Аваралде рачӀарал рагӀаби

Авар мацӀалъул жиндир цебетӀеялда жаниб цогидал мацӀалгун гӀемерал хурхенал рукӀанлъ авар лексикаялде рачӀана цогидал мацӀазул гӀезегӀан рагӀаби. Аслияб къагӀидаялъ, къватӀисеб лексика бачӀана авар мацӀалде гӀараб, парс, тюрк ва гӀурус мацӀаздасан (ай цоги мацӀаздаса гьездеги рачӀун, гьездласа аваралде щварал), цӀакъго некӀсияб къватӀисеб лексика буго гуржи мацӀалдасан бачӀараб. Гьанжесеб заманалда цӀияб лексика буго ингилис мацӀалдасаги бачӀараб.

ГӀарабизмал хисизабизе

ГӀараб мацӀалъул рагӀаби рачӀине байбихьана авар мацӀалде Ислам тӀибитӀиялда цадахъ, ай IX гӀасруялдаса байбихьун. ГӀараб мацӀадаса рачӀарал рагӀаби рикьула хадусел лексикиябгин тематикиял тӀелазде:

  • Диналда хурхарал рагӀаби: Аллагь, Къуръан, ахират; тавбу, дин, иман, ислам, рухӀ; гӀаламат, сихӀру; имам, къади, дугӀа, мажгит, къурбан, садакъа ва ц.
  • Абстрактиял (магӀнавиял) бичӀчӀи́ял: аслу, баракат/баркат, гӀакълу, гӀумру, далил, даража, дуниял/дунял, жинс, захӀмат, зулмат , ишара ва ц.
  • Моралиялгун этикиял бичӀчӀи́ял: адаб, гӀайиб, гӀамал, ихтияр, намус, питна, рахӀмат, сабру , такъсир, хӀурмат ва ц.
  • ГӀадамазда гьоркьор хурхенал рихьизарулел рагӀаби, жамгӀиябгун сиясатиял ва экономикиял терминал: васият/васигат, гӀадат, жаваб, жамагӀат, инкъилаб, мажлис, маслахӀат/маслигӀат, наслу, сиясат, суал, тарбия, тухум, хӀукумат, халкъ, хиянат ва ц.
  • ГӀадамал ва пишачилъи рихьизарулел рагӀаби: ахӀмакъ, гӀадан, залим, инсан, наиб, нафс/напс, пакъир, пиргӀан, тӀабиб, хӀаким, ятим ва ц.
  • Гьунаралъул, гӀелмуялъул, лъай щвеялъул лексика: гӀелму, дарс, жуз, къалам, мактаб, мисал, тарих, хӀарп, хӀисаб, хатӀ ва ц.
  • Грамматикиял терминал: игӀраб, масдар, сигъа, сарп, сифат, фигӀлу, хӀалат ва ц.
  • Къиматиял сипат-суратал, хасиятал рихьизарулел рагӀаби: гӀадил(аб), гӀажаиб(аб), жагьил(аб), машгъул(аб), машгьур(аб), хӀадур(аб) ва ц.
  • РетӀел-хьиталъул, тӀад балеб гӀарац-меседалъул, рукъалъул къайи-матахӀалда цӀарал: гӀаба, киса, мискъал, сапун, сундукӀ, сундус, сурпа ва ц.
  • ГъветӀ-хералъул ва хӀайваназул цӀарал: гӀанкабут, пил, тӀавус, хӀайван, щитил ва ц.
  • Ригь-цӀаялъул ва гьелъул бутӀабазул цӀарал: гъурпа, хӀужра, жанахӀ, майдан, махӀла, хӀамам ва ц.
  • ТӀабигӀаталда лъугьунел хиса-басиязул ва минералазул цӀарал: тӀупан, гьава, алмас , якъут, маржан, жавгьар, мармар ва ц.
  • НигӀматазул цӀарал ва гьезда хурхарал: лукъма, нигӀмат, ризкъи ва ц.
  • Лага-черхалда хурхарал цӀарал: жаназа, сипат ва ц.

