Абу Аюб ал-Ансари (гIараб мацIалда أبو أيوب الأنصاري).

Истамбул


Гьав асхIабасда цIар буго Халид ибн Зайд ибн Кулайб, ва гьав ккола Бану Наджар абураб къабилаялдаса. Гьесул тIокIцIар буго Абу Аюб.

ТIадегIанав Аллагьас Магърибгун, Машрикъалда гьесул цIар тIобитIизабуна ва халкъалда гьоркьоб гьесул къадру-къимат тIадегIан гьабуна. Гьеб гуребги, Аллагьас гьесул рукъ тIаса бищана, гьижра гьабун вачIунев Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) рещтIунеб бакIлъунги.

Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) Абу Аюбил рокъов рещтIиналъул бицунеб къиссаялъул, кигIан гьеб такрарлъаниги, берцинлъи ва гIащикълъи гурони букIунаро.

Бичасул авараг (жинда ссвалат салам лъеяв) Мадинаялде щвараб мехалъ, кинавниги сафаралдаса вачIунев чи кIодо гьавуларев гIадин, лъикIаб куцалда дандчIвай гьабун, кIодо гьавуна гьев Мадинаялъул агьлуялъ.


Гьесул ахирисеб гъазават букIана, МугIавиятил заманаялъ, гьесул вас Язидил бетIерлъиялда гъоркь, КъустIантIиния (Стамбул) рагьизе гьабураб гъазават. Гьеб мехалъ Абу Аюб вукIана ункъогоялде гIумру бахарав херав чи. Кин бугониги херлъиялъ гьев, Язидил байрахъалда гъоркь аскаралде лъугьиналдаса ва гумузда рекIун унел боялгун цадахъ, гъазаваталде вахъиналдаса нахъе чIвачIо.

Бусcурбабаца Абу Аюбил васият тIубан, тущманасда дандеги рагъун, КъустIантIиниялде щвезегIанги ваччун, гьес абухъе вукъана Абу Аюб. [1]


Примечания хисизабизе

  1. КъустIантIиналъул (Стамбул) къадазда гъоркь жив вукъарав