Гьимала́ял (санскр. हिमालयः, «гІазабазул рукӀел», инг. Himalayas) — Ракьалда бугеб бищун борхатаб мугӀрузул система. Гьималаял руго Тибеталъул тӀалъиялдаги (шималалда) ва Гьиндалъулгин Гангалъул лъарагӀалда (жанубалда) гьоркьоб.[1] ЦӀакъ загьираб буго климатияб ва тӀабигӀияб гӀурхъи Гьоркьохъеб Азиялъул мугӀрузулал салул авлахъаздаги Жанубияб Азиялъул тропикияб ландшафталдаги гьоркьоб.

Гьималаял?
Файл:Himala~
КӀодолъи
Халалъи2330 км
ГӀеблъи  км
Бищун борхатаб бакӀ
Борхалъи8848 м
Координатал28/49/0/N/83/23/31/E 
География
28°49′00″ ш. гӀ. 83°23′31″ бб. х.HGЯO
Пачалихъал
ИклъимТибет
 Медиафайлал Викигъамасалда

Гьималаял руго Гьиндустаналъулги, Непалалъулги, Тибеталъул автономияб мухъалъулги (Китай), Пакистаналъулги, Бутаналъулги, Миянмаялъулги территориялда. Гьималаязул мугӀрул ракьаналъ ккола гьединго Бангладешалъул бищун шималияб бутӀаги.[2]

Гьоркьохъеб ва Жанубияб Азиялъул гӀурхъи цураб бакӀалда Гьималаязул мугӀрузулаб системаялъул буго 2900-ялдаса цӀикӀкӀун км халалъиялде ва гӀага-шагарго 350 км гӀеблъуде. ГӀатӀилъи буго гӀага-шагарго 650 аз. км².[1] Балазул гьоркьохъеб борхалъи буго гӀага-шагарго 6 км, бищун борхатаб буго 8848 м[3]Джомолунгма (Эверест). Гьениб буго 10 микьазартӀогь — мугӀрул, ралъдал гьумералдаса борхалъи жидер 8000-идаса арал. Гьималаязул бакътӀерхьул балаздаса шималиябгин бакътӀерхьудехун буго цоги цӀакъ борхатаб мугӀрузулаб система — Каракорум.

Гьималаязда гӀумру гьабун бугеб халкъалъул аслияб пиша буго хурул магӀишат, климаталъ чо чанго гурони тӀоролазул навгӀал, картошка ва цо-цо цогидал пастӀадулал гурони гӀезаризе рес кьоларо. Хурзал руго гьетӀарал кьерзабахъ гьарун.

География хисизабизе

Спутникалдаса бахъараб сурат

Гьиндалъулгин Гангалъул лъарагӀалда тӀаде Гьималаял къулун руго лъабго хӀокӀлъун, гьез гӀуцӀула Сивалик мугӀрул (Церегьималаял), ГьитӀинал Гьималаял (Пир-Панджал, Дхаоладхар и другие балал) ва гьездаса ратӀаго ругел жаниблъаби (Катманду расалъи, Кашмиралъул расалъи ва цогидалги), КӀудиял Гьималаял, жал Ассамалъул, Непалалъул, Кумоан ва Пенджабалъул Гьималаязде[4] рикьулел.

Ралъдал гьумералдасаи борхалъи 8 км бугел тӀогьаз гӀуцӀула КӀудиял Гьималаял, бищун гӀодобегӀан ругел мугӀрул габурлъаби руго 4-ялдаса цӀикӀкӀун километраялъул борхалъуда. КӀудиял Гьималаязе сипатал руго альпияб тайпаялъул балал, кӀудиял борхалъиялъулал контрастал, гучаб цӀеркъай (гӀатӀилъи буго 33 азаргоялдаса цӀикӀкӀун км²).[4] Бакъбаккуласа гьеб мугӀрул-щобалъе гӀурхъилъун буго Брагьмапутраялъул расалъи, бакътӀерхьудаса — Гьиндалъул (гьел гучал гӀораз лъабабго рахъалдасан къан буго киналниги мугӀрузулаб система). Гьималаязул бищун ахирисеб шималиябгин бакътӀерхьул тӀогь буго Нанга-Парбат (8126 м), бакъбаккул — Намджагбарва (7782 м).

ГьитӀинал Гьималаязул тӀогьазул гьоркьохъеб борхалъи бахуна 2,4 километраялде, ва цохӀо бакътерхьул рахъалда ралъдал гьумералдаса борхалъи буго 4 км.

Бищун гьитӀинаб мугӀрул-щоб, Сивалик, буго Брагьмапутраялдаса Гьиндалде щвезегӀан кинабниги мугӀрул системаялда цадахъ, гьелъул борхалъи кибниги гьечӀо 2 километраялдаса цӀикӀкӀара.

Гьималаяздаса байбихьула Жанубияб Азиялъул аслия гӀорал — Гьинд, Ганг, Брагьмапутра.

Геология хисизабизе

 
Гьиндияб ракьулмассивалъул (Гьиндияб къоно) 6000 км халалъиялъул сапар гьеб Азиягун тункизегІан гІ.-ш. 40–50 миллион соналъ цебе

Гьималаял аслияб къагІидалъ лъугьун руго[5] олигоценалъуллъабил периодалда, альпазулаб орогенезалъул заманалда. Гьедин, гьел ккола дандеккун гІолохъанал мугІрул, жал шималалде кутаклъулел цоцада хадур цокІалал балазгун рорхалъабаз гІуцІарал. Жанубиял мугІрул ракьанал гІуцІун руго аслияб къагІидаялъ хъируялдалъ иваконгломератаз, кьучІал гъулдул ва сверухъ зона — гнейсаз, кристалликиял шистаз, чарангьечІабаз, филлитаз ва магматикиялги метаморфикиялги минералаз. Регионалъе сипатаб буго ракьазул эрозия, жиб сабаблъун эхере ралагьарал хъитІалги ва ччукІелалги лъугьунеб.

Бищун рорхатал мугІрул хисизабизе

Гьималаязда буго дунялалъул 14-ялдаса 10 микьазартІогь — жидер борхалъи 8 километраялдаса/8 азал метраялдаса цІикІарал мугІрул.

Ракьалъул бищун борхатаб мегІер буго Непалалъулги Чиналъулги Тибеталъул автономияб мухъалъулги гІорхъода. КІиябго улкаялъул пачалихъияб гІурхъи уна мегІералъул балалъул мухъалдасанги тІогьалдасанги. Гьедин, Джомолунгмаялъул шималияб щоб ккола Чиналъул территориялъун, жанубияб — Непалалъул. МегІералъул тІогь буго ралъдал гьумералдаса 8848 метраялъул борхалъуда.

Балагье гьединго хисизабизе

ХІужжаби хисизабизе

  1. 1,0 1,1 Гималаи // КӀудияб советияб энциклопедия : [30 т.] / бетӀ. ред. А. М. Прохоров. — 3-леб басм. — М. : Советияб энциклопедия, 1969—1978.
  2. "Himalaya". Халагьи 2015-04-17.
  3. Everest not as tall as thought (инг.)
  4. 4,0 4,1 Поспелов Е. М. Гималаи // Географические названия мира : Топонимический словарь : Ок. 5000 единиц / Отв. ред. P. A. Агеева. — 2-е изд., стереотип. — М.: Русские словари, Астрель, АСТ, 2002. — ISBN 5-93259-014-9, 5-271-00446-5, 5-17-001389-2.
  5. Гьималаязул тарих

Адабият хисизабизе

РегІелал хисизабизе