Щуланиса Абубакарил ИсмагӀил

Щуланиса Абубакарил ИсмагӀил,[1] гьединго лъалев ИсмагӀил-дибир абунги (1863 — 1912, Щулани, Гъуниб сверухълъи, Дагъистаналъул вилаят) — авар поэт, гӀалимчи, жинца XIX нусил Дагъистаналъул интеллектуалаб гӀумруялда лъалкӀ тарав.[2]

Биография хисизабизе

ИсмагӀилдибир гьавуна 1863 соналъ Щулани росулӀ (гьанжесеб Гъуниб мухъ), ЧӀохъа Абубакар гӀалимчиясул хъизамалда. ТӀоцееяб лъай щвана эсие инсуда цебе, хада, биценащзда рекъон, гьев цӀалун вуго Кудаливги, ЧӀохъги.[3]

ИмагӀилдибирил лъади йикӀана ЦӀурмил ГӀабдулмажидил Аминат, эзул букӀана щуго лъимерги: вас ГӀабдулатӀип ва ясал — ПатӀимат, Марям, ХӀалимат, Хадижат.[3]


Поэтикиял хӀалтӀаби хисизабизе

Щуланиса ИсмагӀилица хъварал руго гӀелмиял хӀалтӀаби гурелги, поэтикал асаралги авар мацӀалда. Гьесул хӀалтӀабалӀ руго ХIилла цIикIкIун буго, хIал бакIлъун буго абураб кечӀ, жиб Сибиралде витӀарав СалтӀаса Узун-ХӀажиде хъвараб,[4] ЛъикIлъи гьабун хьвадарав хиралъиялде ккола абураб дидактикаб поэма, Муршид ГӀабдурахIманхIажи Сугъурияв ватIалъиялде абураб элегия; Кудалиса гьоболасул яс хванилан рагIидал хъвараб кечӀ, ТIинабго гьадият гьал жагьилазе абун мавлидал. Гьел асаразулӀ ахӀи буго лъикӀаб гьабиялде, ритӀухълъуда хьвадиялде ва канщалиде руссиналде.

МугъчӀваял хисизабизе

  1. Ялъуни ЧӀохъа Абубакарил ИсмагӀил. Эсул эмен Абубакар ЧӀохъа вукӀиналъ, ИсмагӀилица хӀалтӀизабулеб букӀун буго кӀиябго нисба
  2. Алибекова П. М., БИБЛИОТЕКА ДАГЕСТАНСКОГО УЧЕНОГО И ПРОСВЕТИТЕЛЯ ИСМАИЛДИБИРА ИЗ ШУЛАНИ (1863–1912) // ИСТОРИЯ, АРХЕОЛОГИЯ И ЭТНОГРАФИЯ КАВКАЗА. Т. 15. № 4. 2019. С. 602-628
  3. 3,0 3,1 ГӀалибегилазул, М. П. (2020). "ЭЛЕГИЯ НА СМЕРТЬ УЧЕНОГО И ПРОСВЕТИТЕЛЯ ИСМАИЛДИБИРА ИЗ ШУЛАНИ" (PDF). Вестник Института языка, литературы и искусства им. Г. Цадасы ДФИЦ РАН (24): 47–63. doi:10.31029/vestiyali24/8. Халагьи 2024-03-07.
  4. МуртазгӀалиев С.М. Дир Щуланиб тӀалъиги тӀерхунарел цӀвабиги» – 275 гьгь.