Хузеста́н (парс خوزستان‎) — Ираналъул 31 провинциялдаса (останазул) цояб. Гьелъул мадугьалал останал ккола шималгун-бакътӀерхьуда Илам, Лурестан — шималалда, Исфагьан — шималгун-бакъбаккуда, ЧагьармахӀал ва Бахтиария ва Когьгилуйе ва БуйерахӀмад — бакъбаккуда, ва бакътӀерхьуда гӀорхъи уна ГӀиракъгун. Гьединго жунубалда буго Парс залив. Ракьалъул гӀеблъи — 64 055 км²[1], халкъалъул къадар — 4 274 979 чи[1]. Административияб марказ — АхӀваз шагьар.

Хузестан
blank300.png|300px]]
БахӀрейнКъатӀарГӀуманКувейтТурцияЭрминистанАзарбижанТуркменистанАфганистанПакистанГӀиракъСагІудиязул ГІарабияЦолъарал ГIараб ИмараталКаспий ралъадПарс заливОрмуз проливГӀуман заливЮжный ХорасанЙаздСистан ва БалучистанКерманХурмузганПарсБушерХурасан-РезавиШималияб ХурасанГулестанМазандаранСемнанТегьранАлбурзКъумЧехармехаль и БахтиарияКохгилуйе и БойерахмедХузестанИламЛурестанЦентральный останИсфагьанГиланАрдебильКъазвинХамаданКерманшагьКурдистанВосточный АзербайджанЗенджанЗападный Азербайджан
[[file:blank300.png
Пачалихъ
Адм. марказ АхӀваз
Тарих ва география
ГӀатӀилъи 64 055 км²
СагӀтазул зона UTC+3:30 и UTC
КӀудиял шагьарал Абадан
Бегьбагьан
Дизфул
Масжеде-Сулейман
Сусенгерд
Гьуремшагьр
Шуштар
Халкъ
Къадар 4 274 979 чи  (2006 сон)
Гъунки 66,74 чи/км²
Расмиял мацӀал парс
гӀараб
кашкай
лури
Цифрабазул идентификаторал
Телефоналъул код 0632422
Расмияб сайт
Хузестан картаялда
 Медиафайлал Викигъамасалда

Этимология хисизабизе

Хузестан абураб цӀар ккола «Хузазул улка»-йин абураб жо, Ахаманишазул заманаялъ гьеб ракьалда гӀумру гьабун букӀарал хуз абураб къавмалъул цӀаралдаса лъугӀараб.

Хузестаналъул жунубияб рахъ Гьоркьохъел гӀасрабазда «ГӀарабистан» абун лъалеб букӀана, гьенир гӀарабал цӀцӀикӀкӀун рукӀи сабаблъун.

Гьанжесеб цӀар расмияб къагӀидаялъ тасдикъ гьабуна 1923 соналъ Реза-шагьица

Тарих хисизабизе

 
Чога-Занбилалда зиккурат, XIII гӀасру н. э. цебе

Хузестан остан ккола Ираналъул бищун некӀсиял останаздаса, щайгурелъул гьаниб букӀана Ираналъул ракьалда тӀоцӀебесеб Элам абураб пачалихъ гӀуцӀун н. э. цебе 3 азарсоналъ, гьелъул тахшагьарги букӀана Шуш шагьар (яги Сузал). Хузестаналъул ракь Ираналда гъорлъе ана н. э. цебе 539 соналъ Ахаманишазул империя гӀуцӀарав КӀудияв Курашица.

Сепаратизм хисизабизе

 
Хузестаналъул сепаратистазул байрахъ

ГӀарабазул Ас-СагӀада абураб партия буго 1946 соналдаса нахъе Хузестаналъул Ираналдаса эркенлъиялъе гӀоло къеркьолеб.

Административияб бикьи хисизабизе

Остан бикьула 23 шагьрестаналда:

Шагьарал хисизабизе

Халип:Гь. балагье Бищун чӀахӀиял шагьарал — АхӀваз, Абадан, Гьуремшагьр, Дизфул, Масжеде-Сулейман, Шуштар, Бандар-Хумейни, Бандар-Могьшагьр, Бегьбагьан

Хузестаналъул шагьарал
АхӀваз 969 700 Масжеде-Сулейман 108 700
Дизфул 257 000 Изе 104 400
Абадан 217 900 Бехбехан 101 200
Эндимешк 179 800 Рамшир 80 000
Гьуремшагьр 125 900 Шуштар 75 200
Сусенгерд 120 000 Омидийе 58 600
Бандар-Могьшагьр 111 400 Шадеган 52 900

Экономика хисизабизе

Остан буго бечед нарталъул ва газалъул запасул рахъалдаса, ва гьединго лъадал ва жо хьазе бегьулел ракьаздалъунги.

Рихьизе бакӀал хисизабизе

Шуш шагьаралда (Эламалъул, Ахаманишазул, Парфиялъул, Сасанидазул тахшагьар) руго Сузазул риххелал, Даниял аварагазул хоб ва ГӀаббасиязул заманаялъул мажгит.

Суртал хисизабизе

ХІужаби хисизабизе

  1. 1,0 1,1 Statoids.com (инг.)

Адабият хисизабизе

РегӀелал хисизабизе

Ошибка Lua в Модуль:External_links на строке 61: assign to undeclared variable 'link'.

Халип:UNPO