Авар мацӀ ккола аглютинантияб мацӀ, жинда гъорлъ дагьабго формантаздалъун рагӀи хиси ва аналитизм (хадурегӀелал ва кумакалъул фигӀлаби) бугеб[1]. Авар мацӀалъул каламалъул бутӀаби рикьула кӀиде — жалго жидедаго чӀараздеги кумекалъулаздеги. Жалго жидедаго чӀаразде гъолъе уна: цӀар, сифат, цӀарубакӀ, рикӀкӀен, фигӀлу ва тӀадрагӀи.

ЦӀаралъул буго 3 жинс (чиясул, чӀужуялъул, гьоркьохъеб), цолъул ва гӀемерлъул форма, лъабго свери. Сифатазул буго лъабго жинс, цоялъул ва гӀемерлъул форма, игӀрабазде рекъон свери. ЦӀарубакӀал ва рикӀкӀенал ратӀагьарула цӀарулал бутӀазбаздаса семантикиял хаслъабаздалъун. ФигӀлуялъул буго заман, хисизаби[1], транзитивлъи, руго фигӀлаби жинсиял ва жинсиял гурел, гӀадатал ва журарал; фигӀлуялъул хасал формабилъун рикӀкӀуна инфинитив, масдар, сифат-фигӀлу ва конверб. ТӀадрагӀи, жиндир формаялъ къокъаб сипатал релълъараб букӀаниги, батӀа гьабула гьелдаса синтаксиял функцияздалъун. Синтаксияб позициялъ батӀа гьабула гьединго бакӀалъул тӀадрагӀабиги хадурегӀелалги. Авар мацӀалъул, ва гьединго моариязул мацӀалъул тӀадрагӀабазул буго, жиб тӀокӀаб цониги мацӀалда гьечӀеб, данде ккезабиялъул суффиксал[2], жидер кумекалдалъун тӀадрагӀи жинсияб рахъалъ цӀаргун данде кколеб (мисалалъе: хадув, хадуй, хадуб, хадур).

Кумакалъулал каламалъул бутӀабазде гъорлъе уна: дандраял, бутӀаби, хадурегӀелал, гьоркьоберех. Гьезул грамматикияб форма букӀаниги, лексикияб магӀна букӀунаро ва гьел жумлаялъул гӀахьалал бутӀабилъун кколаро. Гьезул иш буго рагӀабазул гьоркьолъи, бухьен, гьезда гьоркьоб бугеб сипат-хӀал баян гьабун бихьизаби.

ЦӀарис хисизабизе

ЦӀарис жаваблъун бачӀуна щав, щий, щиб, щал гьикъазе, ва семантикияб рахъалъ рахъалъ рикьула хасаздеги гӀаммаздеги. Элъул категорияби авар мацӀалда руго хадусел: класс (чиясул, чӀужуялъул, гьоркьохъеб), рикӀкӀадулаб форма (цолъул, дагьлъул, гӀемерлъул) ва хӀалат: (абсолутив, эргатив, генитив, датив, инструменталис ва локативазул серияби).[3]

Класс хисизабизе

Авар цӀарсал рикьула лъабго классалде. ТӀоцебеселде гъорлӀе ккола бихьинчиясда хурхарал цӀарсал: бихьинчи, эмен, вас, вац. КӀиабилелъ гъорлӀе рачуна чӀужуялда хурхарал цӀарсал: чӀужу, эбел, яс, яц ва ц. ХутӀарал цӀарсал, чӀагоялги, чӀагоял-гурелги жал рихьизарулел, уна лъабабилеб классалде гъорлӀе.

Жинсиял гӀаламатал
Класс Жинс Цолъул форма Мисал ГӀемерлъул форма Мисал
I чиясул в вас вачӀана р/л васал рачӀана
II чӀужуялъул й яс ячӀана ясал рачӀана
III гьоркьохъеб б чу бачӀана чуял рачӀана

РикӀкӀадул форма хисизабизе

ЦӀарсазул буго цолъул, дагьлъул ва гӀемерлъул формаби. Руго цо форма гурони гьечӀе, мисалалъе, цолъул форма гурони букӀунаро рокьи, сахлъи гӀадинал абстрактивиял цӀарсазул.

Руго цо-цо pluralia tantum рагӀаби: кагътал (хӀай, цолъул формаялда кагъат — жинда тӀад хъвадаризе хӀалтӀизабулеб жо), цӀороберал, цӀадираби. Гьабго тӀелалде гъорлъе рачине бегьула рос-лъади, эбел-эмен гӀадал рагӀабиги. Гьенирго руго батӀи-батӀиял росабазул гӀадамазде абулел цӀаралги, щай гурелъул гьезул корреляталлъун цолъул формаялда рукӀуна адъективал, жал топонимаздаса лъугьарал[4] (балагье Авар росабазул гӀадамазда абулел цӀарал).

Цо-цо цӀаразул цолъул формаялъул рукӀине бегьула цадахълъиялъул магӀнаги: гамачӀ — цо яги гӀемерал цадахъ, материал хӀисабалда.

Авар мацӀалда гӀемерлъул форма лъугьунел суффиксал рикьизе бегьула кӀиго тӀелалде:

  • Продуктивиял:
    • -аби[5] (ахиралда рагьарал ва суффиксалиял , ругел, ахирисеб рагьараб [+н] тӀагӀуна): дару — дар-аби, рагӀи — рагӀ-аби, хӀалтӀухъан — хӀалтӀухъ-аби;
    • -заби — гӀадамазда хурхарал цӀаразулъ: чапар — чапар-заби, гӀалим — гӀалим-заби, гьудул — гьудл-заби;
    • -ал — рагьукъаб ахиралда ругел рагӀабазулъ: бис — бис-ал, бер — бер-ал, кӀул — кӀулал; авар мацӀалъул жиндирго журарал аслу бугел рагӀабазулъ (тӀадецуй бугеб суффиксалъулъ) аслуялъул кӀиабилеб рагьаралъул лъугьуна редукция: гудур — гудр-ал, лъимер — лъим-ал, лъим — лъин-ал; къанагӀат суффикс -ал дандчӀвала ахиралда рагьараб бугеб битӀараб аслуялъулъ, жиндие гӀемерлъул формаялда редукция лъугьунеб: гьобо — гьабал; гӀурус мацӀалдаса рачӀарал рагӀабазулъ суффикс ккола тӀадецуй гьечӀеб ва редукция лъугьунаро: трактор — трактор-ал;
    • -ял — цожубараб CV аслу бугел рагӀабазулъ: къо — къо-ял, цӀа — цӀа-ял, чу — чу-ял, амма ца — ца-би, цӀва — цӀва-би, чӀва — чӀва-би;
  • Продуктивиял гурел:
    • -зал (цожубарал рагӀабазулъ): лагъ — лагъ-зал, нугӀ — нугӀ-зал, хур — хур-зал;
    • -дул, -ул (аслуялъул вокализм хисула V > у): гъадаро — гъудр-ул, кету — кут-ул, тӀегь — тӀугь-дул;
    • (аслу хисиялъул низам гьечӀел): тӀинчӀ — тӀанчӀ-и, хӀинчӀ — хӀанчӀ-и, гӀака — гӀач-и; гьабго цоцаца хиси хутӀула цо-цо жубараб аслу бугел рагӀабазулъ, жидер кӀиабилеб бутӀалъун -чи компонент бугел: захӀмат-чи — захӀмат-чагӀи, гӀолохъан-чи — гӀолохъ-аби;
    • -би (аслуялъул вокализм хисула V > у): кӀветӀ — кӀутӀ-би, гӀанса — гӀунсби, квартӀа — куртӀ-би.

ГӀемерлъул форма лъугьунеб супплетивияб къагӀида бихьизабун буго чӀужу — руччаби параялда. Гьединго дандчӀвала цо-цо рагӀабазул гӀемерлъул форма лъугьунеб кӀи-кӀи къагӀидабиги: хабар — хар-бал/хабарал, кету — кут-ул/кат-ал, хоб — хобал/хабал/хабзал ва ц. Гьениб параллелияб формабазул цояблъун ккола ударение гьечӀеб суффикс -ал, жинца цо ккураб къадар бихьизабулеб, гьебго заманалда гьелъул корелляталъ бихьизабула къадар гьечӀеб букӀин: дагьалго рукъал — гӀемарал рукъзал[6]. Цо-цо нухалда плюралисалъул батӀи-батӀияб формация гьабиялдалъун лексикияб магӀна хисула. Жибго гӀемерлъул формаялъул категория гуребги, авар мацӀалда буго дистрибутивияб гӀемерлъи бихьизабиялъул къагӀидаги (цӀарул аслу такрарлъиялдалъун): рокъо-рокъоре, рахъ-рахъалде.

ХӀалаталъул категория хисизабизе

ГӀадатал хисизабизе

Авар мацӀалда кинабниги буго 24 хӀалат, гьезул ункъго ккола гӀадатаблъун, хутӀараб 20 — бакӀалъул. ГӀадатал хӀалатазде гъорлӀе уна аслияб, жиб цӀаралъул битӀараб аслулъун кколеб, актив, хаслъул ва кьовул хӀалатал, жал хъвалсараб аслуялдаса лӀугьунел.

