НахӀли (сура): Версиязда гьоркьор батӀалъиял

Контент гилдана Контент жубана
гI.-м. Bot: Migrating 1 interwiki links, now provided by Wikidata on d:q220495 (translate me)
Перенаправление на Сура Ан-НахІл
Мухъ 1:
#перенаправление [[Сура Ан-НахІл]]
'''Сурату НахӀли''' (гӀараб мацӀалда '''سورة النحل''')
 
[[Макка]]ялда рещтӀине гьабураб жинда жаниб нусиялда къоло микьго [[аят]] бугеб.
 
Гьаб сураталда жанибги аслияб бакӀ кколеб буго [[Аллагь]] вукӀин чӀезе гьабулел далилал рициналъ, гьев жиндие гӀибадат гьабизе хӀакъав БетӀергьан вукӀинги чӀезе гьабулеб буго. Аварагзаби ритӀи, ахират букӀин, хӀисаб-мизан, алжан-жужахӀ букӀинги баян гьабулеб буго.
 
Аллагьасул хӀалкӀолъиялда тӀоритӀел гьабулел далилал рачун зобал-ракьал, гӀорал, мугӀрул, ралъадазул бицун буго. Зодисан рещтӀунеб цӀадалъул, ракьалдасан бижулеб хур-хералъул бицун буго. Зодир хьвадулел цӀвабзазул, ралъдада хьвадулел гумузул бицун буго: гьел киналго далилалги руго инсанасул хӀавасаздалъун (жо лъалел лугби: бер, гӀин) жал лъалел ва жиделъ пикру гьабун гьезул БетӀергьан вукӀиналда тӀоритӀел гьабулел.
 
Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагасда вахӀю рещтӀине байбихьараб мехалъ маккаялъул мушриказ гьев махсароде гьавиялъул бицен гьабун буго. Къиямасеб къоялде инкар кквеялъул, гӀазаб хех бачун вачӀа абун аварагасда тӀад релъанхъиялъулги бицун буго. Аллагьасда ва гьесул кӀудиял ва гӀемерал нигӀматазда инкар ккурал гӀадамазул ахир кин кколеб бицун, гьедин инкар кколел чагӀазе хӀинкъи кьолеб буго. сураталъул ахиралдаги Аллагьасул свалат салам лъеяв аварагасда амру гьабулеб буго Аллагьасул диналде халкъ ахӀе абун берцинаб хабаралдалъун ва хӀикматалдалъун: гӀелмиял далилал рачун ва мисалал рачун.
 
Аллагьасде халкъ ахӀулаго щвараб къварилъиялде сабру гьаби ва гӀадамаздаса тӀаса лъугьун, гьезда гурхӀел гьабе абунги амру гьабулеб буго хирияв аварагасда. Сураталда цӀар тун буго «Найялъул сурат» абун, гьаб сураталда жаниб гьеб гӀажаибаб рухӀчӀаго-лъиялъул бицен гьабулеб букӀиналъ. Аллагьасул хӀалкӀолъиялда, гьесул гӀелму къудраталда тӀоритӀел гьабулел гӀемерал хӀикматал руго гьеб гьитӀинаб наялъул хьвадиялде балагьарав чиясе.<ref>http://guraba.net/images/stories/Sura%20Al%20nahl.doc</ref>
 
== Примечания ==
<references/>
 
[[Категория:Сураби]]