ГІусманиял — ГІусманиязул империялъул аслияб халкъалде абулеб букIараб цIар (1299—1923 сс.). ЦIар бачIана ГІусманиязул империялъул тIоцевесев султIанасул цIаралдасан.

Лъугьин хисизабизе

XI гІасруялда Азиялъул гIатIидал ракьал, гьансежеб Турциялъул ва Туркменистаналъул ракьалгун цадахъ, сельджуказул пачалихъалъул кверщаликье ккун рукIана. Малик султІанасул заманаялъ (10721092) туркал-сельджуказул ханлъиялъул гуч завалалде щун букIана достигло своего апогея; Маликида хадур рачIарал гьесул наслуялъул заманаялъ гьеб гучаб пачалихъ биххана ва цо букIаралъул лъугьана цо чанго гIиссинал пачалихъал, хадуб ккун бейликал абураб цIаралдалъун лъазе лъугьарал.

XIII гІасруялда Эртогърул-беясул бетIерлъиялда гъоркь букIараб, туркменазул алахъаздаса къватIибе ккезабураб тюрказул цо къавм — кайы — бачIана БакътIерхьул рахъалде ва чIей гьабуна ГьитІинаб Азиялда, ва гьениб гьез кумек гьабуна турказул бищун кIудияб пачалихъ - Кониялъул султІанаталъул султIан — ГIалауддин Кей-Кубадие Византиялъулгун гьес гьабулеб букIараб рагъулъ. Гьабураб кумекалъухъ баркалаялъул хIисабалда ГIалауддиница Эртогърулие кьуна Вифиния абулеб Анкараялда ва Бурсаялда гьоркьоб бугеб бакалда ракь (гьел шагьаралги гьечIого)...




Балагье гьединго хисизабизе

ХIужаби хисизабизе

Ссылкаби хисизабизе