ХӀалат Суал Суффиксал хӀалтӀизабула
Аслияб хӀалат

(номинатив/абсолюютив)

щив? щий? щиб? щал?
  • унгутӀияб (транзитивияб-гуреб) фигӀлуялъул субъект бихьизабизе: жакъа цӀад бана;
  • аналитикиял континуалиял формабазда транзитивиял фигӀлабазул субъект бихьизабизе (номинативияб конструкция): бацӀги церги давла бикьулел рукӀана[7];
  • транзитивияб фигӀлуялъул пациенс (битӀараб тӀадежубай) бихьизабизе: васас кагъат хъвана; гьабго модель хутӀула гьединго лугбузул багъа-бачари бихьизабулел фигӀлаби ругел жумлабаздаги: Дица, бералги къанщун, бетӀер гьанкӀезабуна;
  • жубараб предикаталъул цӀарулаб бутӀаялда -лъун бутӀагун цадахъ: гьурилъун роржун ана сонал.
  • хитӀаб гьабиялда;
  • аппозитивиял конструкциязда, гӀемерисеб гӀагарлъиялда хурхарал терминазда, хӀалтӀи-пишаялъул цӀаразда, топонимазда ва ц.: дирго вац МухӀамадкамил; гьанибго бегьула аслияб хӀалат батӀи-батӀиял дандраязда цадахъ букӀинеги: Щибаб кечӀ тӀаде вачӀунев гьобол гӀадин букӀуна;
  • бутӀрул хъваялда, суратазда гъоркьваязда, къамусияб ва абулеб форма хӀисабалда.
Актив хӀалат

(эргатив)

лъица? сунца? -с/-лъ/-ца
  • транзитивияб фигӀлуялъул агенс бихьизабизе (эргативияб конструкция): Ханас гьесухъе чи витӀанила;
  • инструменталияб тӀадежубайлъун: васас къалмица сурат бахъана;
  • иш лъугунеб куцалъул хӀаллъун: дунго матӀуялъ вихьана;
  • заманалъул хӀаллъун: гьеб къоялъ ниж дандчӀвана;
  • бакӀалъул ва гӀилла-мурадалъул хӀаллъун: гӀемер хъвадариялъ килщал унтула.
Хаслъул хӀалат

(генетив)

лъил? сундул? -(у)л
  • щиб букӀанги сундуе букӀанги кколеб букӀин бихьизабизе: инсул рукъ, тӀехьалъул жилд, гьоболасул чу;
  • киналдасаго бутӀа бихьизабизе: гӀадамасул берал, кочӀол рагӀаби, нусалъул бал;
  • щиб букӀаниги кинаб букӀаниги материалалъул гьабураб букӀин бихьизабизе: меседил баргъич, щагӀил гъадаро, цӀулал гъуд;
  • гӀемерлъиялдаса цо элемент бихьизабизе: рекӀаразул цевехъан;
  • субъекталъул иш/хӀал бихьизабизе: гӀалимзабазул бахӀс, бетӀералъул унти, рекӀел кьаби; шартӀияб къагӀидаялъ гьанибго бачине бегьула субъект — ишалъул хӀасил бихьизабиги[8]: моцӀрол канлъи, зурма-къолол гьаракь;
  • гӀуцӀулеб элементалъул къадар бихьизабизе: лъел гӀеретӀ, ханждал хъап, тӀорщалил роцен;
  • группаялъул гӀуцӀи бихьизабизе: тӀогьол квацӀи, ясазул тӀел, боцӀул рехьед;
  • гӀаммаб баянлъиялъул гьоркьолъи бихьизабизе: рокьул гӀаламат, эркенлъиялъул бакънал, лъикӀаб тайпаялъул айгъир;
  • заманалъул гьоркьолъи бихьизабизе: роол гӀуж, хасалил сордо, ихдалил заман;
  • бакӀалъул гьоркьолъи бихьизабизе: авлахъалъул тӀугьдул, росдал гӀадамал;
  • гӀаламатазул ва гьел тӀаде кколезул гьоркьолъи бихьизабизе: мугӀрузул борхалъи, гӀадамасул чӀухӀи, халичабазул гьайбатлъи;
  • сундуе букӀаниги щиб букӀаниги жо хӀалтӀизаби: чол тӀикъва, оцазул рукь;
  • тӀаде цӀаялъулаб конструкциялъул субъект бихьизабизе: Гьав ханасул йикӀанила цӀакъ берцинай цо яс;
  • цо-цо фигӀлабигун хъвалсараб тӀадежубай хӀисабалда: Киназго жиде-жидер поэзи-ялъул, халкъазул бицана.
Кьовул хӀалат (датив) лъие? сундуе? -е
  • цӀаралъ гьабулеб иш цогиялдехун буссараб букӀин бихьизабизе: дица васасе кумек гьабуна;
  • бокьизе фигӀлуялда субъект бихьизабизе: дие мун йокьула;
  • цогидал предикалгун цадахъги: Цо замандаласан бацӀи-е-ги цара-е-ги кӀи-кӀи тӀинчӀ гьабун буго.
БакӀалъулал хисизабизе

БакӀалъул хӀалатаз рихьизарула меслъиялъул, иналъул, багъариялъул ва цогидал магӀнаби. Рикьула хадусел тӀелазде:

  • локатив яги чӀовул хӀалатал (суффикс ) жидеца бугеб бакӀ бихьизабулел, цо хӀалалда сасиналъул, чӀеялъул магӀна бичӀизабулел;
  • аллатив яги рачӀул хӀалатал (суффикс ), жидеца кибехун букӀаниги рачӀин/ин бихьизабулел (букӀине бегьула -хун бутӀагун);
  • аблатив яги ратӀалъул (суффикс -са), жидеца сундаса букӀаниги киса букӀаниги батӀалъун ин бихьизабулел;
  • транслатив (суффикс ), жинца сунда жанисаниги ин бичӀчӀизабулеб.

Локализациялъул суффиксазде балагьун, хӀалатазул щибаб тӀелги бикьула щу-щу сериязде:

ХӀалат Серия/хӀалат Суал Суффиксал
Локатив I/жинда хӀалат лъида? сунда? -да/--тӀа
II/жиндихъ хӀалат лъихъ? сундухъ? -хъ
III/жиндилъ хӀалат лъилъ? сундулъ? -лӀ
IV/жиндикь хӀалат лъикь? сундукь? -кь
V/жаниб хӀалат киб? -в/-й/-б/-р
Аллатив I/жинде хӀалат лъиде? сунде? -д-е
II/жиндихъе хӀалат лъихъе? сундухъе? -хъ-е
III/жиндилъе хӀалат лъилъе? сундулъе? -лӀ-е
IV/жиндикье хӀалат лъикье? сундукье? -кь-е
V/жанибе хӀалат кибе? -в-е/-й-е/-б-е/-р-е
Аблатив I/жиндаса хӀалат лъидаса? сундаса? -д-а-са
II/жиндихъа хӀалат лъихъа? сундухъа? -хъ-а
III/жиндилъа хӀалат лъилъа? сундулъа? -лӀ-а
IV/жиндикьа хӀалат лъикьа? сундукьа? -кь-а
V/жаниса хӀалат киса? -са
Транслатив I/жиндасан хӀалат лъидасан? сундасан? -д-а-сан
II/жиндихъан хӀалат лъихъан? сундухъан? -хъ-ан
III/жиндилъан хӀалат лъилъан? сундулъан? -лӀ-ан
IV/жиндикьан хӀалат лъикьан? сундукьа(н)? -кь-ан
V/жанисан хӀалат кисан? -сан

БакӀалъул хӀалтал сериязде балагьун, хӀалтӀизарула:

  • I серия — щиб букӀаниги лъиде/сунде букӀнии данде ккун тӀадехун букӀин (локатив), тадехун ин/бачӀин (аллатив), тасӀа ин/бачӀин (аблатив), тӀасан ин/бачӀин (транслатив) бичӀчӀизабизе;
  • III серия — щиб букӀаниги лъида/сунда букӀаниги гӀагарлъухъ букӀин (локатив), гӀагарлъухъе ин/бачӀин (аллатив), гӀагарлъухъа ин/бачӀин (аблатив), гӀагарлъухъан ин/бачӀин (транслатив) бичӀчӀизабизе;
  • III серия — щиб букӀаниги лъида/сунда букӀаниги гъорлъ букӀин (локатив), гъорлъе ин/бачӀин (аллатив), гъорлъа ин/бачӀин (аблатив), гъорлъан ин/бачӀин (транслатив) бичӀчӀизбизе;
  • IV серия — щиб букӀаниги лъида/сунда букӀаниги гъоркь букӀин (локатив), гъоркье ин/бачӀин (аллатив), гъоркьа ин/бачӀин (аблатив), гьоркьан ин/бачӀин (транслатив) бичӀчӀизабизе;
  • V серия — щиб букӀаниги сунда букӀаниги жаниб букӀин (локатив), жинибе ин/бачӀин (аллатив), жаниса ин/бачӀин (аблатив), жанисан ин/бачӀин (транслатив) бичӀчӀизабизе;

Гьел хӀалатазул гьединго хӀалтӀизарула бакӀазул магӀнаялда гуребги, цогидаб магӀнаялдаги. Бищун гӀемер хӀалтӀизабулеб I сериялъул локатив:

  • рекӀее асар лӀугьиналъул фигӀлабигун субъект бихьизабизе: васасда гьеб бичӀчӀана, дида кинабго жо кӀочон тана;
  • адресатияб ва цогидал тӀадежубаял рихьизаризе: АбутӀалибица авар мацӀалда дие жиндирго цӀияб кечӀ цӀалана;
  • физикияб асар гьабиялъул фигӀлабазул объект гьабизе: дос таманча речӀана долда;
  • дандекквеялъул объект лӀугьинабизе: гьев вукӀана вацасдаса къуватав вуго.

ЦӀаралъул свери хисизабизе

Авар мацӀалъул цӀарал, жидер актив игӀрабалда букӀунеб ахиралде балагьун, рикьула лъабго свериялде; I свериялъул ахиралда букӀуна -с, II свериялъул — -лъ, III свериялъул — -ца.

