IMFI ("Initial — инициал, Medial — медиал, Final — финал, Isolated — изолят" рагІабаздаса аббревиатура) буго хъвай-хъвагІиялъул система, жиндир щибаб символалъе букІине бегьулеб ункъго батІияб формаги (хъвалеб къагІиде) бугеб:

  • "initial", инициал — рагІул байбихьуда хъвалеб хІарпалъул форма;
  • "medial", медиал — рагІул бакьулъ хъвалеб хІарпалъул форма;
  • "final", финал — рагІул ахиралда хъвалеб хІарпалъул форма;
  • "isolated", изолят — хІарпалъул батІаго хъвалеб форма;

ХІалтІизабула гІараб ва сурянияб алипбаязда.


тIинчI Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.