Къуръа́н (гӀар. اَلْقُرآن‎‎ [qurˈʔaːn] — аль-К̣ъур’а̄н ) — ккола ТIадегIанав Аллагьасул калам, жиндилъ мугIжизат бугеб, ва жибги рещтIараб жиндир лагъ ва аварагзабазул бищунго ахирисев МухIаммад аварагасда ( жинда Аллагьасул цIоб рахIмат лъеяв).

Суратул ФатихӀа

Ва гьеб Къуръанги жиб Аллагьас цIунараб буго хисизабиялдаса, тIадцIикIизабиялдаса ва камизабиялдаса. Аллагьас абулеб буго хирияб Къуръаналда(Къуръан, 15:9):

« ХIакълъунго, Дица рещтIана гьеб Къуръан. Ва Дун вуго гьеб цIунулев »

Къуръан буго аварагас жал рацIадал асхIабзабазда жиб малъараб, жибги данд бакIарараб Абубакр асхIабас, ГIумар асхIабасул ишараялдалъун. ГIусман асхIабас жибги хъвараб, ва жинда тIад тIубанго умматги рекъараб[1].

Хирияб Къуръан буго TIадегIанав Аллагьас жиндие вокьулев МухIаммад Аварагасда рештIинабураб тIехь, гьелдалъун жинца гIадамал жагьиллъиялъул бецIлъиялдаса иманалъул нуралде рачине, куфру-ширкалъул, зулму-хIалалъул, талихI къосиналъул нухдаса гьел хвасар гьаризе.

Къуръан букӀана аварагасдасан лъазабун ва къаламалъ хъван асхӀабзабаз. Аллагьас гьеб ЖабрагӀил малаикасдасан рештӀинабуна МухӀаммадихъе . Ва гьеб рештӀула букӀана 23 (жеги битӀун 22 соналъ, 610 соналдасан 632 соналде щвезегӀан.) соналъ, тӀоцебесеб вахӀьюги букӀана аварагасул 40 сон бугеб мехалъ, Лайлатул-Къадралъ (Рамазан моцӀ).

Къуръан хӀакъалъулъ руго гӀемерал гӀелмиял хӀалтӀаби, бусурбабаз гьарурал гурониги капураз гьаруралги. Бищунго кӀудияб ва гӀаммабги камилабгилъун рикӀкӀуна Жалал ад-Дин ас-СуйутӀияс (1455—1505) хъвараб, «Къуръаналъул гӀелмабазул камиллъи»-абураб тӀехь[2].

Къуръан, исламалъул догматикаялде рекъон, — буго:

  • тӀолго инсанияталъе Аллагьасул нухмалъи, ахирисеб мукъадасаб тӀехь;
  • Аллагьасул калам, цере рещтӀун рукӀарал тӀахьал хӀакъал рукӀанилан абулеб ва гьезда жанир рукӀарал къанунал къалеб ва цӀиял кьолеб, камилаб тӀехь.[3] (впрочем, в исламской истории имели место серьёзные богословские дискуссии по вопросам о сотворённости/несотворённости Корана[4]);
  • МухӀаммад авараг тӀадеги ритӀухъ гьавулеб мугӀжизат, цогидал Аллагьасул каламазул камилаб ахир. Аллагьасул рисалатал ритӀулел рукӀана Адамидасан бахъараб МухӀаммадида щвезегӀан, гьезда гьоркьо Ибрагьим аварагасул Кагътал, Таврат, Забур (Псалтирь) ва Инжил (Евангелие).

Цо-цо исламиял пачалихъазда бусурбабазул гӀадат - суннатгун Къуръан буго Къануналъул аслу, динияб рахъалдасанги, гражданскияб ва уголовнияб рахъаздасанги.

Адабият хисизабизе

Таржамаби хисизабизе

ХӀужаби хисизабизе

  1. http://guraba.net/avar/component/option,com_frontpage/Itemid,1/
  2. ас-Суйути, Джалал ад-Дин. Совершенство в коранических науках. В 2-х частях. М.: ИД «Муравей», 2000.
  3. Игнатенко А. А. Об исламе и нормативной дефицитности Корана Archived 2012-06-14 at the Wayback Machine // Отечественные записки, 2008. — № 4 (43). — С. 218—236
  4. Резван Е. А. ал-КУР’АН // Ислам: энциклопедический словарь / отв. ред. С. М. Прозоров. — Наука, 1991. — С. 144—145.

МугъчӀваял хисизабизе

Халип:Къуръаналда рехсей гьабурал гІадамал