Ункъракь: Версиязда гьоркьор батӀалъиял

Контент гилдана Контент жубана
Нет описания правки
Нет описания правки
Мухъ 1:
[[File:Ункъракь Герб 2.png|thumb|Ункъракьалъул официалияб герб.]]
'''Ункъракь''' — [[Дагъистан]]алъул [[ЦӀумада мухъ]]алда бугеб офицалияб гуреб, тарихияб бутӀа.
 
Мухъ 5 ⟶ 6 :
Ункъракьалда гьоркьоре уна [[ЦӀумада мухъ]]алъул [[Къеди]], [[Силди]], [[Гьакъоб]], [[Гъоркьхъваршини]], [[ТӀаса Хъваршини]], [[Сасикь]], [[Метрада]], [[Цихалахъ]] ва [[Хушати]] росаби. Районалъул цогидал росабазда данде ккун гьезул хаслъи буго - гьел киналго росаби болмацӀалда кӀалъалел, ай жидерго цоги мацӀ гьечӀел рукӀин. Макъалаялъул авторас бихьизабухъе, гьел росабазул хӀакъалъулъ цӀакъго дагьаб гурони материал газет-журналазда хъваларо (гьениса хъвадарулел чагӀи гьечӀолъиги батила гьелъие гӀилла). Кинниги гьел росабазул тарих цӀалдолезда, хасго гьел росабазул гӀадамазда лъай мурадалда, СайгидахӀмад АхӀмаднабиевас батӀи-батӀиял тӀахьаздаса, архивазда ругел хӀужабаздаса, гӀурусалдаса буссинабун хъван буго гьаб макъала. Гьенирги цо-цо цоцазде дандекколарел бакӀалги руго, рукӀаниги х1акъикъат лъаялъе мунпагӀат букӀинин гьел рахъулел руго.
 
«Ункъракь - цӀакъ борхалъуда буго, гьелдасан тӀадегӀан Аллагь вуго» - ян хъван буго «Кавказ» журналалда 1849 сонадда. ЦӀакъго рикӀкӀад, цӀакъго борхалъуда букӀиналъ Ункъракьалъул жамагӀат чияда бачӀеблъун ва жибго жинда чӀараблъун букӀана. Борхалъуда Аллагьасда гӀагарда рукӀиналъ батилин гьез Ислам жидерго г1умруялъул къанунлъун бищарабилан хъван буго добго журналалда. ХӀакъикъаталдаги гьел росабазул гӀадамал церего рукӀана шаригӀатги тӀарикъатги лъикӀ лъалел, гьелъул тӀалабалги кколеб куцалъ тӀуралеллъун, гьанжеги руго. Гьедин рикӀкӀад рукӀиналъ гьел росабазул гӀадамал 1844 соналде щвезегӀан имамзабигун гъазаваталда гӀахьаллъиялъулги цӀакъго мукъсанал гурони хӀужаби гьечӀо. Гьеб соналъ, [[Къеди]]ги [[ГьакъобГьакъо]]ги рукӀарал нуцалзаби тӀагӀинаридал, танила гьенив [[Имам Шамил|Шамилица]] наиблъун [[Сасикь]]а Хатил МухӀамад. Гьесул 150 рекӀаравги 320 лъелавги мурид вукӀанин хъван буго церегосел тӀахьазда.
 
Ункъракьалъул росабиги цоги бакӀалдаса рачӀун чӀарал магӀарулаздасан лъугьарал руго. Гьезул гӀорхъаби: бакъбаккудасан хъвар щалгун ва тӀиндалгун, югалъул бакъбакку дасан гуржиялгун ва цӀунтӀалгун, югалдасан ва югалъул бакътӀерхьудасан гуржиялгун, севералдасан чачаналгун ва севералъул бакъ баккудасан ч1амалазулгун руго. Гьездаго гъорлъ руго батӀияб миллаталъул лъугьарал тухумалги. Масала: [[Цихалахъ]] росу Чачаналда саЧачаналдаса бид виххун Цихалди росулъа вачӀарав чияс ккураб бугин абула. Буго [[Сасикь]] Табасараналдаса вачӀарав чиясдасан лъугьараб тухумги, - Гуржиялъа вачӀарав чияс дасанчиясдасан лъугьарабги, гьединго руго цогидал росабалъги.
 
== Линкал ==
Босараб бакӀ — «https://av.wikipedia.org/wiki/Ункъракь»