Гьохъ (латиназул мацIалда Hordeum)

Гьохъ

Жинца риххел къотIизабула, жинца чохьониб гьури бижизабула (газал), чохьониб бакIаб гьелъул карщалъ чехь биччай (дали) чIезабула. Жаниб бугеб бухIи свинабула, чIер гьабун чакаргун цадахъ квине лъикIаб буго, лъим гьабун гьекъани ракI бакъвай, квешаб хIал инабула. Гьелъул чедги чехьалъе бакIаб буго. Гьединги гьури бижизабулебги буго. Гьелъул гьел заралал нахъе чIвала гьоцIогун, чакаргун ва роржунел жалазул гьагIогун цадахъ кванани.