МухӀаммад: Версиязда гьоркьор батӀалъиял

Контент гилдана Контент жубана
Нет описания правки
Мухъ 1:
{{МухІаммад}}
'''МухІа́ммад''' {{сав}} ({{lang-мацӀ+ar|محمد}} {{Audio-IPA|Ar-muhammad.ogg|[mʊħɑmːæd]}}), 571 соналъул 22 апрелалъ [[Макка]]ялда гьавурав ахирисев [[авараг]]. Аллагьас гьесухъе {{сав}} рещтІана [[вахІй]]алдалъун [[Къуръан]]. МухІаммад {{сав}} вукІана цеветІурав сиясатчилъунги, рагъул цевехъанлъунги ва гьединго тІоцебе бусурбабазул [[умма]] жинца гІунцІцІаравлъунги. Гьев чІаго вугев мехалда, тІолабго [[ГІарабазул бащадабчІинкІиллъи]] букІана исламалъул ракьлъун.
 
== ЦІар ==
Мухъ 26:
 
 
МухӀаммад авараг {{сав}} Маккаялда гьавуна ГӀабдуллагь инсуе Аминат эбелалъе. Эбелалъул ургьив вукӀаго гьесул эмен хвана, анлъго сон тӀубан хадуб эбелги хвана. ХӀалиматица хахизавуна, эбел эмен хун хадув кӀудияв эмен ГӀабдулмутӀалибица хьихьана, гьев хун хадуса инсул вац АбутӀалибица хьихьана. ГьитӀинаб къоялдаса нахъе гӀамал тӀабигӀат берцинав, намус бацӀцӀадав, битӀараб гурого бицунарев, киналго квешал гӀадатаздасаги рекъечӀеб хьвадиялдасаги вацӀцӀадав вукӀана. КӀикъого сон барав мехалъ Аллагьас гьев Авараглъун гьавуна, расуллъунги витӀана. Гьев Аллагьасул
аварагги расулги вукӀин лъазе Аллагьас гьесие гӀемерал мугӀжизатал кьуна: моцӀ хъвалхьи, лъималаз, рухӀ гьечӀел жалаз, хӀайваназ Аллагьасул расул вугилан нугӀлъи гьаби, килщаздаса бодуе гӀураб лъим бакки ва гь. ц. Гьесие кьурал мугӀжизатазул бищун кӀудияб мугӀжизат ккола хирияб Къуран. Аллагьасул рахъалдаса Жабраилас босун бачӀун дагьдагь ккун къоло лъабго соналъ гьесде рещтӀана Къуръан. Гьес Аллагь цо гьавиялде, ай Аллагьасул диналде къоло лъабго соналъ халкъ ахӀана. Гьесул дин гьукъизеян абун мушрикиназги, мунафикъзабазги, ягьудиязги, насраниязги гӀемераб дандечӀей гьабуна. Гьесги гьесул асхӀабзабазги Аллагьасул диналъе гӀоло гӀемераб сабру гьабуна. Гьездаги капурзабаздаги гьоркьор рагъал ккана. ГӀараб чӀинкӀиллъиялда [[Ислам]] тӀобитӀун хадуб дунялалдаго тӀобитӀизе гьебги биччан камилаб куцалда гьеб дин халкъазда малъун гӀумруялъул лъабкъоялда лъабго сон тӀубан хадуса гьев хвана, Мадинаялда вукъизеги вукъана. <ref>[http://www.dagislam.ru/docs_files/Hakab_din_avar.pdf КъурамухӀаммад-хӀажи Рамазанов, ФАРЗ / ХӀакъаб диналъул лъазе кколеб чара гьечӀеб къадар, МахӀачхъала 2006]</ref>
 
== Аварагасул наслу-насаб ==
 
МухӀаммад авараг {{сав}}, гьесул эмен ГӀабдуллагь, цинги ГӀабдулмутӀалиб, Гьашим, ГӀабдулманаф, Къусаййу (Къусай), Килаб, Муррат, КагӀбу, Луаййу (Луай), Гъалиб, Фигьру (Фигьр), Малик, Назр, Кинанат, Хузаймат, Мудрикат, Ильяс, Музар, Низар, МугӀад, ГӀаднан.
 
МухӀаммад аварагасул {{сав}} эбелалъухъан умумузул тартибалъул бицани, гьев ккола Аминатил вас, Аминатги ккола Вагьбил яс, Вагьбу ккола ГӀабдулманафил вас, гьевги – Зугьратил вас, Зугьратги – Килабил вас. Гьев Килабилъ хирияв Аварагасул эбелалъулги инсулги кӀиябго насаб жубала. Гьаб ккола, тарихалъул гӀалимзабиги насаб лъалел гӀалимзабиги – киналго тӀад рекъараб, гьесул умумузул тартиб. Гьаниса тӀадехун рехсараб насабалда сверухъ хилаф буго. Амма киналго тӀадрекъараб хӀукму ккола МухӀаммад аварагасул насаб Ибрагьим аварагасул вас ИсмагӀил аварагасда хурхараб букӀиналда. Гьесул киналго умумул рукӀана тавхӀидалда, ай, Аллагь цо гьавулеллъун, хъанчие лагълъи гьабулареллъун. («ФатхӀул гӀалам» т. 1, гьум. 152). Гьесул умумул, инсухъан рукӀа, эбелалъухъан рукӀа, киналго рукӀана жидер заманалъул бищун къимат-къадру бугел, заманалда рекъон, шаргӀияб магьари лъун гурого, жал данделъичӀел, зина гьаби гӀадал квешал пишабаздаса жал цӀунарал. Хириясул хӀадисалда буго: «Дун загьирлъана никахӀалдалъун, дун загьирлъичӀо зинаялдалъун, Адамидаса байбихьараб дир эбел-инсухъе щвезегӀан дун, умумуз магьариги лъун, загьирлъана» - абун (Ибну ГӀадди, ТӀабарани).
 
Хирияв Аварагасулаварагасул инсухъан тартибалъул хӀакъалъулъ дагьаб гӀатӀидго:
 
:1. ''ГӀабдуллагь'' къурайшиязда гьоркьов бищун берцинав чиги, бищун инсуе вокьулев васги вукӀана.
Мухъ 62:
 
 
== ПримечанияХӀужаби ==
<references/>
 
Босараб бакӀ — «https://av.wikipedia.org/wiki/МухӀаммад»