Географиялда дунялалъул рахъ ккола — ункъго аслияб рахъазул цояблъун(север, къиблаяб рахъ, бакътІерхьул рахъ, бакъбаккул рахъ).

Север ва къиблаяб рахъал лъала Ракьалъул полюсаздалъун, бакътІерхьул ва бакъбаккул рахъал лъала бакъ баккиялдалъун ва гьеб тIерхьиялдалъун.


ШартІлъун ругел гІужал хисизабизе

Дунялалъул рахъал рихьизаризе гIемерисеб бакIалда хIалтIизарула латин алипбаялъул 4 хIарп: N, S, E, W, ингилис мацІалда ункъабго рахъалъул цІаразул бетІералда ругел хІарпазда данде кколел — North (север), Sorth (къиблаяб рахъ), East (бакъбаккул рахъ), West (бакътІерхьул рахъ).



Дунялалъул рахъал
  Север  
БакътІерхьул рахъ   Бакъбаккул рахъ
  Къиблаяб рахъ