ЦӀунтӀал: Версиязда гьоркьор батӀалъиял

Контент гилдана Контент жубана
Нет описания правки
Нет описания правки
Мухъ 2:
 
 
 
Дагъистаналъул ЦИКалъул хӀукмуялдалъун ЦӀунтӀа район гӀуцӀана 1930 соналъул декабралда. Араб соналъул риидал цӀунтӀадерил жамагӀаталъ кӀодо гьабуна район гӀуцӀаралдаса 80 сон тӀубай. Гьеб рохалилаб тадбиралде рачӀун рукӀана ДРялъул хӀукуматалъул вице-премьер, районазул ва шагьаразул бутӀрул. Районалъ бараб 80 соналъул 13 сон гьелъул гӀадамазе талихӀкъосараб букӀанилан абизе ккола. Баянаб букӀахъе, 1944 соналъул 9 марталда СССРалъул Халкъиял Комиссаразул Советалъул (СНК) хӀукмуялда рекъон, ЦӀунтӀа районалъул 46 росдал 1514 цӀараки хӀал гьабун гочинабуна Чачаналде, Ведено районалде. ДидоязулЦезазул ракьал кьуна ГрузияГуржи ССРалъул анкьго районалъул магӀишатазул гӀиял хьихьизе риидалилал мучӀдуллъун. ТӀолабго Дагъистаналъул 21 районалдаса Чачаналде битӀун букӀана 5000 цӀараки. Ведено районалда ракъун, къечон, квачан, гьава-бакъалъул ва тӀабигӀиял шартӀал рекъечӀого Аллагьасул къадаралде щвана 3857 чи. Гьедин цезазул миллат мигьлъана 50 проценталъ. Жакъа цӀунтӀадерица рикӀкӀунеб буго республикаялъул цогидал миллатаздаса жал 50 соналъ нахъа хутӀанилан.
 
Шамхал поселокалда тӀобитӀараб данделъиялда кӀалъазе рахъараз бицана жидерго халкъалъул бугеб къваридаб къисматалъулги, улкаялъул ва республикаялъул нухмалъиялъ кӀвар кьолеб гьечӀолъиялъулги.
Босараб бакӀ — «https://av.wikipedia.org/wiki/ЦӀунтӀал»