестану". pandia.ru. Халагьи 2019-01-10.
  8. "В Хунзахском районе будет реконструирована старинная крепость". dagmintrud.ru. Архивация оригинал (2019-01-10). Халагьи 2019-01-10. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (квеки)
  9. "Старинную крепость в Хунзахском районе ждет масштабная реконструкция". Dagpravda.ru. Халагьи 2019-01-10.
  10. "Аранинскую крепость Хунзахского района будут реконструировать" (in английский). komrelig.e-dag.ru. Архивация оригинал (2019-01-10). Халагьи 2019-01-10. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  11. "Аранинская крепость" (in русский). kavtoday.ru - Кавказ Сегодня. Архивация оригинал (2019-01-11). Халагьи 2019-01-10. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  12. "Новости - В Дагестане реконструируют крепость XIX века" (in русский). РЕВИЗОР.РУ. Халагьи 2019-01-10.
  13. "В Дагестане в древней крепости откроют кадетскую школу" (in русский). Российская газета. Халагьи 2019-01-10.

Адабият хисизабизе

ГӀурус мацӀалда:

  • А. Г. Передельский. №7. Укрепление Хунзаха и Аварский округ глазами доктора Передельского (ru) // Газета «Кавказ». — Тифлис, 1904.
  • Булач Гаджиев. Царские и шамилевские крепости в Дагестане. — Махачкала: Эпоха, 2006. — ISBN 5-98390-014-5.
  • Ш. И. Микаилов. Все аулы Дагестана. Книга 1. — Махачкала: Эпоха, 2009. — 377 с. — ISBN 9785983900592.