Огоб (латиназул мацIалда Panicum)

Огоб

Черхалъе бакIаб буго. Биин хIинцаб буго. ЧIегIераб цциналъулал (меланхолическиял) унтаби рижизарула. Гьаб рекъола бакIаб хIалтIул гIадамазе, гьезие гурого бегьуларо. Гьеб кванала бечIчIараб рахьгун, чакаргун, гIанкIудал гьагIогун, нахкьаралъигун бакъвазабураб гьелъул чед кванани ва мугьалги режун чIер гьабун кванани – чехь биччай инабула.