Дагъистаналъул БетӀер: Версиязда гьоркьор батӀалъиял

Контент гилдана Контент жубана
Мухъ 48:
Гьа бала рохалилаб ахӀвал-хӀалалда Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Шураялъул депутаталги ва Дагъистан Жумгьурияталъул Конституциялъулаб Судалъул къадизабиги ругеб бакӀалда. БетӀерас гьа бала [[Дагъистан Жумгьурияталъул конституция|Жумгьурияталъул Конституциялда]] кверги лъун. Гьа бан бахъарабго ахӀула [[Дагъистаналъул гимн|Дагъистан Жумгьурияталъул Пачалихъияб гимн]].
 
== ИхтмяралИхтиярал ==
* 1) Дагъистан Жумгьурияталъул ХӀукуматалъул Председатель вихьизавула;
 
* 2) Дагъистан Жумгьурияталъул ХӀукуматалъул Председателасул цебе лъеялда рекъон Дагъистан Жумгьурияталъул ХӀукумат гӀуцӀула;
* 3) Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Шураялъе рихьизарула, Дагъистан Жумгьурияталъул Конституциялъул Судалда къадиясул хъулухъалда ва рищизе кандидатал;
* 4) Россиялъул Федерациялъул конституциялда, федералиял къануназда ва Дагъистан Жумгьурияталъул конституциялда данде кколарел къанунал ялъуни цоги ихтияралъулал актал къабул гьабуни, замана щвечӀого Дагъистан Жумгьурияталъул
Халкъияб Шураялъул хӀалтӀи чӀезаби;
* 5) замана щвечӀого Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Шураялъул хӀалтӀи чӀезабун бугони, Халкъияб Шураялде иргадулал гурел рищиял тӀоритӀизе замана чӀезаби;
* 6) Дагъистан Жумгьурияталъул ХӀукуматалдаса хӀалтӀул хъулухъал нахъе роси, Дагъистан Жумгьурияталъул ХӀукуматалъул гӀахьалчагӀи нахъе гьари;
* 7) Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Шураялъул данде кколел комитетазулгун дандебан хадуб, Дагъистан Жумгьурияталъул вакилзаби рихьизари ва гьел нахъе рахъи;
* 8) Дагъистан Жумгьурияталъул ХӀукуматалъул Председателасул цебе лъеялдалъун жумгьурияталъул хӀукмо билълъанхъизабиялъул чанго идара тасдикъ гьаби;
* 9) хӀалтӀухъабазул ишазул сиясат бачин;
* 10) Дагъистан Жумгьурияталъул ХӀинкъибукӀунгутӀиялъул Шура гӀуцӀи ва гьелъие бетӀерлъи гьаби;
* 11) Дагъистан Жумгьурияталъул Президентасул Администрация гӀуцӀи;
* 12) Дагъистан Жумгьурияталъул пачалихъиял шапакъатал кьей, Дагъистан Жумгьурияталъул хӀурматалъул ва хасал цӀарал кьей, Россиялъул Федерациялъул пачалихъиял шапакъатал кьезе мустахӀикъал чагӀи рихьизари;
* 13) Дагъистан Жумгьурияталъул цӀаралда кӀалъа-балъаял гьари, къотӀи-къаял хъвай, ва гьел гурелги данде ккезабиял хъвай;
* 14) Дагъистан Жумгьурияталъул къанунал хъвай, гьел халкъалда цере загьир гьаби, амруял ва буюрухъал кьей;
* 15) жумгьурияталда бугеб хӀал бицун Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Шураялъухъе щибаб лъагӀалил хитӀаб гьаби;
* 16) ихтияр буго Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Шураялъул гӀодобчӀеялда гӀахьаллъи гьабизе ва иргадулаб гуреб цеве вахъина гьабизе;
* 17) Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Шураялда жумгьурияталъул хазинаялъул проект цебе лъей ва гьеб хӀалтӀизабулеб бугеб куцалъул отчет кьей, гьединго Дагъистан Жумгьурияталъулсоциалиябгун-экономикиял рахъал цере тӀезариялъул программаби ва гьел тӀуралел ругел куц Халкъияь Шураялда цебе лъей;
* 18) гьел гурелги Россиялъул Федерациялъул конституциялда, федералиял къануназда, Дагъистан Жумгьурияталъул конституциялда ва Дагъистан Жумгьурияталъул къануназда данде кколел тӀалкъаял тӀурай, гьединго Дагъистан Жумгьурияталъул цӀаралдасан данде кколел кӀалъа-балъаял ва къотӀи-къаял гьари.
 
== Заман щвечӀого хъулухъалдаса эркен гьави ==