Билкан (падар. Balakən, 1991 соналде щвезегӀан Белокан) — Азарбижаналъул Билкан мухъалъул идараталъул марказ, КӀудияб Кавказ мугӀрузул хӀатӀакь Белакенчай гӀорул рагӀалда (Алазаналъул гӀаркьел), Евлах — Лагодехи нухда, Евлах маххул нухалдаса 178 км севергун-бакътӀерхьуда бугеб. Гьеб ккола Азарбижаналда гъоркь бугеб аваразул шагьарлъун.

Шагьар
Билкан
падар. Balakən
Пачалихъ Азарбижан
Мухъ Билкан
Координатал 41°43′24″ ш. гӀ. 46°23′31″ бб. х.HGЯO
Цебе букІараб цІар Белокан
Шагьар  1930
Расмияб мацІ къажар
Халкъалъул къадар 47,8 азар. чи (2017)
Миллатал 77% - аварал, 20% - падарал
Динал Ислам
СагІтил рачел UTC+4, риидал UTC+5
Телефоналъул код +994 119
Почалъул индекс AZ0800
Расмияб сайт balaken.az (падар)
Картаби рихьизаризе/рахчизе

Тарих хисизабизе

Билкан рехсон буго XII гӀасруялдаго, гьанир рукӀарал халкъал христианлъи диналде ахӀизе къеркьолев вукӀарав гуржиязул миссионер Пимен Блаженний сабаблъун.

Сон Халкъалъул къадар
1930 7800
2002 27,008
2017 47,800

Машгьурал бакӀал хисизабизе

 
Билкан шагьаралъул парк

Шагьаралда цӀунун буго XVII—XIX гӀасрабазул гӀажаибаб мажгит халатаб михӀмаргун. Музеялда ракӀарун руго гьаб икълималъул гӀадатиял кверзул махщалил тӀагӀелал, батӀи-батӀиял археологиялъул ракьулъ ратарал тӀагӀелалги.

Билканалда буго кӀудияб шагьаралъул парк 17,5 гектаралъул кӀодолъиялъул ва кварил нухгун[1].

2004 соналдаса бахъун Билканалда буго аэропорт.

Экономика хисизабизе

Шагьаралда руго гӀемерал заводал.

Билкан ккола 1985 соналда бараб Евлах-Билкан маххул нухлул ахирияб станциялъун.

ХӀужаби хисизабизе

Адабият хисизабизе

РегӀелал хисизабизе