тӀоцебесеб свериялда рекъон рачӀуна гӀемерисел чиясул жинсалъул гӀаммал цӀарал, чиясул жинсалъул жидер ахиралда жинсияб гӀаламат бугел хасал цӀарал (-ав ахиралда ругел авар хъизан-цӀаралги), гьединго -ов, -ев ахирал ругел фамилиялги[9], .

чи, вац, Хириясулав, ГӀумаров
ИгӀраб Цолъул форма
Аслияб чи вац Хириясулав ГӀумаров
Актив чи-яс вац-ас Хириясул-ас ГӀумаров-ас
Хаслъул чи-яс-ул вац-ас-ул Хириясул-ас-ул ГӀумаров-ас-ул
Кьовул чи-яс-е вац-ас-е Хириясул-ас-е ГӀумаров-ас-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраб чи-яс-да вас-ас-да Хириясул-ас-да ГӀумаров-ас-да
жиндихъ игӀраб чи-яс-ухъ вац-ас-ухъ Хириясул-ас-ухъ ГӀумаров-ас-ухъ
жиндилъ игӀраб чи-яс-улъ вац-ас-улъ Хириясул-ас-улъ ГӀумаров-ас-улъ
жиндикь игӀраб чи-яс-укь вац-ас-укь Хириясул-ас-укь ГӀумаров-ас-укь
жаниб игӀраб
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраб чи-яс-де вац-ас-де Хириясул-ас-де ГӀумаров-ас-де
жиндихъе игӀраб чи-яс-ухъе вац-ас-ухъе Хириясул-ас-ухъе ГӀумаров-ас-ухъе
жиндилъе игӀраб чи-яс-улъе вац-ас-улъе Хириясул-ас-улъе ГӀумаров-ас-улъе
жиндикье игӀраб чи-яс-укье вац-ас-укье Хириясул-ас-укье ГӀумаров-ас-укье
жанибе игӀраб
РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраб чи-яс-даса(н) вац-ас-даса(н) Хириясул-ас-даса(н) ГӀумаров-ас-даса(н)
жиндихъа(н) игӀраб чи-яс-ухъа(н) вац-ас-ухъа(н) Хириясул-ас-ухъа(н) ГӀумаров-ас-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀраб чи-яс-улъа(н) вац-ас-улъа(н) Хириясул-ас-улъа(н) ГӀумаров-ас-улъа(н)
жиндикьа(н) игӀраб чи-яс-укьа(н) вац-ас-укьа(н) Хириясул-ас-укьа(н) ГӀумаров-ас-укьа(н)
жаниса(н) игӀраб

кӀиабиле свериялда рекъон рачӀуна чӀужуялъул жинсалъул гӀаммал цӀарал ва цо-цо, жидер ахиралда жинсияб гӀаламат бугел, хасал цӀарал, гьоркъохъеб жинсалъул лъикӀаланго гӀаммал ва хасал цӀарал[9]. Аслияб игӀрабалда -ия, -ие абурал ахираздалъун лъугӀулел батӀиял мацӀаздаса рачӀарал цӀарал игӀрабазде сверулаго, ахирияб / гьаракь гьоркьоса тӀагӀуна, амма руго гьоркьосарахъиялги, мисалалъе, школа, аптека гӀадал рагӀаби

чӀужу, яц, рукъ, хӀули
ИгӀраб Цолъул форма
чӀужуялъул жинс гьоркьохъеб жинс
Аслияб чӀужу яц рукъ хӀули
Актив чӀужу-ялъ яц-алъ рукъ-алъ хӀули-ялъ
Хаслъул чӀужу-ялъ-ул яц-алъ-ул рукъ-алъ-ул хӀули-ялъ-ул
Кьовул чӀужу-ялъ-е яц-алъ-е рукъ-алъ-е хӀули-ялъ-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраб чӀужу-ял-да яц-ал-да рукъ-ал-да хӀули-ял-да
жиндихъ игӀраб чӀужу-ялъ-ухъ яц-алъ-ухъ рукъ-алъ-ухъ хӀули-ялъ-ухъ
жиндилъ игӀраб чӀужу-ялъ-улъ яц-алъ-улъ рукъ-алъ-улъ хӀули-ялъ-улъ
жиндикь игӀраб чӀужу-ялъ-укь яц-алъ-укь рукъ-алъ-укь хӀули-ялъ-укь
жаниб игӀраб рукъ-алъ-уб(в/й/р)
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраб чӀужу-ял-де яц-ал-де рукъ-ал-де хӀули-ял-де
жиндихъе игӀраб чӀужу-ялъ-ухъе яц-алъ-ухъе рукъ-алъ-ухъе хӀули-ялъ-ухъе
жиндилъе игӀраб чӀужу-ялъ-улъе яц-алъ-улъе рукъ-алъ-улъе хӀули-ялъ-улъе
жиндикье игӀраб чӀужу-ялъ-укье яц-алъ-укье рукъ-алъ-укье хӀули-ялъ-укье
жанибе игӀраб рукъ-алъ-убе
РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраб чӀужу-ял-даса(н) яц-ал-даса(н) рукъ-ал-даса(н) хӀули-ял-даса(н)
жиндихъа(н) игӀраб чӀужу-ялъ-ухъа(н) яц-алъ-ухъа(н) рукъ-алъ-ухъа(н) хӀули-ялъ-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀраб чӀужу-ялъ-улъа(н) яц-алъ-улъа(н) рукъ-алъ-улъа(н) хӀули-ялъ-улъа(н)
жиндикьа(н) игӀраб чӀужу-ялъ-укьа(н) яц-алъ-укьа(н) рукъ-алъ-укьа(н) хӀули-ялъ-укьа(н)
жаниса(н) игӀраб рукъ-алъ-уса(н)

Лъабабилеб свериялда рекъон сверула чиясул ва чӀужуялъул жинсалъулги хасал цӀарал, гьоркьохъеб жинсалъул гӀезагӀанго цӀарал. Лъабабилеб свериялда рекъон рачӀунел гьоркьохъеб жинсалъул рагӀабазул кьибилалъулъ лъугьуна флексия: ракӀ — рекӀе-ца, цо-цо рагӀабазул актив игӀрабалда бачӀине бегьула, гӀурус мацӀалдаса рачӀарал рагӀабазул ахиралдаса тамахаб ишара тӀагӀуна[9].

МухӀамадкамил, ПатӀимат, ракӀ, рахь
ИгӀраб Цолъул форма ГӀемерлъул форма
чиясул жинс чӀужуялъул жинс гьоркьохъеб жинс
Аслияб МухӀамадкамил ПатӀимат ракӀ рахь
Актив МухӀамадкамили-ца ПатӀимати-ца рекӀе-ца рахьда-ца
Хаслъул МухӀамадкамили-л ПатӀимати-л рекӀе-л рахьда-л
Кьовул МухӀамадкамили-е ПатӀимати-е рекӀе-е рахьда-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраб МухӀамадкамили-да ПатӀимати-да рекӀе-да рахьда-да
жиндихъ игӀраб МухӀамадкамили-хъ ПатӀимати-хъ рекӀе-хъ рахьда-хъ
жиндилъ игӀраб МухӀамадкамили-лъ ПатӀимати-лъ рекӀе-лъ рахьда-лъ
жиндикь игӀраб МухӀамадкамили-кь ПатӀимати-кь рекӀе-кь рахьда-кь
жаниб игӀраб
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраб МухӀамадкамили-де ПатӀимати-де рекӀе-де рахьда-де
жиндихъе игӀраб МухӀамадкамили-хъе ПатӀимати-хъе рекӀе-хъе рахьда-хъе
жиндилъе игӀраб МухӀамадкамили-лъе ПатӀимати-лъе рекӀе-лъе рахьда-лъе
жиндикье игӀраб МухӀамадкамили-кье ПатӀимати-кье рекӀе-кье рахьда-кье
жанибе игӀраб
РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраб МухӀамадкамили-даса(н) ПатӀимати-даса(н) рекӀе-даса(н) рахьда-даса(н)
жиндихъа(н) игӀраб МухӀамадкамили-хъа(н) ПатӀимати-хъа(н) рекӀе-хъа(н) рахьда-хъа(н)
жиндилъа(н) игӀраб МухӀамадкамили-лъа(н) ПатӀимати-лъа(н) рекӀе-лъа(н) рахьда-лъа(н)
жиндикьа(н) игӀраб МухӀамадкамили-кьа(н) ПатӀимати-кьа(н) рекӀе-кьа(н) рахьда-кьа(н)
жаниса(н) игӀраб

ГӀемерлъул формаялда ругел цӀарал игӀрабазде свери.

вацал, яцал, рукъзал, ракӀал
ИгӀраб ГӀемерлъул форма форма
I свери

ч. ж.

II свери

чӀ. ж.

II свери

гь. ж.

III свери

гь. ж.

