Такби́р (гӀар. تكبير‎‎ — кІодо гьави‎) — исламалда: ТІадегІанав Аллагь кІодо гьавула «Аллагьу акбар» - абурал рагІабаздалъун (гӀар. ﷲ اكبر‎‎). ГІараб мацІалдасан таржама гьабидал гьелъул магІна ккола: «Аллагь — КІудияв» яги «Аллагь — ТІадегІанав абураб». Гьеб хІалтІизабула рохел загьир гьабун ва гьединго щибав бусурманав чиясда тIадал какал ралеб мехалдаги, как ахIулеб мехалъги. Гьединго такбир бачуна КъурбангІидалъги, кІалбиччанкъоялъги. «Аллагьу Акбар» абурал рагІаби хъван руго цо чанго пачалихъалъул байрахъаздаги.

«Аллагьу акбар» - ан хъвараб гІараб хъвай-хъвагІай Байтул Макъдисалда.
«Аллагьу акбар» куфияб хатІалдалъун


ХІужаби хисизабизе


Адабият хисизабизе

Литература хисизабизе