Астраномия (н.-грек ἄστρον — «цӏва» + н.-грек νόμος — «закон») — зобалазул объектазул ва гьезул системаязул хьвадиялъул, гIуцIиялъул ва хиса-басиялъул хIакъалъулъ бицунеб гIелму, тIубараб (кинабго) дунялалде щвезегIан. Масъала, астрономиялъ лъазарула Бакъ, Бакъулаб системаялъул планетаби ва гьезул спутникал, астероидал, "рачIхалатал цIваби" (каметаби), рортулел цIваби - метеорал, цIваби ва гьезул системаби, цIвабзазда гьоркьоб бугеб хIур ва газ, туманностал, галактикаби ва гьезул группаби (скопления), нейтроназул цIваби, "чIегIерал картIал" (гIурус мацIалда - чёрные дыры) ва гь.ц.

"Хаббл" абураб космосалъулаб телескопалъ бахъараб Крабалъул хьухьлъиялъул (Крабгӏанаб хьухьлъи) сурат.

РагIи лъугьин

хисизабизе

ГIурус мацIалъул астрономия абураб рагIи лъугьун буго грек мацIалъул кIиго рагIудасан: αστρον (астрон) - "цIва" ва νομοσ (номос) - "закон", ва гьеб буссинабизе бегьула "цIвабзазул законазул гIелму" абураб магIнаялда. ГIараб мацIалда гьелде абула علم الفلك - гIилмул-фалак, ай "зобалазул (законазул) гIелму".

Астрономиялъул гIуцIи

хисизабизе

Астрономия бикьула чанго цоцада хурхараб бутIаялде. Гьезда гьоркьоса аслиял бутIабилъун ккола:

- фундаменталияб астрометрия
- радиоастрономия
- сферическая астрономия;

  • Теоретикияб астрономия;
  • Зобалазул механика.

Гьеб лъабабго бутIаялде абула классикияб астрономияйилан.

Гьел гурелги, цогиял бутIаби ккола хадусел:

а) практикияб (халгьабиялъул) астрофизика
б) теоретикияб астрофизика;

Астрономиялъул халгьабиялъул алатал

хисизабизе
  • Астрометрия:

- Созвездияби (чанго цIваялдасан гIуцIарал фигураби)
- Зодил сфера
- Зодил координатазул системаби
- Заман;

  • Зобалазул механика;
  • Астрофизика:

- цIвабзазул эволюция
- нейтроназул цIваби ва "чIегIерал картIал";

  • Галактикаби:

- нилъер Галактика (гIурус: Млечный Путь)
- галактикабазул гIуцIи
- галактикабазул эволюция;

  • Космология:

- гIурус: красное смещение
- гIурус: реликтовое излучение
- КIудияб кьвагьиялъул (гIурус: Большой взрыв) теория
- БецIаб (бахчараб) вещество
- БецIаб энергия;

  • Советский энциклопедический словарь, изд. 2-е. М.: Советская энциклопедия, 1982.