Аслияб вацал яцал рукъзал ракӀал
Актив вац-аз яц-аз рукъзаб-аз ракӀ-аз
Хаслъул вац-аз-ул яц-аз-ул рукъзаб-аз-ул ракӀ-аз-ул
Кьовул вац-аз-е яц-аз-е рукъзаб-аз-е ракӀ-аз-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраб вас-аз-да яц-аз-да рукъзаб-аз-да ракӀ-аз-да
жиндихъ игӀраб вац-аз-ухъ яц-аз-ухъ рукъзаб-аз-ухъ ракӀ-аз-ухъ
жиндилъ игӀраб вац-аз-улъ яц-аз-улъ рукъзаб-аз-улъ ракӀ-аз-улъ
жиндикь игӀраб вац-аз-укь яц-аз-укь рукъзаб-аз-укь ракӀ-аз-укь
жаниб игӀраб
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраб вац-аз-де яц-аз-де рукъзаб-аз-де ракӀ-аз-де
жиндихъе игӀраб вац-аз-ухъе яц-аз-ухъе рукъзаб-аз-ухъе ракӀ-аз-ухъе
жиндилъе игӀраб вац-аз-улъе яц-аз-улъе рукъзаб-аз-улъе ракӀ-азс-улъе
жиндикье игӀраб вац-аз-укье яц-аз-укье рукъзаб-аз-укье ракӀ-аз-укье
жанибе игӀраб
РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраб вац-аз-даса(н) яц-аз-даса(н) рукъзаб-аз-даса(н) ракӀ-аз-даса(н)
жиндихъа(н) игӀраб вац-аз-ухъа(н) яц-аз-ухъа(н) рукъзаб-аз-ухъа(н) ракӀ-аз-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀраб вац-аз-улъа(н) яц-аз-улъа(н) рукъзаб-аз-улъа(н) ракӀ-аз-улъа(н)
жиндикьа(н) игӀраб вац-аз-укьа(н) яц-аз-укьа(н) рукъзаб-аз-укьа(н) ракӀ-аз-укьа(н)
жаниса(н) игӀраб

Адйектив хисизабизе

Адйектив ккола жиндица куц-мухъ, рижа, букӀаниги сипат-сурат жинца бихьизабулеб ва кинаб?, кинай?, кинаб?, кинал? абураб гьикъ лъезе бегьулеб кӀалъал бутӀа. Жинца роцӀцӀинабулеб рагӀухъ балагьун, адъективазул рукӀине бегьула классиялги гӀаламаталги гӀемерлъул формаги: хирияв эмен, хирияй эбел, хирияб тӀалъи, хириял тӀахьал. Цо-цо адйективазулӀ классияб гӀаламат букӀуна кьолболӀги: ворхатав, йорхатай, борхатаб, рорхатал.

Авар адйективал рикьула лъабго тӀелалде:

  • Кинлъи бихьизабулел — жалго жедедаго ругел адйективал: берцинаб, цӀакъаб, халатаб цги.
  • ГӀахьалал — номиназул генитивал форма кьучӀда бугел: маххулаб, ганчӀилаб цги.
  • Хаслъул — тӀасияб групалъул тайпа: вацасулаб, дираб, чиясулаб цги.

Суперлативлъи бихьизабизе хӀалтӀизабула аналитикияб конструкция бищун + адйектив: бищун берцинаб, бищун гъваридаб. Буго хасаб, батӀа гьабун бихьизабул форма, жиб лӀугьунеб адйективалъул гӀадатаб формалде тӀаде -аб, -ав, -ай журан: багӀарабаб, кӀудиявав. Дандекквеялъулаб хасаб форма адйективазул гьечӀо, гьеб бихьазабизе хӀалтӀизабула конструкция: цӀар-абл + адйектив: гьелдаса кӀудияб.

ЦӀарсида цадахъ бугел адйектив рекъонккола гьебгун цохӀого-цо классияб яги гӀемелъул формалда, хӀалатазде хисуларо: лебалав чи (абс), лебалав чияс (эрг), лебалав чиясул ген. Адйективазул субстантиватал, цӀар лӀугьарал, хисула чияс классалъулал — I сверуда, чӀужуялъулги гьоркьохъебги — II сверуда рекъон.

РикӀкӀен хисизабизе

Авар рикӀкӀеназул руго хадусел тайпаби: кардиналал, ординалал, дистрибутивиял, групиял, мултипликативиял ва коллективиял. Авар мацӀалъул буго вегестималаб (къоцӀалияб) нумералаб система 40 (=2×20), 60 (=3×20) and 80 (=4×20). Цо-ялде хутӀизегӀан киналго кардиналал рикӀкӀеназде жубала энклитика -го. Журарал рикӀкӀенал лӀугьуна суффиксазул -ила (анцӀила), -ло (къоло), -алда (лъебералда, кӀикъоялда) квекудалъун.

Формалда рекъон рикӀкӀенал рикьула лъабиде:

  • ГӀадатал: цо, анцӀго, къого, лъеберго, нусго цги;
  • Журарал: кӀикъого, лъабнусго цги;
  • ГӀуцӀарал: анцӀила цо, къоло лъабго, лъебералда ункъго цги.
РикӀкӀеназул тайпаби
Тайпа Суффикс Мисалал Гьикъ
1 БацӀцӀадаб кьучӀ цо, кӀи
2 Кардиналал (тӀолабго цадахъ) -го цо, кӀиго, анцӀго, нусго чан?
3 Дистрибутивиял (цада-цадахъ боси) Редупликация цо-цо, кӀи-кӀи, анцӀ-анцӀ, нус-нус чан-чан?
4 Коллективияб групияб (рихьизарула цвелал) -(й)абго кӀиябго, лъабабго, анцӀабго, нусабго чан?
5 Коллективияб групияб (тӀолалъул бутӀа) -го + -яб цояв, кӀигояв, анцӀгояв, нусгояв
6 Индефинитал (рикӀкӀиналъул роцӀцӀен гьечӀолъи) цо-кигӀо, лъабго-ункъго, щуго-анлӀго
7 Мултипликативал (чан нухалъ букӀин) -цӀул цоц1ул (цин), к1иц1ул, анц1ул, нусц1ул чанцӀул?
8 Ординалал (цоцада хаду-цере рукӀин) -абилеб цоабилеб, кӀиабилеб, анцӀабилеб чанабилеб?

РикӀкӀенал хӀалтӀизарула номиналияб модификатор гӀадин цӀарсазда цебе, гьедин бугелъул цӀарисги букӀуна цолъул формалда. ЦӀиккӀанисел рикӀкӀеназул буго адйективазулаб морфосинтактикияб рижа, гьезул субстантиватал хисула II-б сверуда рекъон.[10]

ЦӀарубакӀ хисизабизе

Авар мацӀалда руго хадусел типазул цӀарубакӀал: персоналиял (гьумералъул), демонстративиял (бихьизабул), рефлексивиял, реципрокалиял, интеррогативиял (гьикъул) ва индефинитал.[11]

Перосоналиял цӀарубакӀазул буго кӀиго гьумер: 1-себ — дун, эксклюзивияб ниж, инклюзивияб нилӀ; 2-леб — мун, нуж.

Персоналиял цӀарубакӀазул парадигма
ХӀалат 1сг 2сг 1пл.инкл 1пл.экскл 2пл
Абсолютив дун мун нилӀ ниж нуж
Эргатив ди-ца ду-ца нилӀе-ца ниже-ца нуже-ца
Генитив ди-р ду-р нилӀе-р ниже-р нуже-р
Датив ди-е ду-е нилӀе-е ниже-е нуже-е
Эссив ди-да ду-да нилӀе-да ниже-да нуже-да
Латив ди-де ду-де нилӀе-де ниже-де нуже-де
Аблатив ди-даса ду-даса нилӀе-даса ниже-даса нуже-даса
Транслатив ди-дасан ду-дасан нилӀе-дасан ниже-дасан нуже-дасан
Инструментал ди-далъун ду-далъун нилӀе-далъун ниже-далъун нуже-далъун

Лъабабилеб гьумералъе хӀалтӀизарула демонстративиял цӀарубакӀал, жал ратӀа гьарулел классалдалъун, рикӀкӀадалъун, кӀалъалезде бугеб гӀагарлъуд ва гъоркьа-тӀаса ккеялдалъун (вертикаллъи). Жалго жидедаго хӀалтӀизарулел ругони, демонстративиял цӀарубакал хӀалатазде хисула I ва II сверуда рекъон.

Бихьизабул цӀарубакӀал
Чиясул ЧӀужуялъул Гьоркьохъеб ГӀемерлъул Комментарий
гьа-в гьа-й гьа-б гьа-л кӀалъалезде гӀагарда; цого борхалъи
гье-в гье-й гье-б гье-л адресатазде гӀагарда; кӀалъалесдаса двегӀан
до-й до-й до-б до-л кӀалъалездаса рикӀкӀад
гьада-в гьада-й гьада-б гьада-л кӀалъалездаса рикӀкӀад
гъо-й гъо-й гъо-б гъо-л кӀалъалездаса рикӀкӀадги гъоркьегӀанги
гьагъа-в гьагъа-й гьагъа-б гьагъа-л кӀалъалездаса рикӀкӀадги гъоркьегӀанги
лъо-в лъо-й лъо-б лъо-л кӀалъалездаса рикӀкӀадги эххедегӀанги
гьалъа-в гьалъа-й гьалъа-б гьалъа-л кӀалъалездаса рикӀкӀадги эххедегӀанги

Рефлексивиял цӀарубакӀазул, щибалъулӀ классги, рикӀкӀенги, хӀалатӀги бугеб лъабго батӀияб тип буго:

  • гӀадатал: жи-в, жи-й, жи-б, жа-л;
  • журарал: жи-в-го, жи-й-го, жи-б-го, жа-л-го;
  • кӀилъарал: живго жинцаго, жийго жинцаго, жибго жинцаго, жалго жедецаго.

