Чечевица

XX гӀасруялъул пиргӀавназул цояв ИстӀалинил буюрухъалдалъун, 1944 соналъул 23 февралалда чачаналги ингушалги Гьоркьохъеб Азиялде гочинариялъул «Чечевица» абураб операция байбихьана. СССРалъул жанисел ишазул нарком Лаврентий Берияца жинцаго нухмалъи гьабуна гьеб вахӀшияб тадбиралъе. ЧИАССРалъул 650-азарго чи хӀалгьабун гъуна Казах ССРалъул ва Киргиз ССРалъул гӀицӀал авлахъазде. «Спецконтингент» абун цӀарги лъун, къайи баччулеб 180 поездалда, квана-гьекъезе жоги кьечӀого, тӀубанго лъугӀизаризелъун ватӀаналдаса хъамуна нилъер мадугьалзаби. ГӀемераб заманаялъ чӀагоязда гьоркьор хутӀулаанила поездалъур хваразул жаназаби. Поезд лъалхъараб къокъал, къанагӀатал лахӀзатазда жанир гъоркье рахъизе толел рукӀун руго гьел. Амма рукъизе риччалел рукӀинчӀо. Маххул нухда аскӀоре рехун тезарулаанила.

П. Цороевас ва Т.Уцаевас «Кавказалъул харбал» басмаялда хъвалеб буго: «КӀудияб ВатӀанияб рагъул фронталъе заралги ккезабун, «Чечевица» операция гьабизе Кавказалде рехана НКВДялъул, НКГБялъул ва СМЕРШалъул 120 азарго рагъухъан. 65 вагон щибалда бугеб 180 поезд хӀадурана. Чанги росабалъ киналго гӀадамал гъурана, чӀагого рухӀаралги ккана. Ракъиялъги, рахунел унтабазги, гӀазабазги чачаназулги ингушазулги бащдаб халкъ тӀагӀана», - ян.


Геноцид хисизабизе

Цо-цояз абула Гитлерил рахъалде инчӀого рукӀине гочинарунин халкъалилан. ЛахӀчӀегӀераб гьереси. 1944 соналда фюрерил рухӀ щокъробе щун букӀана. Чачаналги ингушалги КӀудияб ВатӀанияб рагъдаги бахӀарчиго рагъана. Чачаназул багьадурасул хӀакъалъулъ гьадинал рагӀаби руго ЦӀадаса ХӀамзатил: «Азариде гӀунтӀун гӀалхул бандазе Бидулаб хвел кьурав Ханпаша киса?» - абун. Улкаялъул цойги миллатазулги рукӀана асиралги хияналъаралги. Би гьекъон гӀорцӀуларев, бетӀер сверарав ИстӀалинил хӀай букӀана 1944 соналда чачанал, ингушал, балкарал, калмыкал, карачаевал, Крымалъул татарал, туркал-месхетинал ватӀан тун къватӀире къотӀи. [1]

Примечания хисизабизе

  1. "23 февраль – байрамищ, чӀегӀербараб къойищ?". Архивация оригинал (2016-03-05). Халагьи 2010-12-12. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)