ХӀадисов, Маматханил ГӀабдусалам

ХІадисов Маматханил ГІабдусалам (26 марталъ 1989, МахІачхъала, Дагъистаналъул АССР, РСФСР, СССР) — россиялъул эркенаб стилалъул гугарухъан, дунялалъулго чемпион (2014), кIицIулго Европаялъул чемпион, Европаялъулал хІаязда приз щварав. Гугаризе вахъуна 96 килоялде щвезегIан цIайиялъул категориялда. Россиялъул халкъаздагьоркьосеб классалъул спорталъул мастер

Хасаб баян
бихьинаб
ХІадисов, Маматханил ГІабдусалам
Абусик
 Россия
магІарулав
эркенаб гугари
Динамо
26 март 1989(1989-03-26) (35 лет)
Иманмурза ГІалиев, ХІайдар ХІайдаров.
181[1]
96 кг
Россиялъул халкъаздагьоркьосеб классалъул спорталъул мастер
Россиялъул халкъаздагьоркьосеб классалъул спорталъул мастер

Биография хисизабизе

Гьавуна 26 марталъ 1989 соналъул МахІачхъалаялда. Миллат - магІарулав. Эркенаб гугариялда вуго 13 сон баралдаса. ТIоцевесев тренер вукIана Х. ХIажиев. ЛъугIизабуна МахІачхъалаялъул филиал Ростовалъул пачалихъалъул экономикияб университеталъул. Гугаризе вахъуна МахІачхъалаялъул «Динамо» спортшколалъул цIаралда. Тренерал: Иманмурза ГIалиев, ХIайдар ХIайдаров. Жиндир заманаялда кутакалда тIад чIун къаркъала куцулев вукIана тренажеразул залалда, кинго гьесда бичIчIана, гугаризе кканани гIицIго къуваталъул хIадури гуреб, гугари лъайги къваригIунеб букIин.

Бергьенлъаби хисизабизе

  • Дунялалъулго чемпион — 2014
  • Россиялъул чемпион  (4) — 2009, 2012, 2014, 2015.
  • Европаялъул чемпион (2) — 2012, 2014.
  • Рамзан Къадировасул Кубок щварав — 2010.
  • Дунялалъул Кубок щварав — 2010
  • Гран-при Иван Ярыгинил Кубок щварав — 2010.
  • ГІолилазда гьоркьов Европаялъул чемпион — 2008.

Ссылкаби хисизабизе

  1. Профиль на сайте Лондон-2012