Рефлексивиял конструкциябазда рефлексивал ккола цохӀо лъабабилеб гьумералъе. ТӀоцебеселъеги кӀиабилелъеги хӀалтӀизарула персоналиял цӀарубакӀал эмфатикияб энклитик -го: дун-го, ди-ца-го, ниж-го, ниже-цаго.[12]

Интеррогативиял (гьикъул) цӀарубакӀал ккола:

  • щи-в, щи-й, ща-л
  • щи-б
  • ща-й
  • чан
  • кин
  • кигӀан
  • кида
  • кина-в, -й, -б, -л
  • кисса
  • ки-в, -й, -б, -р

Индефинитал яги баян-гьечӀе цӀарубакӀал лӀугьуна интеррогативиязул кьучӀде яги цо рикӀкӀеналде суффиксалги энклитикалги журан.[13]

Индефинитал цӀарубакӀал
Тип ЛӀугьин Мисал
спецификиял -али + -го щивалиго
кинабалиго
тӀасарищул -ни + -ги щибниги
кибниги
универсалал -го[a] щивго
кибго
дистрибутивиял редупликаци + -ни + -ги щиб-щибниги
киб-кибниги
негативиял -ни + -ги[b] щибниги
кибниги
негативиял -го[c] щибго
кибго
кинабголъул -аб щибаб
тӀолголъул тӀолабго
тӀолгояв
  1. Позитивияб поларлъи бугеб клаузалда
  2. ЦохӀо негативияб поларлъи бугел клаузазда
  3. Позитивияб поларлъигун клаузабазда гьал цӀарубакӀал цӀалула универсалал баян-гьечӀеллъун

Верб хисизабизе

Авар мацӀалда вербазул руго хадусел категорияби: поларлъи (гьечӀолъи), мехх, модус, модаллъи, аспект, эвиденциаллъи. Рекъонккей буго классияб ва рикӀкӀадулаб, гьечӀо персонияб (гьумерияб). Буго цӀакъ гӀатӀидаб хисулаб система, батӀи-батӀиял финитиял-гурел формаби.[14]

ГьечӀолъул форма хисизабизе

Фреквентатив ва каузатив хисизабизе

Авар мацӀалъу фигӀлабазул аспектияб категориялде гъорлъе ккола фреквентативияб (такрарлъул) форма. Гьелъ жидеца цо-цо ишазул цадахълъи ялъуни цоцада хадуб ккей бихьизабула; лӀугьуна фреквентатив такрарлъунгутӀиял фигӀлабаздаса хадусел къагӀидабаз:

Куц ХӀалтӀизаби Мисал
Суффиксация -ар аслияб ва бищун продуктивияб бохьизе — бохь-ар-изе, хисизе — хис-ар-изе, малълъизе — малълъ-ар-изе
-дар CV вербал ва деноминалиял вербал хъвазе — хъва-дар-изе, пузе — пу-дар-изе, хех-дар-изе, щак-дар-изе
-а- бугел тӀоцересел аслуязда ва редупликациял ва гьаркьада релълъарал аслуязда. лъалъазе — лъалъа-д-изе, чӀаразе — чӀара-д-изе; мими-д-изе, къвакъва-д-изе, гӀергӀе-д-изе
-ахъд хурхинабула жидер тӀоцересел такрарлъул формантал ругел аслуязда кӀобокӀ-ахъд-изе, бекер-ахъд-изе, багъар-ахъд-изе
-де аслияб куцалъ сонорияб, ларингалияб яги лабиалияб гьаракь бугезда гьализе — гьал-де-зе, кьвагьизе — кьвагь-де-зе, ахӀизе — ахӀ-де-зе, амма къап-е-зе, хьвагӀ-е-зе
-анхъ багъа-бачариялъул вербазда боржине — борж-анхъ-изе, билълъине — билълъ-анхъ-изе, белъизе — белъ-анхъ-изе
Аблаут у/и > е CVRC вербазда, кьабизабуца бакӀ хисула гъа́нчизе —гъанч-е́-зе, пи́рххизе — перхх-е́-зе, кӀу́тӀизе — кӀетӀ-е́-зе
Кьабизабуца бакӀ хиси кӀа́нцӀана — кӀанцӀа́на, хӀа́нчӀана — хӀанчӀа́на
Кьолбол редупликация бихьизабула ишалъул цо чанго фаза букӀин къотӀизе — къотӀ-къотӀизе, хъарсине — хъарс-хъарсине, кьуризе — кьур-кьуризе
Баян: цо-цо вербазул такрарлъул формаби лӀугьуна аблауталдалъунги редупликациялдалъунги: кӀутӀизе — кӀетӀезе — кӀутӀ-кӀутӀизе

Каузатив, яги жо гьабизе тӀами биччӀизабулеб вербалаб форма лӏугьуна инфинитив ва гьа-б-изе форма цоцалъӀиналдалъун: гьабизе — гьабизабизе, хӀалтӀизе — хӀалтӀизабизе, хъвазе — хъваз-а-б-изе.

Мехх хисизабизе

Авар мацӀалъул фигӀлуялъул системаялда руго синтетикиял ва аналитикиял заманалъул формаби. Синтетикиязде гъорлъе ккола:

  • гьанжесеб гӀаммаб заман, жинца кидаго лъугьунеб ялъуни жиндир заманаялъул гӀурхъи гьечӀеб иш бихьизабулеб (суффиксал -(у)ла/-уна);
  • бачӀунеб заман, жинца лъугьине бугеб иш бихьизабулеб (суффиксал: -(и)ла/-ина);
  • араб заман (аорист), жиндица цебе лъугьараб иш бихьизабулеб (суффиксал: -(у)на, -(а)на);

Аналитикиял формаби лъугьуна гьанже заманалъул сипат-фигӀлу (бутӀагьаби, яги причастие), араб заманалъул трансгрессив ва инфинитив «букӀине» фигӀлуялъул финитияб формагун цадахъ лъун. Аналитикиял формабазде гъорлъе уна:

  • Гьанжесеб баянаб заман (гьанже заманалъул сипат-фигӀлу + гьанже заманалъул кумекалъул фигӀлу) — бихьизабула иш, жиб гьабулеб бугеб каламалъул заманалда лъугьунеб бугеб: дун вухӀулев вуго!; гьанжесеб гӀаммаб заманалъул формаялде бугеб кумекалъул фигӀлуялъ аналитикияб формаялъе кьола итеративияб магӀна: Кинабго жо хисулеб-сверулеб букӀуна.
  • Перфект (араб заманалъул трансгрессив + гьанже заманалъул кумекалъул фигӀлу) — бихьизабула цебеккун гьабун бахъараб иш, жиндир хӀасил гьанжесеб заманалде бугеб: дун гьанже сахлъун йиго; кӀиявго хутӀун вуго.
  • Имперфект (гьанже заманалъул сипат-фигӀлу + араб заманалъул кумекалъул фигӀлу) — бихьизабула иш, жиб араб заманалъул цо къотӀелалда лъугьунеб букӀараб: Балеб букӀана цӀад.
  • Плюсквамперфект (араб заманалъул трансгрессив + араб заманалъул кумекалъул фигӀлу) — бихьизабула араб заманалъул цо параялде гьабун лъугӀараб иш яги гьелъул хӀасил (араб заманалдаго): Ахирал соназ эмен захӀматго унтун вукӀана.
  • БачӀунеб баянаб заман (инфинитив + гьанже заманалъул кумекалъул фигӀлу) — бихьизабул иш, жиб бачӀунеб заманалда лъугьине кватӀичӀого лъугьине бугеб (гӀемерисеб букӀуна гьабизе ялъуни лъугьине ккеялъул сипат): Ясалъ ретӀел хисизе буго.

Араб заманалъул формаби гьединго лъугьине бегьула гьанжеселдаса -ан суффиксалъул кумекалдалъун[15]: Дун хонжрокьа хӀинкъулаан.

Модус хисизабизе

  • Индикатив — бичӀчӀизабула процесс реалияб букӀин; хӀалтӀизабула киналниги меххалъулал формабигун: гьабуна, гьабула, гьабила, гьабулеб букӀана, гьабулеб буго, гьабулеб букӀина, гьабун букӀана, гьабуна буго, гьабун букӀина, гьабулаан, гьабизе буго.
  • Субюнктив (-ни) — субйективияб бербалагьудалъун бихьизабула лӀугьине рес бугеб, шартӀияб гьабел: гьабу-ни, вачӀани, хъвани.
  • Ирреалаб субюнктив (пптцп + -ани) — субюнктивалъул тайпа: гьабурабани, вачӀарабани, хъварабани.
  • Концессив (субю + -ги) — бихьизабула кӀалъалесул рекӀел мурадалда, къасдалда, гьабелалда, лӀугьа-бахъиналъул гӀаксалда кколеб жо: гьабуниги, хӀалтӀаниги, хъваниги.
  • Интеррогатив (-ищ) — фигӀлияб ишалъул цӀехей, гьикъи бичӀчӀизабула: гьабунищ, вачӀунищ, хъвалищ.
  • Парафразив (-ин) — хъвалсараб гаруда хӀалтӀизабула: гьабилин, вачӀанин, хъвалин.
  • Императив ( / / / -0) — бичӀчӀизабула тӀалаб гьаби, малъи, гьелъул суффиксал ккола -е, -а: гьаб-е, вачӀ-а, хъвай.
  • Прогьибитив (-ге / -уге / -унге) — гьукъулеб букӀин биччӀизабулеб: гьабуге, вачӀунге, хъваге.
  • Оптатитв (имп + -ги) — гьара-рахьи гьабулеб букӀин, хьами: гьабеги, вачӀаги, хъваги.
  • Гьортатив (инф/фут + -ин) — оптативияб форма: гьабизин, вачӀинин, хъвазин.
  • Ирреалаб оптатив (фут + -ан) — оптативияб форма, шартӀияб цебелъалида хӀалтӀизабулеб: гьабилаан, вачӀинаан, хъвалаан.