Парсизмал хисизабизе

Парс мацӀалдаса рачӀарал рагӀаби рикьула:

  • Рукъалъулги гӀалхулги хӀайваназда цӀарал ва гьезда хурхарал рагӀаби: гамущ, жайран, жанавар, каптар, каркадан ва ц.
  • ГъветӀ-хералъул цӀарал: габани, нар, наргиз, хурма, чинари ва ц.
  • ГӀадамал рихьизарулел рагӀаби ва гьезда хурхарал: мирза, падишагь / пача / па(р)чахӀ, палугьан, сардар, тушман ва ц.
  • Ригь-цӀа ва гьелда релъаралда хурхарал рагӀаби: азархана, амбар, ашбаз, базар, чадир, шагьар, шагьра ва ц.
  • РетӀел-тӀехалъул, рукъалъул къайи-матахӀалъул, алатазул цӀарал ва ц.: гӀабаси, дарай, караван, махмар, палас, пама, пардав, таргьа, тӀарс, чайдан ва ц.
  • Квен-тӀехалъе хӀалтӀизарулел продуктазда, дарабазда ва ц. цӀарал: пиринчӀ, пулав, хайгин, чакар ва ц.
  • Абстрактиял бичӀчӀи́ял, маргьадулал рухӀчӀаголъабазул цӀарал:дард, кумек, пиша, чара; аздагьо ва ц.
  • Сифатал, тӀадрагӀаби, кумекалъул рагӀаби ва цогидар каламалъул бутӀаби: багьа(яб), пашман(аб), таза(яб); нагагь, азарго, назук(аб) ва ц.

Тюркизмал хисизабизе

ГӀурусизмал хисизабизе

ГӀурус мацӀалдасан гӀемерал рагӀаби рачӀаниги, авар мацӀалда жалго гӀурус рагӀабазул гъат буго гӀезегӀан загӀипаб. Аслияб къагӀидаялъ, гьел рагӀаби ккола совет заманалъул рагӀаби, жакъа къоялде жал басралъарал, жидер актуаллъи гьечӀел. Гьел хӀалтӀизабиги буго араб низамалъул хутӀелалдеги ва гьанжесеб сиясаталде ва гӀурус тӀибитӀизабиялде мугъчӀвараб жо. Борхатаб адабияталда ва гӀелмияб рахъалда хӀалтӀизарула яги авар мацӀалъул жиндирго рагӀаби, ялъуни халкъаздагьоркьосеб лексика.

Интернационализмал ва еропаялъулал мацӀаздаса рачӀарал рагӀаби хисизабизе

Халкъаздагьоркьосеб лексикаялдаса рачӀарал рагӀаби, жидер гӀезегӀан къадар бугеб, ккола авар мацӀалда хӀалтӀизарулел ругел "гӀолохъанал" къватӀисел рагӀабилъун, тарихияб преспективаялда жал цогияздаса хадур рачӀарал. Гьел рагӀаби рикьизе бегьула къойлаб гӀумруялда хӀалтӀизарулездеги хассаб лексикаялдеги, жиб халтӀизаби хассал сферабаз гӀорхъигъинабураб.

РукӀине бегьула: гӀелмуялда ва техникаялда хурхарал (школа, география, космос ва ц.), медициналда хурхарал (медицина, операция ва ц.), адабияталда, гьунарлъиялда хурхарал рагӀаби (автор, гьерой, театр, пьеса ва ц.), рагъулаб хъулухъалда хурхарал (генерал, танк, автомат, гвардия ва ц.), спорталда хурхарал (спорт, рекорд ва ц.), ишалъулал документазул цӀарал (документал, паспорт, акт ва ц.), индустриялда ва гьелъ къватӀибе биччалеб къайиялда хурхарал цӀарал (фактория, цех ва ц.), хъулухъалъул ишазда хурхарал (директор, президент, адвокат ва ц.), , гӀадамал тӀад рекӀун хьвадулел жалазул цӀарал (автобус, машина ва ц.), жамгӀияб гӀумруялда хурхарал (феодализм, социум, конференция ва ц.).