Indonesia AirAsia компаниялъул 8501 рейс

Indonesia AirAsia 8501 рейс — Indonesia AirAsia enav авиакомпаниялъул низамалда гьабулеб, СурабаяСингапур маршруталъул гІадамал раччулеб рейс. 2014 соналъул 28 декабралъул шамат сордояъ гьеб рейс гьабулеб букІараб самолет Airbus A320-216 тІагІана Джуанда аэропорталдаса боржаралдаса хадуб. Гьелда тІад рукІана 155 рекІаравги 7 экипажалъулавги[1].

QZ850 рейсалъул боржиналъул схема
ГІаммал баянал
2014 соналъул 28 декабралъ
ТІагІин
Халип:Флаг / Индонезия Ява ралъад
162
Гьавадул гама

ТІагІиналде 8 цебе бахъараб сурат
Airbus A320-216
Халип:Флаг / Индонезия Indonesia AirAsia enav
Халип:Флаг / Индонезия аэропорт Джуанда, Сурабая, Индонезия
QZ8501/AWQ8501
PK-AXC
2008 соналъул 25 сентябралъ (тІоцебесеб роржен гьабуна)
155
7

Самолет къватІибе бахъана Джуанда аэропорталдаса 5:35 бакІалъул заманалда (UTC+7) ва гьеб рещтІине кколаан 8:30 SST (UTC+8). БакІалъул заманалда рекъон 07:24 (SST) самолеталъулгун бухьен тІагІана. Гьеб заманаялда гьеб букІана Ява ралъадалда тІад Калимантаналдаги Яваялдаги гьоркьоб.

Самолёт хисизабизе

Airbus A320-216 заводалъул номер 3648 гъоркь, тІоцебесеб роржин гьабуна 2008 соналъул 25 сентябралъ ва заводалъ хІалбихьиял гьарулебгІанаб заманаялъ гьеб букІана хъвай-хъвагІаялъул номер F-WWBZ гъоркь. Гьелъул кІиябго къватІибехунисеб турбовентиляториял двигателал рукІана CFM International CFM56-5B6/3 моделалъул, ва салоналъул пассажирал жанире унеб къадар — 180 бакІ эконом-классалъул (конфигурация Y180)[2]. 2008 соналъул 16 октябралда авиалайнер лъугьана индонезиялъул авиакомпаниялде Indonesia AirAsia enav, цІияб хъвай-хъвагІаялдаса хадуб — PK-AXC номерги щвана.[3]. Кинабниги самолёталъ гьабураб хІалтІи бахана 23 азарго сагІтиде ва 13,6 азарго къотІел «боржин-гІодобчІей»[4].

Лъугьа-бахъиналъул рикІкІин хисизабизе

Борталда рукІаразул ватІанчилъи[5]
Пачалихъ Пассажирал Экипаж Кинниги
КІудабритІания  КІудабритІания 1 0 1
Индонезия  Индонезия 149 6 155
Малайзия  Малайзия 1 0 1
Корея Республика  Корея Республика 3 0 3
Сингапур  Сингапур 1 0 1
Франция  Франция 0 1 1
ХІасил 155 7 162

Самолёталъ роржен гьабизе кколеб букІана Сурабая — Сингапур — Семаранг — Сингапур — Сурабая маршруталда. Щибаб этапалъул рейсазда данде кколел номерал рукІана AMQ8501, AMQ663, AMQ662 ва AMQ8502. 8501 рейс боржине кколаан планалда рекъон Джуанда аэропорталдаса (Сурабая) 27 декабралъул къаси сагІат 22:20 UTC, ва рещтІине кколаан 28 декабралъул къаси сагІат 00:30 UTC Чанги аэропорталда (Сингапур)[6]. Къаси сагІат 22:35 UTC (05:35 бакІалъул заманалда рекъон), ай расписаниялдаса 15 минуталъ кватІун, 155 пассажиргун (138 чІахІиял, 16 гІиссинал ва 1 лъимер) ва 7 экипажгун, къватІибе бахъана 8501 рейс Джуанда аэропорталъул 10 чІолоялдаса, цинги квегІиса свериги гьабун гьелъ ккуна 329° курс, Ява ралъдалъехун балагьун[4].

СагІат 22:54 самолёт бахана 320 рорженалъул уровеналде (9,8 км) ва дагьабго свери гьабуна квегІисехун, 319° курсги ккун. Цинги 10 минуталдасан цоги нухалъ квегІисехун свери гьабуна, гьелъул хІасилалда курс хисана 310°. 23:12 (06:12 бакІалъул заман) экипажалъ бухьен гьабуна Джакартаялда бугеб гьаваялъул багъа-бачариялъул бетІерлъи гьабулеб централъулгун ва бицана пиригун бугеб чвахун цІадалдаса лъутун сверун унаго рорженалъул маршруталдаса квегІисехун сверараллъи. Гьединго гьез изну тІалаб гьабуна 380 рорженалъул уровеналде (11,6 км) рахине изну. самолеталъулгун ахирисеб радиохурхен букІана сагІат 23:16 минут араб мехалда. СагІат 23:18 UTC (06:18 бакІалъул заман) 8501 рейс тІагІана индонезиялъул гьаваялъул багъа-бачариялъул бетІерлъи гьабулеб хъулухъалъул радиолокаторазул экраналдаса, ва 23:24 итнут араб мехалда экипажалъулгун тІубанго бухьен тІагІана. Flightradar24 сайталъул баяназда рекъон, 8501 рейс гьеб заманалда букІана Ява ралъдада тІад 320 рорженалъул уровеналда, кутакалда гучаб пиригун чвахун цІад бугеб бакІалдас аскІоб. Самолеталдасан ракьалде къварилъи ккеялъул кинабгІаги сигнал бачІинчІо[4][7].

Баяназда рекъон, 28 декембер 2014 соналъул щвезегІан самолет бугеб бакІ яги гьелъул хутІелал ругеб бакІ чІезабун гьечІо.

ХІужаби хисизабизе

  1. "Потеряна связь с пассажирским рейсом AirAsia Индонезия — Сингапур". Интерфакс. Халагьи 2014-12-28. {{cite web}}: Unknown parameter |datepublished= ignored (квеки); no-break space character in |title= at position 55 (квеки)
  2. "PK-AXC Indonesia AirAsia Airbus A320-216 - cn 3648" (in английский). Planespotters.net. Архивация оригинал (2014-12-30). Халагьи 2014-12-28. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  3. "PK-AXC Airbus A320-216, заводской 3648, двигатели CFM56-5B6, собран в 2008" (in русский). OneSpotter. Архивация оригинал (2014-12-28). Халагьи 2014-12-28. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  4. 4,0 4,1 4,2 "ASN Aircraft accident Airbus A320-216 PK-AXC Java Sea" (in английский). Aviation Safety Network. Халагьи 2014-12-28.
  5. Facebook аккаунталда авиакомпаниялъул лъазабиялда рекъон, 2014 соналъул 28 декабралъ 6:54 (GMT+8) бачІараб.
  6. Баянал кьун руго роржиналъул тІадкъаязда рекъон.
  7. Jethro Mullen (2014-12-28). "AirAsia Flight QZ 8501 with 162 on board goes missing on way to Singapore" (in английский). CNN. Халагьи 2014-12-28.
  1. перенаправление Шаблон:Авиациялъул лъугьа-бахъинал 2014 соналъул