Транзитивлъи хисизабизе

Транзитивияб вербалъе букӀине ккола пациенс, жинде тӀаде агенсалъул гьабел кколеб: васас (агенс, акт. и.) кагъат (пациенс) хъвана (гьабел). Вербазда бан букӀуна агенсалъул хӀалатги. Жиб кидаго транзитивияблъун букӀунеб ккола каузативияб форма: гьабизабуна, букӀинабуна, хъвазабуна.

Интранзитивияб вербалъе къваригӀунаро битӀараб тӀадежубай, жибго агенс букӀуна абсолутивалда, гьелдего буссараб букӀуна предикатги: ихх тӀаде щвана. Кидаго интранзитивияллъун букӀуна вербазул фреквентативияб форма: хъвадарана, цӀехолдула цги.

ЦӀиккӀанисел вербазул транзитивлъи букӀин лъазе бегьула императивалда эзул букӀунеб формалда рекъон: суффикс бугел ккола транзитивиял (гьаб-е — гьабизе, те — тезе, къотӀе — къотӀизе), суффикс бугел ккола транзитив-гурел (а — ине, бачӀа — бачӀине, бега — бегизе), хӀо руго гьоркьосарахъабиги: чӀвазе, базе цги.

Финит-гурел формаби хисизабизе

Инфинитив хисизабизе
Масдар хисизабизе
Партицип хисизабизе
Конверб хисизабизе

ТӀадрагӀи (адверб) хисизабизе

ТӀадрагӀиялъ авар мацӀалда баян гьабула фигӀлуялъ бихьизабулеб иш лъугьараб куц, заман, бакӀ ва гьеб лъугьиналъе гӀилла-мурад. Жумлаялда жаниб тӀадрагӀи букӀуна хӀаллъун, ва гьеб хурхараблъун букӀуна предикаталда: жакъа дун цудунго вахъана — гьаниб цудунго абураб тӀадрагӀиялъ бихьизабун буго иш лъугьараб заман, ва гьеб вахъана абураб предикаталда бухьараб буго. ТӀадрагӀиялъе жаваблъун рачӀуна кин?, кибе?, киб?, кисан?, щай?, щиб гӀиллаялъе гӀоло?, щиб мурадалда?, гӀадал суалал.

ТӀадрагӀиялъул рукӀунаро рагӀи хисиялъул формаби, амма авар мацӀалда руго цо-цо тӀадрагӀаби, жидер данде ккезариялъул суффиксал ругел: аскӀо, аскӀо, жани, це-б-е, хаду, гьани ва ц. Чанго бакӀалъул тӀадрагӀи хӀалтӀизабула заманалъул магӀна кьезеги. ГӀемерисел бакӀалъул тӀадрагӀабазул дифференциация гьабула локативалъул, аллативалъул ва аблативалъул формабазде: жани-б, жани-б-е, жани-са.

ГӀуцӀиялъул рахъалъ авар мацӀалда тӀадрагӀаби рикьула кӀиго тӀелалде: асляздеги лъугьараздеги. Аслиял ккола жал цоги каламалъул бутӀаяздаса жал лъугьинчӀел: сон, метер, жакъа, сах, лъикӀ, хъахӀ, берцин ва гь. ц. Гьездехун рекӀинабизе бегьула кутаклъизабулеб бутӀа — -го (сон-го, метер-го). Аслиял тӀадрагӀабаздаса лъугьуна цогидал каламалъул бутӀаби:

  • сифатал: сахаб, лъикӀаб, хъахӀаб, берцинаб;
  • цӀарал: сахлъи, лъикӀлъи, хъахӀлъи, берцинлъи;
  • фигӀлаби: сахълъизе, лъикӀлъизе, хъахӀлъизе, берцинлъизе;
  • сифат-фигӀлаби: сахлъараб — сахлъун; лъикӀлъараб — лъикӀлъун, хъахӀлъараб — хъахӀлъун, берцинлъараб — берцинлъун;

Лъугьарал наречиял ккола жал цоги каламалъул бутӀазабаздасан лъугьарал:

Лъугьуна Лъугьунеб къагӀида Мисал
ЦӀаралдаса
  • кин?
  • кида?
  • кин?
  • -къ суффиксалъул кумекалдалъун
  • -дал суффиксалъул кумекалдалъун
  • -са суффиксалъул кумекалдалъун
  • ретӀел — ратӀликъ; квен — кваникъ; куц — коцокъ
  • рии — риидал; их — ихдал; кьин — кьиндал
  • хьибил — хьибил+са; дегӀен — дегӀен+са
ЦӀарубакӀаздаса
  • киб?
  • кин?
  • суффиксалъул кумекалдалъун
  • -ин суффиксалъул кумекалдалъун
  • доб — доб+а; лъоб — лъоб+а
  • гьаб — гьадин; доб — додин; гъоб — гъодин
РикӀкӀеназдаса
  • кин?
  • -ихъе суффиксалъул кумекалдалъун
  • кӀиго — кӀийхъе; лъабго — лъабихъе
Конвербаздаса
  • кин?
  • -иса суффиксалъул кумекалдалъун
  • -хъе суффиксалъул кумекалдалъун
  • битӀун — битӀуниса; бегун — бегуниса
  • бицун — бицухъе; вижун — вижухъе

МагӀнаялъул рахъалъ авар тӀадрагӀаби рикьула хадусезде:

  • Кинлъи бичӀчӀизабулел тӀадрагӀаби (кин? щиб куцалда?): циндаго, гьартӀан, гьединго, лъикӀ, квеш;
  • Заманалъул тӀадрагӀаби (кида? кидалъагӀан?): сон, жакъа, нолъ, риидал, метер, сезе, лезе, гьанже, кидаго, рогьинегӀан;
  • БакӀалъул тӀадрагӀаби (киб? кибе? кисан?): квараниса, квегӀиса, рикӀкӀад, тӀасан, добасан;
  • Къадаралъул тӀадрагӀаби (кигӀан? кигӀаналъ?): гӀемер, дагь, миркалъ;
  • ГӀилла-мурадалъул тӀадрагӀаби (щай? щибизе?): щайго, чӀалгӀаде, махсараде;

Цо-цо тӀадрагӀаби, сифатал гӀадин, жинсалде балагьун, цолъул яги гӀемерлъул формалде балагьун, хисула, амма тӀадрагӀабазулъ бачӀуна суффикс, сифатазда гӀадин бачӀунаро: хадув, хадуй, хадуб, хадур.

Суал Мисал
кибе? рикӀкӀаде
киса(н)? рикӀкӀадаса(н)
киб? рикӀкӀад
кида? радал
кидаялде? радалалде
кидаялдаса(н)? радалалдаса(н)

Дандраял хисизабизе

Авар мацӀалда дандраял хӀалтӀизарула рагӀаби яги жумлаял дандразе; гьел рикьула чанго тайпаялде:

Дандрай ХӀалтӀизабула Хаслъи Мисал
Цолъизарул
-ги[a] кӀиго рагӀи, ялъуни кӀиго жумла цоцазда бухьинабизе ккола авар мацӀалъул жиндирго букӀараб дандбай; кӀиябго рагӀулъ, я жумлаялъулъ гьеб такрарлъула, ва рагӀуда рекӀун хъвала Вас гьечӀого кавуги хутӀутеги, яс гьечӀого эбелги хутӀутеги (К.)
ва[b] кӀиябго рагӀулъ, я жумлаялъулъ такрарлъуларо, цохӀо нухалъ рехсон букӀуна кӀиябго жиндица бухьун бугеб рагӀулъ; хъвала батӀаго. Гьениб Нажмудиница гьесие къого тумен кьела ва цо лъагӀелалъ бид вахъун балъго Чачаналъе витӀила (ГӀ. Ш.)
жеги[c] Хъвадаро, тӀамач, жеги къаламги хӀажалъула
гьединго ГӀали, МухӀамад, гьединго дун экскурсиялъ ун рукӀинчӀо.
Гьоркьоса бахъиялъул
я кӀиго рагӀи, я кӀиго жумла цоцазда данде кквезе яги гьоркьоса бахъизе кӀиябго цоцазда данде лъолеб рагӀуда цебе лъун такрар гьабула ва батӀа тӀун букӀуна Я нижее, я машинаялъе кӀудияб зарал ккечӀо (Р. хӀ.)
ялъуни Дуца гьеб иш тӀубай, ялъуни тӀаде босуге.
Данде ккунгутӀиялъул дандраял
амма кӀиго рагӀи, я жумла данде ккунгутӀи бихьизабизе Живго жинцаго чӀвазе захӀматаб амру гуро,

Амма яхӀ бугес гӀумру гӀаламалъе цӀунула (цӀ. хӀ.)

Релълъенлъиялъул дандраял
гӀадин цо рагӀи цогиялда релъараб букӀин бихьизабизе жубараб нахъбиллъараб жумлаялъулъ релълъенлъиялъулаб магӀна кьола КвачӀида бахъун чӀараб гьалагаб барти гӀадин, гӀурул лъимер, щай ралъад, мун речӀчӀанхъулеб бугеб? (М. Гъ.)
киниги Чед бортараб таргьа кинигин (К.)
Нахъбилълъиналъул дандраялъулал рагӀаби
щай абуни Жубараб нахъбилълъараб жумлаялъулъ бетӀерабги, гьелда барабги жумла бухьине гӀилла-мурадалъулаб магӀна кьола Метер дарсиде рачӀуне кколаро, щай абуни метер байрам буго.
щай гурелъул Машина бачун бажаруларо, щай гурелъул нухда биццатаб гӀазу буго.
гьелъие гӀоло хӀасил бичӀчӀизабулеб магӀна кьола ГӀиял магӀарде рагъарана, гьелъие гӀоло гӀи тӀобитӀизе гӀолохъаби къватӀир рахъана.
гьединлъидал Микьго тӀубана, гьединлъидал нижги школалде ана.
гьелдалъун Доб мехалъ орденги цӀарги цӀакъ къанагӀатаб ва гьелдалъун къиматаб букӀана (хӀ. Р.)
гьебмехалъ заманияб магӀна бичӀчӀизабулеб магӀна кьола МухӀамадихъе хабар щвана, гьебмехалъ гьев къватӀив вахъана.
гьеб заманалда Дица университет лъугӀизабила, гьебмехалда лъугьина хӀалтӀизе
  1. Авар мацӀалъул жиндиргояб дандбай, гьелъул басриял формабилъун рукӀана -гиму/-гимо, халкъиял кучӀдузулъ жеги дандчӀвалел
  2. Ккола гӀараб мацӀалдаса бачӀараб дандбайлъун.
  3. жеги союзалда хадуб бачӀунеб рагӀуда хадуб гӀемерисеб -ги союзги хъвала.


