ХъáхӀал къункъраби — аваразул кІудияв шагІир ХӀамзатил Расулил бищун машгьурал шигІрабаздаса цояб, шигIру, гьес Япониялдаса вуссун хадуб хъвараб. ШигІру буссинабун буго гІемерал мацІазде. ГІурус мацІалде гьеб буссинабуна 1968 соналъ Наум Гребневас, 1969 соналъ гьеб шигІруялдаса гьабуна Журавли абураб кечІ.

ХъахӀал къункъраби
къункъраби

ШигІруялъул тарих хисизабизе

Аваразул шагІир, ХІамзатил Расулица «ХъахІал къункъраби» шигІру хъвана 1965 соналъ Япониялдаса вуссинадал. ШигІруялъул тема ракІалде бачІун буго Хиросимаялда бугеб Япониялдаса ясалъе, жий Хиросимаялда гьабураб атомияб къвагьиялъул хІасилалдалъун лейкомиялъ унтун йикІарай, гьабураб монументалде щун, гьениб гІемерал кагъаталъул гьарурал къункъраби рихьун хадуб.

ХІамзатил Расул Япониялда вукІаго, хола гьесул эбел; тІадвуссунаго гьев вукІун вуго эбелалъул хІакъалъул пикрабазда, гьесда ракІалде щун руго Севастополалда букІараб рагъда хварав кІудияв вац МухІамад ва араб бакІ лъачІого рагъда тІагІарав вац Ахильчи, ракІалде щун руго цогидал гІагарал чагІи кІудияб ватаІанияб рагъда хварал. Гьел пикрабазда хъван буго Расулица шигІру.

Тема ва идея хисизабизе

ШигІруялъул леймотивлъун буго къункърабазул тІелалду хадуб балагьи. Гьел роржунунел къункъарбаз къо лъикІ гьарулел ругел гІадин гьаркьалги гьарулаго «Нилъее салам кьун роржунел руго». Авторас пикру гьабулеб буго гІумру лъугІиялда ва хвел бачІиналда тІад пикру.

ШигІруялъул идеялъун буго гІадамасул гІумруялдаги хІанчІазул роржиналдаги гьоркьоб гьабураб релъенлъи ва хвел ахирлъун кколарин абураб пикруги.

«Кирго рукъун гьечІин, къанабакь лъечІин ‹...›. ХъахӀал къункърабазде сверун ратилин»...

ШигІруялъул жанр ва композиция хисизабизе

ШигІрудал жанр буго эллегия, жиндир адабияталъулаб мазгьаб романтизмалъун кколе. Композиция гьабун буго авторасул гІумрудал нухалъул хІакъалъулъ темаялда тІасан бугеб жанисеб диалог хІисабалда. ТІолго шигІруялъулъ буго пашманлъи, гІумруялъуо ахир букІин бичІчІи. Авторасда бихбулеб буго къункърабазул тІелалъулъ цо манзил:

Гьезул тӀелалда гъоркь цо бакӀ бихьула -
Дун вачӀине гьаниб къачӀараб гурищ?

Гьелдалъун бихьизабун буго живго авторасул хІал ва кинабниги шигІруялъулъ кьолеб бугеб пикру.

Лирикияв гьероясул сипат-сурат хисизабизе

БетІерал гьеорояллъун руго живго авторги къункърабазул тІелги, гьезда гьоркьоб лъугьун буго бихьулареб хурхен; живго авторасда бихьулеб буго гьесул гІагарлъи, къисматазул релъенлъи.[1].

ШигІруялъул текст хисизабизе

Дида ккола, рагъда, камурал васал
Кирго рукъун гьечӀин, къанабакь лъечӀин.
Доба борхалъуда хъахӀил зобазда
ХъахӀал къункърабазде сверун ратилин.
Гьел иххаз хаселаз халатал саназ
Нилъее салам кьун роржунел руго.
Гьелъин нилъ пашманго, бутӀрулги рорхун,
Ралагьулел зодихъ щибаб нухалда.
Боржун унеб буго къункърабазул тӀел,
Къукъа буго чӀварал гьудулзабазул.
Гьезул тӀелалда гъоркь цо бакӀ бихьула -
Дун вачӀине гьаниб къачӀараб гурищ?
Къо щвела борхатаб хъахӀилаб зодихъ,
ХъахӀаб къункъра лъугьун дунги паркъела.
Гьелъул гьаркьидалъун ракьалда тарал
Киналго нуж, вацал, дица ахӀила.


Ралгье гьединго хисизабизе

МугъчӀваял хисизабизе

Библиография хисизабизе

  • Казиев Шапи. Расул Гамзатов. — М: Молодая гвардия, 2018. — О стихотворении «Журавли»: с. 250—257.

РегӀелал хисизабизе