Хурма: Версиязда гьоркьор батӀалъиял

Контент гилдана Контент жубана
гI.-м. Bot: Migrating 1 interwiki links, now provided by Wikidata on d:q158482 (translate me)
гI.-м. fixing dead links
Мухъ 9:
== Хурмаялъул пайда ==
[[Файл:Kaki2.jpg|thumb|left|250px|<font color="grey"></font>]]
Кинан тӀаса бищилеб лъикӀаб хурма? Барщараб хурма букӀине ккола лъикӀаланго тамахлъараб. Кьерги канчӀтӀогьилаб, багӀарсияб букӀине ккола, тӀанхалги – тӀулакьерал сурмиял. Гьелда тӀад чӀегӀерал тӀанкӀал лъун ругони, пихъ хвезе байбихьиялъул магӀна ккола. Кинаб пайдаха гьелъул бугеб? Хурмаялда гъорлъ рукӀуна гӀемерал черхалъе хӀажатал, пайдаял элементал, [[витамин]]ал – [[глюкоза]], [[сахароза]], «А», «С», «Р» витаминал, махх, калий, кальций, медь, магний, марганец, йод. КӀалдиб бохьун чӀолеб тайпаялъулги буго жинда жаниб пектин букӀиналдалъун черхалъе пайда. Гьелъ кванирукъалъул, бакь-чехьалъул хӀалтӀи лъикӀлъизабула. Гьединго жиндилъ магний букӀиналда бан чорхолъ ганчӀал ккезе толаро. КъваригӀел гьечӀел цӀамал чорхолъа къватӀире рехула, черх бацӀцӀад гьабула, лъим къватӀибе кьабулеб гӀадат буго. Би дагьал чагӀазе кваназе лъикӀаб буго жинда жаниб гӀемераб махх букӀиналда бан. Йод гъорлъ букӀиндал хурма кваназе пайдаяб буго мукъулукъалъул цӀуцӀдузул (щитовидная железаялъул) унти бугел чагӀазе. Пектин гъорлъ бугелъул, кванирукъалъул хӀалтӀи лъикӀлъизабиялъеги кваназе лъикӀаб буго хурма. Гьороялъул (ракалъул) унтиялда данде чӀеялъе лъикӀаб буго витамин «А» гъорлъ букӀиндал. РекӀелги, рихьазулги хӀалтӀи лъикӀлъизабиялъеги пайдаяб буго хурма. Гьединго хӀалтӀизабизе лъикӀаб буго рихьал къварилъиялъ ракӀалда жо чӀоларел чагӀи сахлъиялъеги – склерозалъул унти бугез. Гьединго нерваби гӀодор къазеги, хӀалхьи кьеялъеги кваназе лъикӀаб буго. Абула кванде гъира базабулин хурмаялъин, нервабазе хӀалхьи кьолин, хӀалтӀуде гъира ккезабулин, свак лъазе толарин. Хасго лъикӀаб буго гьеб пихъ кидаго захӀматаб, хӀалуцараб, гӀемер нерваби холеб хӀалтӀуда рукӀунел чагӀазе. Хурма хӀалтӀизабула гьединго гьурмал куц берцинлъизабиялъеги – батӀи-батӀиял маскаби гьарун, гьурмал куц цӀвакизабизе, гвангъизабизе. Амма буго цо тайпа гӀадамазул кинго гьеб кваназе бегьуларел. Гьел ккола «сахарный диабет» унти бугел гӀадамал, кьаралъиялъул, гьороялъул унти бугел гӀадамал. Гьезие гьукъараб буго хурма кваназе. <ref>http://web.archive.org/web/20110501142611/http://www.assalam.ru/avar/arhiv/2008/avar_2008_21_22.pdf</ref>
 
== Примечания ==
Босараб бакӀ — «https://av.wikipedia.org/wiki/Хурма»