БутӀаби хисизабизе

БутӀабаз жумлаялда жаниб цо-цо рагӀабазде тӀаде жураялдалъун гьел рагӀабазе батӀи-батӀияб магӀна кьола. Жибго батӀаго босун цониги бутӀа каламалда жаниб хӀалтӀизабуларо, гьелъул жиндирго магӀнаги букӀунаро. гӀемерисел бутӀабаз рагӀабазул магӀна батӀи-батӀияб рахъалдаса кутаклъизе, мухӀканлъизе гьабула. Цо-цо мехалда гьел хӀалтӀизарун рукӀине бегьула суффиксазул бакӀалдаги. Авар мацӀалда гӀемер руго бутӀабазул кумакалдалъун лъугьарал тӀадрагӀаби, рикӀкӀенал, ва гь. ц.: щай — щай-го, кида — кида-го, щуго — щу-цӀул, нусго — нус-цӀул. БутӀабазул кумакалдалъун лъугьуна цӀиял рагӀабиги: масала, фигӀлуялъул суалияб хисизаби форма: босула — босул-ищ, кьола — кьол-ищ. Цо-цо бутӀабаз кӀалъалесул рекӀел асар загьир гьабула; гьелда рекъон рагӀул интонация хисизабизе ккола, логикияб ударение гьеб рагӀуде тӀаде кколедухъ[16]. БутӀабазул тӀелал:

  1. тӀадрагӀабазул магӀна кьолел: -гӀан, -го, -са, -хун, -лъул, -духъ, -лъун, -ги
  2. дандекквеялъул магӀна кьолел: -гӀан, -гӀанаб, -гӀадинаб (гӀадаб), гӀадин, кинигин
  3. къадар бихьизабулел: -гӀан, -го
  4. батӀагьабиялъул: -цин, -ни, -ин, -йин
  5. баян гьечӀолъи бичӀчӀизабулел: -алиго, -ялиго
  6. цадахълъи бихьизабулел: -гун (-гин)
  7. суалиял: -ищ, -йищ, -дай
  8. цитатиял: -ан, -ян, -илан, -йилан
  9. рагӀул магӀна гучлъизабулел: -ин, -йин, -али, -яли, -гӀаги, -го, -цин, -ха, , -щинаб.

Гьел тӀадехун рехсаразде гьорле унарел бутӀаби:

  • -гутӀи (гьечӀолъиялъул магӀна кьола)
  • -лъун (щивлъун? щийлъун? щиблъун? щаллъун? суалазе жаваблъун рачӀунел рагӀабигун хӀалтӀизабула)
  • гӀоло (мурад бихьизабула)
  • хӀакъалъулъ (лъил яги сундул бицунеб бугебали баян гьабула)
  • -хӀа (гьедиялъул форма лъугьине хӀалтӀизабула)
  • -ани (анищалъул магӀна кьола).

ГӀемерисел бутӀаби авар мацӀалда хъвала жал хурхарал рагӀабазда рекӀун, гьеб асасалдаса гьоркьосарахъиял руго хадусел:

  1. ГӀоло, гӀадаб (гӀадинаб). хӀакъалъулӀ, гӀадин, кинигин хъвала ратӀа тӀун.
  2. БитӀараб калам баян гьарулел цитатиял бутӀаби -ан, -ян хъвала тиреялдаса хадур.
  3. илан, йилан ругел бутӀаби хъвала гьел хурхарал рагӀабаздаса дефисаллъги ратӀа гьарун.

ХадурегӀел хисизабизе

Авар мацӀалда буго гӀурабго къадар хадурегӀелазул, гьезул функция — бакӀалъулал гьоркьолъаби рихьизари. ХӀадурегӀелал рукӀуна цӀаразда хадур, ва гьез цӀаразда цадахъ гӀуцӀула цоккураб рагӀабазул дандбай — хадурегӀелалъулаб конструкция, жинда жаниб синтаксиял хурхенал загьир гьарулеб. ИгӀрабиял формабазда цадахъ хадурегӀелаз дагьалъги цӀикӀкӀун загьир гьарула рагӀабазул дандраязул компонентазда гьоркьор ругел манзилалъул, бакӀалъул хурхенал. Мисалале: шагьаралда бугеб музей — гьаниб шагьар рагӀул жинда падежалул кумекалдалъун бичӀчӀизабулеб буго музей шагьаралда жаниб букӀин; цоги мисал: шагьаралда аскӀоб бугеб парк — гьаниб жинда игӀрабалда цадахъ хӀалтӀизабун буго аскӀоб хадурегӀел, гьелъ бичӀчӀизабулеб буго парк шагьаралда жаниб гуреб, аскӀаб букӀин[17]. ХадурегӀелал хӀалтӀизаруларо аллативаздаги аблативаздаги цадахъ, хӀалтӀизарула локативгун ва рихьизарула бакӀалъул игӀрабаз жидецаго рихьизарулел сверухъбакӀалъул гьоркьолъаби.

ХӀадурегӀелал ккола кумекалъул рагӀабилъун, гьединлъидал гьел рагӀабазул дандраязул жалго жидедаго чӀарал бутӀабилун кколаро; гьел рагӀабузул дандраязде гъорлъе ккола гӀицӀго цӀаразда цадахъ цо компонент хӀисабалда.

ХадурегӀелал лъугьун руго батӀи-батӀиял каламалъул бутӀабаздаса:

  • тӀадкаламаздаса: цебе, нахъа, хадуб, тӀад, гъоркь, тӀарада, аскӀоб, рикӀкӀад, гъорлъ, гьоркьоб ва ц.
  • цӀараздаса: хьолбохъ, рагӀалда, бакьулъ, сверухъ, тӀагьиб ва. ц.
  • игӀрабалдаса лъугьун буго сверун хадурегӀел.

ЦохӀо гӀоло ккола гӀицӀго хадурегӀеллъун, хутӀарал хадурегӀелал формабаздалъун тӀадрагӀабазда релълъерал рукӀуна. Гьезда гьоркьоб букӀуна магӀнаялъулаб батӀалъи, хадурегӀелал хурхарал рукӀуна цӀаралъул I сериялъул локативгун: тӀад — ганчӀида тӀад, гъоркь — ганчӀида гъоркь, аскӀоб — ганчӀида аскӀоб, хадуб — гьелдаса хадуб[18]. ТӀадрагӀабилъун ругеб мехалъ гьел рагӀабаз бичӀчӀизабула бакӀалъулаб магӀна, киб? кибе? кисан? абурал суалазе жаваблъунги рачӀуна, цогидал тӀадрагӀаби гӀадин гьел рагӀаби жумлаялда жаниб предикаталда рухьарал рукӀуна.

Жидер семантикаялда рекъон хадурегӀелал рикьула лъабго тайпаялде[19]:

  1. жидеца сундул букӀаниги ориентиралдда хурхараб чӀей бугеб бакӀ бихьизабулел: тӀад, гъоркь, гъорлъ, жаниб ва ц.
  2. жидеца сунда букӀаниги гьоркьоб бугеб манзил бихьизарулел: гӀагарда, рикӀкӀада, аскӀоб ва ц.
  3. жидеца цогидаб жоялде дандеккун сундул букӀаниги багъа-бачари бихьизабулел: эхебе, эхеде, гӀебеде, данде, квегӀиса, квараниса ва ц.

СверухъбакӀалъул магӀна кьолел хадурегӀелазул рукӀуна киналниги бакӀазул игӀрабазул формаби (гьоркьосарахъияллъун ккола буссинабиялъул хадурегӀелал: эхебе, эхеде, гӀебеде, квегӀиса, квараниса). Цо-цо хадурегӀелал игӀрабаздеги сверула, гьезул букӀуна локативазул чӀванкъотӀараб сериязул форамаби; хадурегӀелазул игӀраб бараб букӀуна фигӀлияб семантикаялда, гьего заманалда цӀаралъул форма хисуларо. Жинсияб гӀаламат гъорлъ ругел хадурегӀелал лъабабго жинсалдеги ва гӀемерлъул формаялдеги хисула: аскӀов, аскӀой, аскӀоб, аскӀор.[9]

Гьоркьоберех хисизабизе

Авар мацӀалда гьоркьоберехаз бихьизабула кӀалъалев чиясул батӀи-батӀиял хӀалал ва рекел асарал загьир гьаризе. Цого гьоркьоберехалъ, каламалъул бакӀалде ва гьелъул мурадалде балагьун, батӀи-батӀиял асарал ричӀчӀизаризе бегьула. Масала: огь абураб рагӀи рохел, пашманлъи, тамашалъи, хӀинкъи, рекӀекълъи бичӀчӀизабизе хӀалтӀизабун букӀине бегьула. Гьоркьобрехиязда гъорлъе уна ле, огь, я, ия, ияхӀ, вай, гьа, огьо-гьой, вала-лай, ваба-бай, гьай залин, унго, вахӀ, гьуя, гьая. Горкьорехал рикьула хадусел тайпабазде:

  • батӀи-батӀиял рекӀел асарал: вабабай — гӀузру букӀин, гӀажаиблъи, ия — щаклъи, огь — ургъел, роххи, вай — хӀинкъи, къварилъи, ракӀбуссин, ияхӀ, вахӀ — гӀажаиблъи;
  • цо жоялде гьуси: воре — цӀодорлъи гьаби;
  • хитӀаб: ле — бихьинчиясле, йо — чӀужугӀаданалде;
  • аскӀоре ахӀи (хӀайванал ахӀизе/хъамизе).

