МухӀаммад: Версиязда гьоркьор батӀалъиял

Контент гилдана Контент жубана
Мухъ 10:
 
== Сипат ==
[[ИсмагІил (авараг)|ИсмагІил]] аварагасул гІалайгьи ссалам наслуялъул МухІаммад авараг, кутакалда батІа вахъулев вукІана хутІарал гІарабаздаса, гьесул черхалъул хъахІаб кьералдалъун. Гьесул заманаялъ рукІарал асхІабзабазул р.гІ. рагІабазда рекъон, авараг вукІана кІигъажалъан гІебав, гьоркьохъеб халатлъиялъул, кверал ва угъдул чІахІияв. Гьесул мегеж букІана ризаб, кІалги бералги гІатІидал. Гьодида кІигъажада гьоркьоб букІана авараглъиялъул хатму (печать).<ref>Аль-Бухари (№ 5908), Муслим (№ 2340)</ref>. Гьесул рукІана халатал берзул тІелхал, гургин ккарал кьунсрул ва халатаб габур.<ref>[http://www.hadith.narod.ru/155.html О достоинствах Пророка Мухаммада, мусульманской нравственности и праведном поведении. Мухаммад ибн Джамиль Зину]</ref>
 
Исламалъул кІудияв гІалим ва тарихчи [[АтІ-ТІабари|Абу ЖагІфар МухІаммад атІ-ТІабарияс]] жиндирго «Тариху атІ-ТІабари» абураб тІехьалда хъван буго аварагасул сипаталъул хІакъалъулъ гьадин:
{|
|{{цитата байбихьи}}«Гьев вукІана гьоркьохъеб лагаялъул: халатав гурев, къокъав гурев. Гьумералъул букІана гвангъараб кьер, цІакъго хъахІабги гуреб, тІогьилабги гуреб, берал — чІегІерал, расал — ризал, кунчІулел, цІакъ берцинал. Гьумер берцин гьбун букІана магжица. Халатал расал кІигъажаде щварал рукІана. Гьелъул кьер букІана чІегІераб… Гьесул рилълъин букІана тІадагьаб, гали тІамураб щинахъе кколаан гьев ракьалдаса ватІалъулев вугоян. Кинго гьесул рилълъиналъулъ букІинчІо чІухІи. Гьесул гьурмада букІана рокьи, хинлъи, лъикІлъи жиндаса бер босизе кІолареб. Ракъарал гІадамал гьесухъ ралагьидал гьезда гьебсагІатго квен кІочолаан. Гьесда аскІоре къварилъиялда ругел ккейдал, гьезда жодорго къварилъаби кІочонаан, гьесул тІабигІаталъул берцинлъиялъ ва каламалъул бигьалъиялъ хІайранги гьарун. Гьев вихьаралщинал якъинго рукІана, кидаго цебеги хадубги, гьесулгун гІадин кІалъай гьуинав чи жодода вихьичІоян. Гьесул мегІер букІана битІараб, цаби рукІана цоцадаса батІа тІурал, (берцинал). Зама-заманаялдасан гьесул ботІрол расал кІигъажаде риччан рачІунаан ва цо-цо мехалъ гьес гьел ругьунаан кІиго яги ункъго гъалги гьабун. 62 сонил гІумруялде вахиндал гьесул букІинчІо хъахІаб рас…»<ref>[http://islam.on.ufanet.ru/pub/encyclopedia/001.poslannik.allaha.html Посланник Аллаха. Ф. А. Асадуллин, Р. И. Султанов и др.]</ref>{{цитата лъугІи|босараб бакІ=}}
|}
 
== Цоги аварагзабазда гьоркьоб МухІаммад аварагасул {{сав}} къадру ==
Босараб бакӀ — «https://av.wikipedia.org/wiki/МухӀаммад»