Абидусалъул сияхӀ (Рамсес КӀудияв)

Абидосалъул сияхІ (Рамсес ТІадегІанав)» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Абидосалъул сияхІ яги Абидосалъул таблица — пиргІанзабазул цІаразул сияхІ, Рамсес КӀудиясул хІарамалдаса. Гьединабго I Сетил хІарамалдаса сияхІалда релъараб, амма гьелдаса квеш цІунун хутІараб. Жакъа къоялъ цІунун буго Лондоналда Британиялъул музеялда, жиндие гьеб сияхІ 1837 соналъ щвараб.

Абидосалъул сияхІ, II Рамсесил хІарамалдаса

СияхІ батана I Сетил хІарамалъул сияхІалдаса цебе Арабат-ал-Мафдун абулеб бакІалда, Нилалъул квегІаб рагІалда жиб бугеб. СияхІ къададаса батІа гьабуна Алискандериялда вукІарав паранс генералияв консул Жан Франсуа Мимоца (пар. Jean-François Mimaut).

Абидос шагьаралъул хІарамалда II Рамсесица гьабун буго хъвай-хъвагІи, жинца умумузе хІурмат гьабулеб. Киналго умумузул цІарал рукІун руго кІикъоялда анцІиде гІунтІун, амма гьезул хвечІого хутІун буго лъебергоялдаса цІикІкІинчІеб къадар; живго Рамсесил картушалъул буго 28 такрарлъи. Умумул сияхІалда рехсон руго тІаса рищун, гьелъие гІилла лъалаеб гьечІо, таблицаялъул байбихьи хун буго. Умумл рехсолаго, XVIII Наслуялъул пиргІанзабазул цІараздаса гьел рехсей унеб буго XII Наслуялъул пиргІавназде, гьеб кІиябго наслуялъул хурхен гьабиялъул хІисабалда. Хадуб буго, жал дагьалги церегІан рукІарал, 14 пиргІавнасул картуш.

Таблицаялъ кумек гьабуна Жан-Франсуа Шампольоние XVIII Наслуялъулъул пиргІавназул тартиб гьабизе ва хадуб Карл Лепсиусие Аменемхет ва Сенусрет цІарал Манефоница рехсон бугеб XII Наслуялъул пиргІавналгун данде ккезаризе. Таблицаялъул кьучІаб хІалалда хал-шал гьабуна Шарл Теодюл Девериа (пар. Charles-Théodule Deveria) ва Эммануэль Руже (пар. Olivier-Charles-Camille-Emmanuel de Rougé) египтологаз.

Огюст Мариетица 1869–1880 саназ гьабураб Абидосалъул таблицадул реконструкция

Библиография

хисизабизе