Гьоркьоберехазде гьоркьоре уна гьединго алхӀамдули-лагь, шукру Аллагьасе! гӀадал цочӀарал калимабиги. Гьоркьоберахездехун хурхинарула гьединго гаркьазул къагӀидабиги.[20]

Гьоркьорехал рукӀуна гӀадаталги журалралги. Журарал хъвала гьоркьоб хӀучч цӀан (гьа-гьа, ваба-бай). Цоцада хадуб чанго гьоркьоберех хъван бугони, гьезда гьоркьоб рачӀ-тӀанкӀ (лъалхъул ишара) лъола. Горкьоберехазда хадур хӀалтӀизарун ругони бутӀаби, гьел гьоркьоберехгун рекӀун хъвала (унхале, огьха).[9]

РагӀи лъугьин хисизабизе

Авар мацӀалда раги лъугьунеб къагӀидаялде гъорлъе уна морфологияб, рагьарал хиси (аблаут), сифатазул ва сифат-фигӀлабазул субстантивация, рагӀиккун буссинаби,[21] рехсон буго гьединго метатония, жиб цо-цо рагӀабазулъ гурони данде чӀвалареб.[22] Суффиксация буго бищун гӀемер дандчӀвалеб рагӀи лъугьиналъул къагӀида; цӀарал лъугьиналъул бищун кӀвар бугеблъун рикӀкӀуна аслу жубай[23].

Аслиял суффиксазде гьоркьоре уна:

  • цӀарулал суффиксал, жидеца персоналияб магӀнадул рагӀаби лъугьинарулел: -гьан (гьобо — гьаби-гьан), -ко (вац — ваца-ко), -хъан (хъвадари — хъвадару-хъан, хӀалтӀи — хӀалтӀу-хъан), -чи (илхъи — илхъи-чи, хъулухъ — хъулухъ-чи, гӀолохъан-чи); чӀужуялъул жинсалъе хӀалтӀизабула суффикс -чӀужу: гӀолохъан-чӀужу, хъулухъ-чӀужу;
  • экспрессивиял магӀна бугел рагӀаби лъугьинарулел: (тӀехӀ — тӀохӀо-к, чӀехӀ — чӀохӀо-к), (хӀинкъи — хӀинкъу-ч);
  • абстрактивиял цӀарал лъугьинарулел (цӀаразул, къокъал сифатазул ва тӀадрагӀабазул битӀараб аслуялдаса): -лъи (бакъ — бакъ-лъи, гьобол — гьобол-лъи, цо — цо-лъи).
  • цогидал цӀарал лъугьинарулел: -(р)ко (къед — къада-ко, гъветӀ — гъотӀор-кӀо), кӀо (яс — яси-кӀо).
  • цӀарулал суффиксал, жидеца батӀи-батӀияб предметиял магӀнаби кьолел: -ел/-ен (инфинитиваздаса; ретӀине — ретӀел, хвезе — хвел, рикӀкӀине — рикӀкӀен), -ро (фигӀлабаздаса алатазул цӀарал лъугьинабизе: хъухъадизе — хъухъади-ро, борлъизе — борлъа-ро, гьищтӀизе — гьещтӀе-ро),[24] -ло (фигӀлабаздаса алатазул цӀарал лъугьинабизе: кӀерезе — кӀеле-ро, гиризе — гере-ло; цӀараздаса: сума-ло).[25]
  • сифатал лъугьинарулел суффиксал: -а-/-я-, -ия- (лъугьуна аслияб яги хаслъул игӀрабалда бугеб царалдаса, цӀарубакӀаздаса ялъуни тӀадрагӀабазул къокъал формабазул: жага — жага-ду-л-а(б), гьереси — гьереси-я(б), гӀелму — гӀелм-ия(б)/гӀелму-я(б)[26]), -се-/-исе- (тӀадрагӀабаздаса: жакъа — жакъа-се-б, метер — метери-се-б, гӀадада — гӀадада-се-б), -укъ- (цӀараздаса: гӀин — гӀинз-укъ-аб, нах — нах-укъ-аб, суффиксалъ кьола гьечӀолъиялъул магӀна).

Авар мацӀалда буго рагӀи хисулеб конверсиялъулаб форма, гьеб бихьизабун букӀуна лексемаздалъун: гӀалилав, бахӀарай, рекӀарав. Гьеб ккола тӀубараб субстантивация, амма гьеб гуребги дандчӀвала тӀубараб гуреб ва окказиалияб субстантивация.[27]

Синтаксисгун-морфологияб къагӀидаялдалда лъугьуна жубураб рагӀи, ай кӀиго рагӀи тӀатӀалде жубан. Гьединал журарал рагӀабазул авар мацӀалда буго 30-гӀанасеб тайпа; гьезда гъорлъ:

  • ЦӀарал лъугьунел:
    • асл. цӀар + асл. цӀар: гъалбацӀ (гъал+бацӀ), варанихӀинч
    • хъва. цӀар + асл. цӀар: гьакибер (гоко>гьакил — хас. и.), гъадиражи (гъеду>гъадил + ражи);
    • сиф. + цӀар: беццабакь (беццаб + бакь);
    • рикӀкӀ. + цӀар: ичӀгьод (ичӀго + гьод);
    • тӀадр. + цӀар: тӀадрагӀи (тӀад + рагӀи), нахъарукъ (нахъа + рукъ).
    • фигӀ. (с-фигӀ.) + цӀар: цӀурачед (цӀураб + чед);
    • цӀар + фигӀ. (аслу): гӀакълугьечӀ (гӀакълу + гьечӀо);
  • Сифатал лъугьунел:
    • цӀар + сиф.: лахӀчӀегӀераб (лахӀ + чӀегӀераб);
    • сиф. + сиф.: бецӀбагӀурччинаб (бецӀаб + гӀурчӀинаб);
    • рикӀкӀ. + цӀар: ункъбокӀонаб (ункъго + бокӀон);
  • ФигӀлаби лъугьунел:
    • тӀадр. + фигӀ.: тӀадкъазе (тӀад + къазе);
    • цӀар + фигӀ.: гӀинтӀамизе (гӀин + тӀамизе).

Гьел цере рехсарал гурелиги руго рагӀаби лъугьунел къагӀидаби: семантикиял рахъалъ гӀагар рагӀаби журан лъугьарал фигӀлаби лъугьинари, рагьарал гьаркьал хиси (рикӀкӀин — рикӀкӀен, квин — квен) ва калькирование — батӀиял мацӀазул рагӀаби авар мацӀалде рагӀиккун руссинаби: маххул нух (гӀур. 'железная дорога'), цеберагӀи (гӀур. 'предисловие')[28].

  1. 1,0 1,1 «Аварский язык», Михаил Алексеев, Борис Атаев, Москва, 1997
  2. Anderson, Stephen. Where's Morphology? // Linguistic Ӏnquiry. — 1982. — № 13. — P. 571–612.
  3. Oxford 2020, p. 248.
  4. арский язык. Морфология, категория числа. Атаев, Алексеевв
  5. Атаевасул ва Алексеевасул Авар мацӀалда гьединго рехсон буго гьаб аффикс продуктивияб букӀиналъ, гьалъ ахиралда бугел рагӀабазулги лъугьинарулин гӀемерлъул форма абун: маргьа — маргьаби, къункъра — къунр-аби, ракета — ракет-аби
  6. Сулеманов. 1985
  7. Конструкция буго номинатив-абсолютив, «бацӀги церги» — кӀиябго цӀар, субъектал (агенсал) — буго номинативалда, «давла» — объект (пациенс) буго абсолютивалда.
  8. арский язык. Категория падежа. Атаев, Алексеевв
  9. 9,0 9,1 9,2 9,3 9,4 Авар мацӀ. М.-С. СагӀидов
  10. Oxford 2020, p. 266.
  11. Оксфорд 2020, p. 251.
  12. Окфорд 2020, p. 252.
  13. Окфорд 2020, p. 253.
  14. Оксфорд 2020, p. 254.
  15. Аварский язык. (Михаил Алексеев, Борис Атаев)
  16. Авар мацӀ (М.-С. СагӀидов)
  17. Магомедов М. И. Выражение пространственных отношений превербно-послеложными словосочета­ниями в аварском языке // Выражение пространственных отношений в языках Дагестана. Махачкала, 1990. С. 286.
  18. Аварский язык. Атаев, Алексеев.
  19. Маллаева З. М. Система временных и пространственных отношений в аварском языке: автореф. дис. … канд. филол. наук. Тбилиси, 1989. С. 19.
  20. Аварский язык. Атавев, Алексеев
  21. Мадиева 1981: 56
  22. Алиханов 1994: 5
  23. Г. И. Мадиевалда рекъон.
  24. Микаилов 1965
  25. Алиханов 1994
  26. гьединго цогидал суффиксабигун, хасал магӀнаби кьезе
  27. [см. Алиханов 1994: 16].
  28. Аварский язык (Мадиева)